МагъчIваялъе рес

Азербажаназ Дербенталда митинг хIадурулеб буго


Дербент
Дербент

Дербенталда гIумру гьабулел азербайжан миллаталъул чагIазда ракIалда буго гьал къоязда митинг гьабизе. Амма жеги къо чIезабун гьечIо. Гьезул рахIат хвезабун буго кIиго суалалъ: шигIитаз зиярат гьабулеб бакIалда бугеб хоб инжит гьаби ва Дербенталъул юбилеялде хIадурулъулаго азербайжан миллаталъул гIадамаз гIумру гьабулел къватIал къачIазе лезги миллаталъул мэрас инкар гьаби.

Гюль-гюль-ГIали абураб хабалалъ бугин гьанжегIагар бекун батараб шайихасул заниян бицана ЭР-ялъе Дербенталдаса тарихчи ХIусенов ХIусенбалаца.

Гьеб буго нухлул ракьанда эхетизабураб цебегосеб зани, гIемерго кIудияб гьечIо гьеб. Гьенире зияраталъ гIемер чагIи рачIуна, хас гьабун шигIитал-руччаби. Зани бакьулъа бекун букIун буго. ЧIванкъотIун кида гьеб гьабураб, ЦIияб соналда цересел къоязищ, хадусел къоязищали лъалеб гьечIо. Амма шигIитал гьенире кидаго хамиз къоялъ унел руго, гьедин гьеб къоялъ батун буго гьезда гьеб бекунги.

Дербенталда гIумру гьабулев тарихчи ХIусенов ХIусенбалаца гьадин бицана гьелда тIасан ЭР-ялъе.

ХIусенов ХIусенбала: «Река-ракарал кескал дандеги ракIарун, седон руго гьеб заниялъул, цинги гIурччинаб кьералъ белъунги буго. Нухлул ракьанда лъураб, жибго жиндаго чIараб зани буго гьеб. Дербенталда цогидал бакIаздаги гIадин, масала, МухIамад аварагасул асхIабзаби рукъаралин рикIкIунеб Керхляр хабалалъ кидаго гIадамл рукIуна. Гьениб кинабго берда цебе буго. Гьаб занийин абуни цIуна-къай гьечIеб бакIалда буго. Дербенталда гIемер руго шигIитал – МухIамад аварагасул наслуялъул чагIийин абула гьезде. Гьенив вукъарав чиги дозул шайих вугин абула. Нусго яги нусидаса цIикIкIун соналъ цебе лъураб зани букIине ккола гьеб».

Гьеб пиша исламалда жаниб лъугьараб вагьабияб рикьиялъул гIадамаз гьабун батилин кколеб буго дербенталъулазда. Щайин абуни гьез рикIкIунарила хабалазде ун, заназе бетIер къули. Амма шигIитаз абула шайихасул хIурмат гьабун унин жал гьенире.

Кин батаниги, гьеб хIужаялъ кутакалда хIалуцинабулеб бугин гъоркьгоги лъикI букIинчIеб миллияб суалин бицана ЭР-ялъе цевехун рехсарав тарихчи ХIусеновас.

Гьедин азербайжанал руго гьал къоязда митинг гьабилилан.

Абизе ккола чанго моцIидасан кIодо гьабизе бугин Дербенталъул юбилей. Амма цо-цо чагIи рази гьечIо гьелде хIадурлъулаго, мэр Имам Яралиевас тIадкъай шагьаралъул аслиял къватIал къачIазе кьеялда – Азербайжаналъул президентлъун вукIарав ХIайдар ГIалиевасулги, Пушкинилги, Буйнакскиясулги къватIал ккола гьел. НекIсияб Дербенталъул гIаламатлъун кколел магъалал абуни, жахIалго толел ругила. Шагьаралъул гIадамаз ЭР-ялъе бицана гьенир аслияб куцалда гIумру гьабулел ругин азербайжан миллаталъул гIадамалги, дагьа-макъалго турклъарал табасараналги.

Магъалазда гIумру гьабулел азербайжаналъулаз рикIкIунеб буго Дербенталъул мэр миллаталъул рахъалъ лезгияв вугелъул, гьес жал, азербайжанал, ургъунго нахъе цун гьабулеб жо бугин гьеб. Гьале гьанже Шихсалах хабалалъ Сеида Мир-Гъафар агъа абулев чиясул хоб инжит гьабун батидал, тIубанго сабру лъугIанин абулеб буго азербайжан миллаталъул чагIаз. Гьелъ хIукму кканила митингалде рахъине. ЭР-ялъе гьелъул баян кьуна Дербенталдаса журналист ХанмухIамадова МухIамадица.

ХанмухIамадов МухIамад: «Азербайжаназ рикIкIунеб буго гьеб зияраталде квер борхун батидал, жидер тIубанго ццим бахъанин, гьеб бугин киса-кирго жал хIакъир гьари. Шагьаралъул нухмалъиялъ митинг гьабизе изну кьунгутIиги лъан, гьеб гьабизе ракIалде ккараз Дербенталъул администрациялда лъазабулебго гьечIо кир ва кида ракIаризе ругелали. Дир хIисабалда, гьеб букIине буго ракIалде ккараб бакIалде халкъ бакIарун гьабизесеб тадбир».

Жидер ихтиярал хвезарулел ругин Дагъистаналда ругел азербайжаназ ахIи балелъул гьеб квеш букIуна Азербайжаналда ругел дагъистаниязда – магIарулал, лезгиял, цIахурал ккола гьел. Дагъистаналда гьезул ругел гIанасел ихтиярал Азербайжаналда жидер гьечIилан абула дагъистанияз.

XS
SM
MD
LG