МагъчIваялъе рес

Т.Мамсуровас лъабабилеб нухалъ гьа базе бугебдай?


Гьа балев Таймураз Мамсуров. 2010 соналъул 7-билеб июнь. Владикавказ.
Гьа балев Таймураз Мамсуров. 2010 соналъул 7-билеб июнь. Владикавказ.

Шималияб Гьиристаналъул бетIер Таймураз Мамсуровас лъазабуна, жиндир хиял гьечIин исана май моцIалда рукIине ругел рищиязда лъабабилеб нухалъ республикаялъул нухмалъулевлъун вахъине. Гьадин лъазабуна гьалкъояз прессалъе Шималияб Гьиристаналъул тIадегIанаб даражаялъул хъулухъчагIаз.

Республикаялъул Конституциялда рекъон тIатIала лъабго нухалъ бетIерлъи гьабизе лъилниги ихтияр гьечIин, абуна гьез. Амма цого мехалъ тIибитIизабун буго батIияб хабарги – гIадамаз Россиялъул президентасдехун руссун, гьарулеб бугин Мамсуровасе гьадинаб рес кьеян абун.

Таймураз Мамсуровас Шималияб Гьиристаналъе нухмалъи гьабулеб буго 2005 соналдаса байбихьун. Гьеб республикаялда цогидал субъектаздаго гIадин нухмалулесул рищиял гIаммал гуро. Россиялъул Президентасул кандидатура къабул гьабизе ккола бакIалъулаб парламенталъ. БакIалъулал партиязул ихтияр буго Президентасде жидерго кандидатураби рихьизаризе.

Живго Мамсуровас исана мартI моцIалда «КоммерсантЪ» газетаялъул мухбирасул суалалъе жаваб кьолаго абуна, Россиялда вугин цо хъулухъчи, ахирисеб хIукму гьабулев. Гьалеха, тIаде жубана гьес, хасго гьес гьабизисеб хIукму тIубазабизе кколин. Президент Владимир Путингун Мамсуров ахирисеб нухалъ данделъана исана январь моцIалда.

Щивха кколев Таймураз Мамсуров? Советияб заманалда гьев вукIана Коммунист партиялъул тIадегIанаб даражаялъул хъулухъчилъун. Хадув вахъана Бесланалъул бетIерлъун.

Гуржистаналда рагъ багъарун хадусала гьес цогидал бакIалъулал хъулухъчагIаздаго цадахъ Россиялъул тIалъиялдаса тIалаб гьабуна би гIодобе тIей чIезаби.

2004 соналда Беслан шагьаралъул мактабалда гьужум гьабураб мехалда гьесул васги ясги кьовид гьаруразда гъорлъ рукIана.

Гъалгъастаналъул вукIарав бетIер Руслан Аушевас доб мехалъ хIаракат бахъана Мамсуровасул лъимал хвасар гьаризе, кIалъа-басаял тIоритIизарун, амма гьединаб жигаралдаса Мамсуровас инкар гьабуна. Мактабалъул мина хвасаргьабулеб мехалда гьесул лъимал лъукъун рукIана. 2005 соналда Мамсуров тIамун вукIана Шималияб Гьиристаналъул бетIерасул хъулухъалде.

Россиялъул президент Владимир Путингун букIараб данделъиялда Таймураз Мамсуровас гьесде рицулаан жинца нухмалъи гьабулеб республикаялъе щварал икъбалазул, цониги мукъсанлъи рехсечIого.

2014 соналда Шималияб Гьиристаналъул финансабазул министр Наталья Царевалъ лъазабун букIана доб соналда бюджеталъул дефицит 600 миллион гъурщиде баханин. Гьелъул рагIабазда рекъон республикаялъ 15 миллиярд гъурущ хвезабунин гъоркьисала, ва гьелъулъ жиндирго хайир гIицIго щуго миллиард гъурущ гурони, тIокIаб букIинчIин.

Россиялъул прессалъ, хасго РБК агентлъиялъ, Кремлалъулгун бухьенал бугев хъулухъчиясул баяналда мугъ чIвай гьабун лъазабуна, Кремлалъул гьариялда рекъон социологаз гьабулеб гьикъа-бакъиялъул хIасилалъ бихьизабунин тIолго Россиялъул субъектазул бутIрузул рейтингалда Таймураз Мамсуров 79 бакIалда вукIин.

Шималияб Гьиристаналдаса инсанасул ихтиярал цIунулев хIаракатчи Руслан Макгаевасул хIисабалда Таймураз Мамсуровас бицараб – политикияб сихIирлъиялда релъараб ищ бугин.

Руслан Макгаев: «Дида ккола жиндиего бокьун гьес жиндирго хъулухъ тезе гьечIин. Гьадинаб гьуинаб бакI толев пачалихъияв хъулухъчи ватиларо. Амма хIатта гьадин батаниги, гьесул хъухъаялъ гьеб биччан тезе гьечIо.

Гьелъ кIванагIан кIудияб хIаракат бахъила гьев жиндирго цевехъан хIисабалда цIунизе. Щайин абуни – гьев гьеб хъулухъ тани, ратиладай гьел гIадамазда жидее гьадинабго лъикIаб хIалтIи?

Гьалеха гьеб сабаблъун гьез гьадинал жигаралгун цере рахъулаан, халкъияб гъира хIисабалда гьеб бихьизабулаго. Жиндир заманалда дица цIех-рех гьабулеб букIана гьанир ругел жамгIияб гIуцIабазул. 600-гIан батIи-батIияб гIуцIи буго гьаниб».

XS
SM
MD
LG