МагъчIваялъе рес

Платон: ниж какулел патриотал гуро


Москва, 4Дек2015
Москва, 4Дек2015

Москваялда аслиял шагьрабазул цояб къана 4 декабралда КамАЗазул бетIергьабаз. Радалго букIана хабар полициялъ гьел гьениса нахъе гъун ругилан. Гьеб акциялда гIахьаллъун руго тIубараб Россиялдасаго камазчагIи. Гьел рази гьечIо нахъа тараб км рикIкIун лъабго гъурущ тIад лъезехъин букIиналда.

4 декабралъул къалъуда баянлъана гьеб акция букIине кколеб куцалда тIобитIизе 6 декабралде щвезегIан нахъбахъулеб букIинги. Жеги тIаде щун гьечIин Дагъистаналдаса камазчагIиян лъазабуна прессаялъе Россиялъул автомобилистазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев Александр Котовас.

Нухазда полициялъ квалквалал гьарулел рукIун Дагъистаналдаса камазчагIи Москваялде ун руго гьитIинал машинабазда. Гьединго камазчагIазул цо къокъаялъ вакил гьарун ритIун руго чанго чиги. Гьединан биц ЭР-ялъе КамАЗазул бетIергьан МухIамад ГIалиевас. 4 декабралда гьев Москваялдаса Дагъистаналде вачIунев нухда вукIана.

МухIамад ГIалиев: «Нижеца киназго гIарацги бакIарун 9-10 чи вихьизавун вукIана эниве инеян. Нухда харжал къваригIинарищха гьезие».

ЭР: «Нухазда квекIенал гьарулел ругин камазчагIазейин рагIана…».

МухIамад ГIалиев: «РукIана. МахIачхъалаялъулги Гъизляралъулги постазда чIезарун, тIадруссинарулел рукIана Москваялде унел чагIи. Хасго чIорого унел камазистал. Амма цIун унев вугониги, дихъеги кьун букIана кагъат нагагь Москваялда акциялда гIахьаллъани, I0 сордо-къоялъ жанив тIамизе вугилан абураб. Касумкенталдаса «Рычал-Су» лъимги баччун уна дун Москваялде. Гьедин гьелъул цIун унев дихъеги кьуна полициялъ гьединаб кагъат».

ЭР: «Киназухъего кьун ратила гьез гьел?»

МухIамад ГIалиев: «У, Дагъистаналдасан унелщинал камазчагIазухъе кьолеб букIана гьез гьеб кагъат. Гьединго гьанире Москваялде щведалги байбихьана полициялъ цIехезе щай, кире унел чагIи нужилан. Ниж нижерго къайиги босун унел ругин, гьалейин нижер кагъатгиян абунаха. ПалхIасил, чIорого унел КамАЗал риччачIо. Техпаспорталги нахъе росун, гъора Гъизляралъул кIалтIа чIезаруна».

ЭР: «Ниж Манасалда букIараб акциялъул чагIигун кIалъана. Гъоз абулеб бугоан жидецани гьабулеб бугила гьаб акция, амма щакаб бугила гьадаб «Платоналдаса» инкар гьаби».

МухIамад ГIалиев: «Дун кIалъана гьанир гIурус камазчагIигун. Гьез абулеб бугоанха жидеда кколеб бугила ахирги хвезабилин Россиялда гьеб система, гьелдаса инкар гьабилилан. Жидеца гьабсагIаталда кьолеб бугила тIад лъураб куцалда гьеб 3 гъурущ (цо км рикIкIун). Амма жидеда кколеб бугила халкъалъул хал бихьизе гIадин ургъараб жо батилин гьеб, камазчагIи разилъулищ гьелдаяли лъазе. Нагагьлъун гьеб билълъанхъизабизе кIванани, гIисинал машинабаздагицин лъезеги рес бугила гьединабго магъало».

Гьеб акциялъул гIахьалчи Тимур МухIамадовасги гьадин тIаде жубана ЭР-ялъе.

Тимур МухIамадов: «Нижее бокьун гьечIо гьаб суал хIаталдаса ун хIалуцинабизе, гьелда сверухъ цо-цо чагIаз политика хIазе. Нижее бокьун буго гIицIго нижеца бицунеб жо рагIизе. Гьединго бокьун буго гьеб «Платон» щибали бичIчIизабулев чи ватизе. Щай гьеб бакIлъи нижер горбода бухьарабали бичIчIизабулев чи ватизе. Гьеб «Платоналъ» ахир-къадги къоно чIвазе буго нижедаги нужедаги! ХIисаб гьабе гьелъул гьанжего! Гьелъул хIисаб щай гьадал тIадехун ругел идарабаз гьабулареб? Ниж руго кисандай кваназе чед балагьилайин къватIире рахъунел чагIи. Сундуе гIоло нижеда тIад гьеб михир бачунеб бугеб? Кумек гьабе нижее! Кумек гьабизе бажарулеб батичIони, квалквалгIаги гьабуге!

КамазчагIаз нухал хвезарулел ругин гIайибал чIвала. Гьединлъидал нижеца хвезарурал нухал къачIазе бакIарулеб бугин «Платоналъ» гьеб гIарацилан харбал рицунел руго. Гьереси буго гьеб! ХIакимзабаз жидецаго тIокI гьабулеб буго нухал гьаризе пачалихъалъ биччараб гIарац! РукIине кколеб куцалда гьарулелани, тIетIелароан гурищ гьездаса хъил? Бокьун бугищ нижеда тIад тIадеги магъало лъезе? Гьедин батани, рукIалиде раче шагьранухал. Гьеб мехалъ нижееги лъикI букIина – тIутIу-хъу-хъурал нухаздасан дванкезабун машинагун инаро нижги. Гьел нухаздаса хадур кьолболъа рахъун, хвезе, нухдаго гъенезе лъугьуна нижер машинаби!».

«Платон» системаялда данде чIей патриотизм кколарин лъазабуна ЭР-ялъе МахIачхъалаялда бугеб гьеб системаялъул вакилзабаз. Нуж киналгоги КамАЗазул бетIергьабазул рахъги ккун, жидеда данде хIалтIулел ругила. ПалхIасил, гьез инкар гьабуна жидерго нухмалъулев телефон кьезеги, гьев унтун вугила, итни къоялъ рачIайилан хабар къокъ гьабуна.

Дов цевехун бицен гьабурав Россиялъул автомобилистазул махщалилав цолъиялъул нухмалъулев Александр Котовас 4 декабралда лъазабуна жидеца хIадурун бугин «Платон» системаялдаса инкар гьабизе кколин, гурони гьелъ Россиялъул жамгIияталда хIалуцин лъугьине бугилан Пачалихъияб Думаялде хъвараб документ.

XS
SM
MD
LG