ХIакимлъуда бугеб «Единая Россия» абулеб партиялъул хиял буго рукIинесел регионалиял рищиязда «паровозалъул» къагIидаялъ губернаторал хъулухъалде рачине. Ай, партиязул сияхIазул бетIерлъуда машгьурал политиказул цIарал тIамизе. Гьединаб практика какулеб букIана оппозициялъ гуребги, тохалчагIазги, прессаялъги. Регионалиял рищиял Россиялда тIоритIила 18 сентябралда.