МагъчIваялъе рес

Къуркьуларей Хадижат


Журналистикияб цIех-рех гьабулей ИсмагIилова Хадижат цIар арай мухбирлъун яхъана коррупциялъул хIакъалъулъ макъалаби хъван хадуб. Гьелъ какулеб букIана Азербайжаналъул тIадегIанаб тIалъи, гьелде ришватчилъиялъул гIайибал гIунтIизарулаго. Хасго гьеб сабаблъун тIадтараз кIудияб хIаракат бахъана гьелъул къадру хвезабизе, балъгояб къагIидаялъ батIи-батIиял видеохъвай-хъвагIаял гьарун.

Хадижат ИсмагIилова ккола RFE/RL- радиостанциялъул Азербайжан сервисалъул («Азадлык» радиоялъул) мухбир. ТIадтаразе бокьилаан гьелде гIунтIизабизе ватIаналъе хияналъи гьабиялъул гIайиб. Гьеб гуребги, Хадижат гIайибияйлъун рикIкIула магъало кьунгутIиялда, бугьтан гьабиялда ва къануналде данде кколареб къагIидаялда бизнес бачиналда бан.

Гьале 7 моцI тIубалеб буго Хадижат ИсмагIилдова туснахъалде тIамуралдаса. Гьелъ абулеб буго жинде гIунтIизарулел щинал гIайибазул политикияб кьучI бугин.

ИсмагIилова какулеб буго живго Азербайжаналъул президент ГIалиев ИльхIам ва гьесул гIага-божарал. Гьелъул хIакъалъулъ гьелъ хъварал макъалаби «Азадлык» радиоялъул эфиралде риччан рукIана. Гьединго гьел загьирарун руго интернет-сайталдаги.

Аслияб къагIидаялъ бицен унеб буго хъулухъал гьарулел батIи-батIиял пачалихъиял идарабазул приватизациялъул. Масала AZAL абулеб пачалихъияблъун букIараб авиакомпаниялъул. Гьеб иш гьабун бугин пачалихъияб мул-малкалъул Комитеталъул конкурс тIобитIичIого, ян тIатинабун букIана Хадижатица.

Коррупциялъул гIемерал хIужаби Хадижатица тIатинаруна рукъзал баялъул, телекоммуникациялъул сферабздаги. Гьелъул цIех-рех гьабун буго Радио Радио Эркенаб Европа-Радио Либертиялъул мухбирзабазги Цебеккунго ургъун гIуцIараб криминалалъул ва коррупциялъул цIех-рех гьабулеб къукъаялъги (OCCRP).

Гьелъул редактор Дрю Салливаница гьадинаб абулеб буго Хадижат ИсмагIиловалъул хIаракатчилъиялъе.

Дрю Салливан: «Гьей яхъана тIоцеесей журналистлъун ГIалиевасул хъизам-кулпаталъул ишазул хIакъалъулъ бицен гьабурай. ХIукуматалъ нахъ чIвалеб буго гьелъ рехсараб щинаб хIужа. Амма гьелъ чIван къотIарал далилал рачана.

Ва дида ккола гьеб кIвар кIудияб иш бугин. Щайин абуни гьелъ маргьабазда релъараб хIукуматалъул пропаганда биххизабуна. ХIадижатил хIаракатчилъиялъул эффект якъинго бихьула хIукуматалъул реакциялде балагьулаго».

Салливаница абулеб буго ХIадижатида байбихьудасанго лъалаан кигIан кIудияб хIинкъи букIине рес бугин, амма гьелда балагьичIого гьелъ бихьизабуна жиндирго бахIарчилъи ва журналистикияб тавакаллъи.

Дрю Салливан: «Гьелда лъалаан Азербайжаналъул хIукумат хIалтIулеб куц. Ва гьелда лъалаан цебеккунго ургъун гIуцIараб такъсирчилъи гьабулеб гьел гIадамазул гIамал-хасият.

Гьел руго ццидалал гIадамал, жидерго нухда ругел квалквалал хIехьоларел. БукIа гьеб политикияб оппозиционияб партия, букIа цогидаб. ПалхIасил, ХIадижатида цебеккунго лъалаан жий жание тIамизе бегьулеблъи. Ва гьеб буго унго-унгояб бахIарчилъи».

2012 соналъул март моцIалда Хадижатихъе анонимияб кагъат щвана. Конверталда жаниб сурат лъун букIана гьелъул напсияб гIумрудул цо-цо хIужаби рихьизарулеб. Кагътида гьадинаб тIалаб букIун буго - дуца дур иш течIони, гьал суратал интернеталда загьираризе руго.

Амма Хадижатица гьеб шантажалде балагьичIого хIалтIул халат бахъулаан. Цо сон ун хадуб цIиял суратал загьирарун рукIана интернеталда. Гьелъулги хIасил ккечIо. Ахир-къад Хадижатиде гIунтIизабун букIана пачалихъияб балъголъи Америкалъул Цолъарал Штатазул пайдаялъе рагьиялъул гIайиб. 2014 соналъул 5 декабрялда гьей туснахъалде тIамун йигоан.

XS
SM
MD
LG