МагъчIваялъе рес

«Платоналда» данде акцияби халат рахъунел руго


Москваялде «Платон» системаялде данде гьабулеб тIолгороссиялъул акциялде арал чIахIиял, юк баччулел автомашинабазул къадар мухIканго лъалеб гьечIо. Гьелъие гIиллаги бугила гьенире рорчIиго нахъруссине ккарал ва нухда хутIарал рукIинин абулеб буго шофераз. Жиндир документалги рахъун анин полициялъ Дагъистаналъул гIорхъодаго, документал гьечIого инейин лъугьидал тIад къотIанила гIакIа. ДандечIеялъул акциялда гIахьаллъиларин рагIи кьолеб кагътида гъулбас лъезеги тIалаб гьабулеб букIанин жиндасайин бицунеб буго гьеб акциялъул гIахьалчи Загир СалихIовас.

Дагъистаналда, «Платон» системаялда данде рахъарал, рикIкIада манзилалда хьвадулел чIахIиял юк баччулел автомашинабазул хIалтIухъабазул къадар гIага-шагар 17 азарго чи вугин, гьезул мухIканаб къадар лъидаго абизеги кIоларин, щай гурелъул аслияб куцалда хъвай-хъвагIай гьечIогон хIалтIулел ругеллъунин лъазабулеб буго «Кавказский Узел» сурсаталъ. Ноябрь моцIалъул ахирисел къояз Дагъистаналъул официалиял информ-алатаз тIибитIизабуна инфрмация Дагъистаналда рази гьечIолъиялъул акция чIезе танин чIахIиял, юк баччулел автомашинабазда хIалтIулез, амма гьеб информация уяб гьечIолъи лъазабуна видеокIалъаяздасан жалго щофераз. 29 ноябралда Дагъистаналдаса «Платон» системаялде данде гьабулеб тIолгороссиялъул акциялде къватIире рахъарал гIахьалчагIи Дагъистаналъул гIохъодаса риччачIогон тезе хIаракат бахъулеб букIун буго низам цIунулез.

Гьедин, Дагъистаналъул гIорхъода жиндир документал рахъун ва кIудияб гIакIа хъван тIад вуссине ккарав Загир СалихIовас бицана, полициялъулаз цин киналго чIезарун рукIанила гIорхъода, хадуб акциялда гIахьаллъхизе ине гьечIилан абураб кагътида гъулбас гьарун риччазе байбихьанила. Амма гьениб тунка-гIуси ккун, ккурал шофералги кканила.

Загир СалихIов: «Дагъистаналъул гIорхъода тIадруссинарурал, Калмыкиялъул гIорхъода тIадруссинарурал, ва гьединго жеги федералиял трассаялдаса риччачIогон хутIарал ккана. Къануналда рекъечIогон тIобитIулеб акциялда гIахьаллъулел ругилан абун рахъулел рукIана автомашинаялъул документал, дир документал рахъун ана Дагъистаналъул гIорхъодаго, гьенисан документал гьечIогон инейин лъугьиндал къотIана гIакIаги.

Ноябрь моцI байбихьаралдаса нахъе хIалтIичIогон рукIана ниж, гьелъ, гьеб акциялде гIахьаллъизе ине гIемерисез налъицин гьабуна, амма Москваялде, гьаниса къватIире рахъаразул 300 чи ворчIаниги лъикI букIинаан, цIакъ мухIканго тIаде лъугьун руго гьелде. Масала, гIиллаго гьечIогон документал рахъун, акциялда гIахьаллъизе унел гьечIилан гъулбасал ракIарун».

Манасалда «Платон» системаялде данде лъазабураб акциялъул гIахьалчагIи рикьа-риханила, Хасавюрталда гьединго дагьаб къадар гурого гьечIила нухазда чIунин бицана «Эркенлъи» радиоялъе цогидав акицялъул гIахьалчи Руслан ГъазигIумаровас. Информалатаз лъазабулеб букIанила ноябрь моцIалъул ахиралдаса акция лъугIиялъул, амма гьеб лъугIун гьечIила, жидеца акция тIобитIулеб къагIида хисизабун бугин гIицIгойин баян гьабуна гьес.

БачIиндаго, Дагъистаналъул цо-кIиго мухъалда рукIанила къватIире рахъун рикIкIада манзилалъ хьвадулел чIахIиял юк баччулел автомашинабазул хIалтIухъаби, дагь-даккун тIолго Дагъистаналда къватIире рахъанила гьел. Киназдаго бихьанила жал гIемер рукIин ва хадубккун нухазда чIун, акция халатбахъинабиялъул гIадамазе квекIен гурого щибго хайир букIинчIила. Гьелъ нахъе рачанила автомашинаби ва гIадамал рикьа-рихханила, гьанже киназдаго лъалила жал къватире рахъунеблъи хIажат ккараго.

«Платон» системаялде данде гьабулеб тIолгороссиялъул акциялде цогидал регионаздаса рачIунел гIахьалчагIаздаги гьединалго квекIенал дандчIван руго нухазда, гьединлъидал, 1 декабрялда тIобитIизе букIараб акция нахъбахъун бугин лъазабулеб буго. ТIолгороссиялъул акция тIобитIизе цебеккун цIараб къолъун лъазабулеб буго 4 декабрь.

XS
SM
MD
LG