МагъчIваялъе рес

РагIиладай Кремлалъул къадазда нахъа Дагъистаналъул автомобилистазул ахIи?


Dagestan / The strike of truck drivers.
Dagestan / The strike of truck drivers.

Дагъистаналдаса къайи баччулел кIудиял автомобилазул бетIергьабаз хитIаб гьабулеб буго Россиялъул тIалъиялде. КватIичIого жалгоги рачIине руго гьел Москваялде читIирги гьабун.

Амма гьезул цо-цоял божулел гьечIо гьелъ хIасил кьезе букIиналда. Гьединго хIинкъи буго гьезие провокациял гьариялда. КIудиял автомобилазул бетIергьаби-дагъистанияз тIалаб гьабулеб буго жидедаса магъало бакIарулеб «Платон» абураб система жеги лъабго соналъ билълъанхъизабичIого теян.​

ИчIго къоялъ цере МахIачхъалаялда аскIоре ракIарун чIарал чIахIиял автомобилазул бетIергьабаз кагъат хъван буго Россиялъул президент Владимир Путинихъегун хIукуматалъул бетIер Дмитрий Медведевасухъе. Гьез тIалаб гьабулеб буго лъикIалан ургъизегIан, Россиялда «Платон» система лъабго соналъ билълъанхъизабичIого тезе.

Исана 15 ноябралда байбихьун цIикIкIинабуна рикIкIадаб манзилалъ къайиги баччун унел чIахIиял автомобилазул бетIергьабазда тIад лъолеб магъало. Цо километра рикIкIун 3 гъурущ ккола гьеб. Къануналъ тIалаб гьабулеб куцалда цо км-лъухъ 3 гъурущ кьезе разиял ругин жалин абулеб букIана байбихьуда автомобилал рачунез, амма цо шартIгун – баччизе ихтияр бугелдаса цIикIкIун цIайиялдаса инкар гьабулеб бугони. Цо-цо пачалихъазда инкар гьабун буго гьелдаса - автомобилазе изну буго бокьанагIан къайи баччизе.

Гьанже забастовкаялде рахъарал КамАЗазул бетIергьабаз тIалаб гьабулеб буго цо км рикIкIун босулеб гьеб 3 гъурущ кьечIого тезабизе. Щайин абуни лъабго нухалда кьезабулеб бугин жидедаго цого магъало, щибаб нухалда бахъулеб цIокойищин букIунебин рази гьечIо гьел. Гьединго КамАЗазул бетIергьаби рази руго гьеб гIарац цойги хIажалъиялде тIаде рехизе – жидеца босулеб цIатариялде яги магъалоялде тIаде жубазе.

Москваялде хъвараб кагътица хIасил кьеларин абураб пикру буго МахIачхъалаялда аскIор читIирги гьабун чIарал КамАЗзул бетIергьабазул цояв – ГIумардибирил.

ГIумардибир: «Дида кколеб буго Москваялде хъвараб кагътица хIасил кьеларилан. Бихьулеб буго чIезабураб багьа гьанже гьез нахъе бахъизе гьечIеблъи. ЦIатари тIолел станциязде нижеца кьурал акцизалгицин ракIаризе кIоларел гьезда кин гьеб система тIубанго хисизабизе кIолеб? ЦIатариялъухъ нижеца кьураб гIарац хутIулеб буго бечедал гIадамазе. Олигархаз ричун росулел руго гьел депутаталги, гьезги гIарцухъ кьолеб буго жидерго гьаракь.

Гьел ургъулел рукIаралани гIадамал гIадинан, цебего нахъе бахъизе букIана гьеб багьа (км рикIкIун 3 гъурущ). ЦохIо нижеда чIахIиял автомобиль бачунезда гуребги, гьеб суал хъинтIула тIолабго улкаялъул экономикаялдаги. Хьул бищун ахиралде холин буго гIурусазул кици. Гьединлъидал хьул буго Владимир Владимировичасниги кIвар кьелин гьеб суалалде ва гьесниги нахъе бахъилеб батилин гьеб багьайилан».

ГIумардибирица гьединго тасдикъ гьабуна кватIичIого жидерал дандечIеялъул марш гьабун Москваялде ине рукIинги. Амма битIараб бицани, гьабуналдаса гьабичIого лъикI бугила гьеб. Щайин абуни, къанун цIунулезул рахъалъан провокациял рукIине рес бугила. Гьединал хIужаби рукIанин бицана цогидал КамАЗазул бетIергьабаз. Жал чIараб горсверудеги рачIун цо-цо низам цIунулез байбихьулила рагIаби реххун, жидер ццим бахъинабизе. Яги рачун унила суалал кьезе къваригIун бугилан.

Гьединго Бабаюрталда, Каспийскалда, Манасалда рукIун руго низам цIунулез КамАЗистал нахъе гъезе хIалбихьарал хIужабиги.

Чанго къоялъ цебе Дагъистаналдаса КамАЗистазда цадахъ «Платон» системаялда дандечIей бихьизабизе инкар гьабун, Белоруссиялдаса шофер вуханин хъвалеб букIана прессаялдасан.

Гьеб жо гьереси бугин бицана ЭР-ялъе забастовкаялда гIахьаллъулев МухIамадица.

МухIамад: «Гьереси, лахIгIан чIегIераб гьереси буго гьеб кинабго. Гъаякенталда аскIосан унаго нижерго пишацояв Закир абурав гIолохъанчи чIезавизе къасд гьабун буго гьез, гьеб мехалъ монтировкаялъ нижер цоявги кьабун вуго гьес. Кквезе щун хадув нижераз кьабунги вуго гьев. полициялде гIарзаги хъан гьечIо гьес живго кьабуниги. Гьеб иш ккун букIана, амма Белоруссиялдаса чи кьабунилан абураб жо гьереси буго».

Россиялъул президент Владимир Путинил гьудуллъун рикIкIунев бизнесмен Аркадий Ротенбергил вас Игорица нухмалъи гьабулеб идараялъул хIукму ккола гьеб – федералияб кIваралъул нухаздасан къайиги баччун унел автомобилаздаса магъалодуй жеги 3 гъурущги хадубги бахъи. «РТ-инвест транспортные системы» абураб идараялъ 13 соналъул болжалалда «Росавтодоралъулгун» къотIи-къай гьабун буго чIахIиял автомобилаздаса магъало бахъиялда хурхун.

Ротенбергазул фамилиялда хурхун хIадурарал игIланалги руго «Платоналда» дандечIей бихьизабулел КамАЗистазул. Масала, гьадинаб: «Ротенбергал ИГИЛалдасаги квешал руго».

XS
SM
MD
LG