МагъчIваялъе рес

"Платоналде" дандечIаразе полициялъ тIадецуй гьабулеб буго


Москваялда "Платоналде" данде акциячагIи
Москваялда "Платоналде" данде акциячагIи

Россиялъул ва гьездаго цадахъ Дагъистаналъулги гьокочагIаз данде цIидасан байбихьун буго дандечIеялъул акция.

Россиялъул ва гьездаго цадахъ Дагъистаналъулги гьокочагIаз данде гьал къоязда цIидасан байбихьун буго дандечIеялъул акция. «Платон» системаялде рахъаразул МахIачхъалаялда 300 чи вугин, амма республикаялда гьезул къадар азаридаса ун батизеги бегьулин абурал баянал кьолел руго акциячагIазул лидераз. Гьез бицухъе, гьезде къуваталъул идарабазул рахъалдасан гьабулеб тIадецуйги лъугIулеб гьечIо.

Россиялъул 43 батIияб регионалдаса рикIкIаде хьвадулел, юк баччулел автомобилал рачунез гIахьаллъи гьабулеб бугила «Платон» системаялде данде тIобитIулеб акциялдайилан лъазабулеб буго гьел шоферзабазул гIуцIиязул церехъабаз. Россиялда гьеб «Платоналде» данде акция 2015 соналъул ноябралда байбихьун, моцIидасаги цIикIкIун халатги бахъун лъагIалил ахиралда заманалъ гьоркьоб къотIизе тун букIана. Ц1идасан гьеб 20 февралалда байбихьана.

Чан чияс гьел тадбиразулъ гIахьаллъи гьабулеб бугебали мухIканго лъаларила, амма гьезул къадар чанго анцIго азарго чиясдаса цIикIкIун бугин абулеб буго гьел лидераз. Гьезул рахъккун «Платоналде» дандечIеялъулъ гIахьаллъи дагъистаналдаса бищун дагьалдаса босун 300 чи шоферас гьабулеб бугин, амма гьезул къадар азаргоялдасаги цIцIикIкIун батизегицин бегьулин абулеб буго Дагъистаналъул рикIкIаде хьвадулел гIемеркъайи баччулел автомобилалрачунезул ассоциациялъул бетIер МаламухIамадов Рустамица. Гьес «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда баян гьабуна гьеб «Платоналде» дандечIаразул данделъиялда жидеца къотIи гьабун букIанила церегIадин нухазда чIун бакI-бакIазде ракIарун гуреб, хIалтIизе рахъинчIолъиялдалъун протест лъазабизе. Рокъо-рокъор рукIун хIалтIизе рахъинчIого чIарал ругила, къайидал цIезе ун рачIинел рукIун нуха чIун ругила цо-цоял, цойги дагъистаналъул шоферзаби Москваялда, Ростовалда Волгоградалда ругел жидерго пишацоязда аскIор чIун ругила гьеб акциялъулъ гIахьаллъулел, гьединлъидал мухIканго чан дагъистаналъул шоферас гьеб протесталъул рахъкколеб бугебали лъазабизе захIмалъулеб бугин бицана гьес.

Гьединго МаламухIамадовас бицана 20 февралалда «Платоналде» данде акция байбихьун хадуб щиб кин гьабилебали дандбазе Хасавюрталда ракIарун рукIаралъуса полициялъ ккурал шоферзабиги гьезул церехъабиги риччан ругила, амма жеги-жеги гьезде гьабулеб тIадецуй лъугIулеб гьечIилан.

МаламухIамадов Рустам:«Гьел полициялъ ккурални добго къоялъ риччана къватIире. Щайин гьел ккун рукIарал, гьез бегьулареб жо щибниги гьабулеб букIинчIин абун нижеца ахIи бахъинабидал риччан тана гьел. Гьеб гурониги гьезде гIунтIизабизе гIайиб букIинчIеблъидал, данделъиялде рачIин гурони. ГIадамал хIинкъизаризе, гьел нахъекъазаризелъун гьарулел руго полициялъ гьел тадбирал. Нижеца щибниги къанунги хвезабичIо, гьел нижеде тIаделъизе ккани къануналда рекъон гьелъие щибниги гIиллаги гьечIо. Нижер гьеб политикаялда хурхараб акцияги гуро, гьеб буго бацIцIун экономикияб суал. Гьединго нижеца цIунулел руго жамгIияталъул ихтиярал. Диеги хIинкъаби кьолел рукIана полициялъулаз, мун сунда гъунила вугев, щибила дуе къваригIун бугебила жидеца гIодове вуссинавизе вугин мунилан абун рукIана гьел. Дица гьездаги абуна дица щибниги къанун хвезабулеб гьечIин, бегьулареб иш-пишаги гьечIин, дун гьеб ассоциациялъул цевехъанлъунги халкъалъ вищарав чи вугилан. Гьеб мехалдаги гьез дида лъазабуна дур хIалтIи гьечIин тейила, дуе тIокIаб киданиги хIалтIизе рес кьезе гьечIила жидецайилан. Гьеб гурониги нуж экстремистал гIадал чагIи ругила, нужеца гьабулеб жоги экстремизм букIин чIезабизе захIматаб жо гурилан абуна гьез дида».

Жиндие гурониги цойги щибаб мухъазда жидер церехъабаздеги гьебго тIадецуй гьабун, хIинкъалаби кьун хIалтIуе квалквал гьабулеб бугила низам цIунулезиланги тIадежубана Рустамица. Гьединго гьес баян гьабуна «Платоналде» данде багъаризабураб гьеб акция 1 марталдалъагIан халат бахъине бугин. Гьеб заманалде щвезегIан тIалъиялъ системаги нахъе бахъун жидер тIалабал тIуразаричIони цIидасанги гьединалго акциял ва цойгидал протесталъулал тадбирал тIоритIизе ругилан. Гьеб ишалъул жидее бокьараб хIасил ккезабизегIан жал гIодоре риччазе гьечIилан лъазабуна гьес «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда.

ТIоцебе «Платон» системаялъ цо километр таралъухъ автомобилазухъа 3,73 кепекги тIалаб гьабулеб букIана. Гьелдаса разигьечIолъи гIемерлъидал гьеб 2016 соналъул 29 февралалдалъагIан цо гъурущги, 53 кепкидеги ккезабун букIана. Гьелдаса хадуб 2018 соналъул декабралдалъагIан гьеб лъабго гъурущги анлъго кепекалдеги бахинабулеб буго. Гьебщинаб гIарацги кьун хIалтIун жидее щибниги хайир гьечIила гьеб гIарацги нухал къачIазейиланги бакIарун хасал чагIазул чунтбузухъе унеб бугин абун разигьечIолъи буго гьеб протесталъул гIахьалчагIазул.

АрбагI къоялда Санкт-Петербургалъул диванханаялъ хал гьабизе буго "Платоналде" данде акция гьабураб щуго чиясул ишалъул.

XS
SM
MD
LG