МагъчIваялъе рес

Мадугьалзабазе кумек буюри кьун гуреб гьабулеб


Ахирисел баяназда рекъон тIабигIияб балагьалъул хIасилалда хваразул къадар кколеб рагIула 15 чи, зарал ккун буго 37 чиясе, гьездаса гъорлъан лъабгояв вегизавун вуго азарханаялда. Жив киве ккаравалил лъачIого тIагIаравлъун рикIкIунев вуго 20 чи.

Гьарзаял цIадазе гIоло Тбилисиялъул бакьулъа унеб Вере гIоралъул лъин кIанцIиялъул хIасилалда лъеца цIун руго нухал ва къватIал, зарал ккун буго шагьаралъул инфраструктураялъул объектазе. ТIад тIох гьечIого ва тIоцебесеб къварагIелалъул ресал гьечIого хутIун буго 50-ялдасаги цIикIкIун хъизан. Улкаялъул гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул ва цогидал хъулухъаз гIамал гьабулеб буго балагьалде ккарал гIадамазе кумек гьабизе.

Балагь ккун буго шагьаралъул зоопаркалъеги. Чанги хIайванал гьенир гIанкъун руго, цо-цоял къватIире рорчIун рукIун кквезе щун руго. Ккун бажаричIел, шагьаралда сверулел рукIарал цо-цо хIайванал чIвазеги ккун руго.

​БатIи-батIиял пачалихъаз гуманитарияб кумек битIун буго гуржиязе, гьединго цIакъ гIемерал улкабаздаса зоопарказ лъазабун буго бокьараб мехалда жал хIадур ругин гьел хIайваназе кумек гьабизейилан. Гьединаб ахIвал-хIал бихьарал ва хIайванал хвасар гьариялъул хIалбихьи бугел Прагаялъул зоопаркалъул хIалтIухъабаз тIаде босун буго гьаб сагIат гьел хIайваназул тIалаб гьабиялъул иш.

Тифлисалда къварилъи ккун лъабабилеб къо ине бугониги Россиялъул рахъалдасан гьенибе кинаб букIаниги кумек битIун гьечIо.

Грузиялдаса рикIкIадги бугеб, бечедгоги бугеб Крымалъе гъоб хIалалъ кумек гьабулеб букIараб дагъистаналъул нухмалъиги буцIцIухIун чIун буго.

ЧанцIулго Крымалъе Дагъистаналдаса гуманитарияб кумек босун ун вукIарав республикаялъул бетIерасул администрациялъул коррупциялде данде къеркьолеб бутIаялъул нухмалъулев ГIалиев ГIалибегица «Экренлъи» радиоялъе бицана гьаб сагIат Дагъистаналдасан Гуржиялъе кинабгIаги кумек ине гьечIилан, тIалъиялъ гьелъул рахъалъан жеги кинабгIаги тIадкъайги кьун гьечIилан.

БатIи-батIиял рахIму-цIобалъул акциял тIоритIулев журналист ГIалиев Нурланица «Эркенлъи» радиоялъе республикаялъул рахIму-цIобалъул фондазги гуржиязе кумек гьабиялъул иш багъаризабун гьечIилан. Россиялъулги Грузиялъулги сиясатиял гьоркьолъабазе гIоло батилила дагъистанияз гьеб кумек гьабиялъул суал борхичIебилан рикIкIунеб буго гьес.

ГIалиев Нурлан: «Гуржиязе кумек гьабун жо-жо бакIаризе захIмалъилароан, гьезулгун ругел гьоркьолъабазе гIоло гьеб бакIарарабщинабги босун доре ун бажариларо. Кумек гьабизе ине ккелин, гьелъие гIадамалги ракIаризе ккелин абун гьеб къварилъи ккараб къоялъго ракIалде ккун букIан дида. Крымалъе кумек гьаби гьебги букIана сиясатияб суал, хIажалъиялъул бицани, гьеб кумек Крымалдасаги, чанцIулго нух цIикIкIун, цойгидал Россиялъул регионазе къваригIун букIана. Амма доб заманалъги гьаб сагIатги Крым бугоха цебеккун. Киса-кибего бугеб сиясаталъ хвезабун буго кинабго. Гуржиязги гьанже Россиялъухъан кумек къабул гьабилищин абураб суалги буго. Нилъер пачалихъазда гьоркьоб гьединал захIматал гьоркьоблъаби рукIиналъ чIун ратила гIадамалги кумек гьабичIого».

Адвокат ва блогер Къадиев Расулица абулеб буго жиндица блогалда гуржиязе кумек гьабизе ккелин абун хъвараб мехалда гьелъул рахъккунила гIемерисел гIадатиял гIадамаз, амма тIалъиялъул рахъалдасан кинабгIаги багъа-бачари гьечIилан.

Къадиев Расул: «ГIадамални кумек гьабизе хIадурун руго, амма гьениб халказдагьоркьосел, пачалихъазул гьоркьолъабазул суалал рачIунел руго. Халкъазда гьоркьосел рахIму-цIобалъул фондазгIаги банкалъул счетги рагьун гьенибе гIарац битIун кумек гьабизе рес щвеялде гурони, нилъеразде хьулго гьечIо дир. Сиясат кинаб букIаниги гIадатиял гIадамазда тIадаб буго тIалъи багъаризабизе, гьединаб къо ккараб мехалда кумек гьабизе тIамизе. Бащадаб Дагъистан уна Грузиялде хIухьбахъи гьабизе, киналго рукIуна гьеб беццулел. Гьеб гурониги нилъер чанги гIадамалги руго гьенир гIумру гьабун гьединлъидал цо гуманитарияб кумекалъул цIун автомобиль битIизабизе ккола республикаялъул нухмалъиялда, тIокIаб жо гьечIони официалияб къагIидаялъ гьезул халкъалда зигарагIаги базе ккеларищ».

Дагъистаниял гIадин, тIалъиялъул буюриялъухъ балагьун чIечIого, гъалгъаязул блогераз жидецаго рагьун буго гуржиязе кумекалъе гIарац бакIарулеб счет. Блогер Мусса Бекмурзиевас «Эркенлъи» радиоялъе бицана жал сундухъниги балагьичIого гьезие кумекалъе ине ругилан.

Мусса Бекмурзиев: «Кремлялъ тIасан буюри кьечIого нилъер хIакимзабазда чияр къварилъи бихьуларелъул. Гьезда кинабго заказалда рекъон бихьула Донбасги, Крымги, Жанубияб Осетияги. Гьел рагъарун рахъинегIан чIани жо кколареблъи лъала нижеда гьединлъидал кутакаб жо бакIаризе кIвечIониги бажарарас бажарарабги данде реххун Тифлисалде ине руго ниж. Гьанисан гуманитарияб къайи босиялъул квекIенал рукIинин гIорхъодайилан ккола, гьединлъидал бакIарараб гIарацги босун дореги ун, дора бищун гIадамазе къваригIараб гIадаб жо босизе ракIалда буго нижеда. Блогераз гурониги гьединаб иш гьабулеб букIин лъарал гIадатиял гIадамазги бачIуна счеталде гIарац битIун. ТIалъиялъул щиб сиясат букIаниги гуржиялги нижги руго вацал гIадал чагIи. Гьел руго нижер бищун лъикIал мадугьалзабиги. Гьединлъидал гьезтIе бачIараб къварилъиялде кIвар кьечIого тезе гьечIо нижеца. ТIалъиялдаги бихьизе те нижее гьезул ургъел букIин».

Гъалгъаязул блогераз гурони Шималияб Кавказалъул цохIониги республикаялда гуржиязе кумек гьабиялъе хIаракат бахъулеб гьечIо.

XS
SM
MD
LG