МагъчIваялъе рес

Магъалабазул "бакΙлъиялъул" асар киназего буго...


Буйнакскалъул жамгΙияб транспорталъул шоферзаби рази гьечΙо пачалихъалъ гьезда тΙад лъурал магъалабазда. Гьел цΙакъго цΙикΙкΙарал ругин рикΙкΙунеб буго гьез. Магъалаби гьитΙинлъизаричΙони, жал хΙалтΙуде рахъунарин абун чΙун руго гьел ункъго къоялъ. Шагьаралъул гΙадамаз гΙарз гьабулеб буго шоферзаби маршрутазде рахъунгутΙиялъе гΙоло, жидер гΙемер проблемаби ругин абун.

Буйнакск шагьаралда цохIо маршруткаби гурони тIокIаб кинабниги жамгIияб транспорт хьвадуларо. Гьелги хIалтIизе рахъинчIони гIадамал я таксиялда яги лъелго хьвадизе кколел руго. Гьелдаса разигьечIолъи загьир гьабулелги руго гIезегIанго. Амма гIадамазул разигьечIолъиялъухъ гIинги тIамичIого ункъабилеб къоялъ хIалтIуде рахъине инкар гьабулеб буго Буйнакскалъул маршрутниказ. Гьез тIалаб гьабулеб буго жидеда кьезе тIадаллъун гьарурал магъалаби дагь гьарейин, хасго исана Россиялъул Пенсиязул фондалъ тIадлъураб магъало цIакъго гIемерлъун бихьун буго гьезда.

Маршрутниказул тIалабазулги гьезие гьабун бажарулеб кумекалъулги бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда Буйнакскалъул бетIер хисулев ГIумар ГIумаровас.

ГIумар ГIумаров: «Ахираб заманалда жаниб гьез батIи-батIиял идарабазе кьезе кколеб гIарцул къадар гIемерлъун буго. Цин рачIун транспорталъул инспециялъ халгьабун буго гьезул автомобилазул, гьезги нужеца гIарац кьезе кколин жидер идараялъейилан лъазабун буго. Гьелдаса хадуб Глонасс абураб спутниковияб аппаратура автомобилалъуб лъун унеб буго I2 азарго гъурущ, страховкаялъухъ гьез 8500 гъурущ кьезе кколеб буго. Амма тIубанго гьезул чара хвеабун буго исана Россиялъул пенсиязул фондалъ 35500 гъурущ кьезе кколин гьез социалияб магъалу хIисабалдайилан лъазабиялъ. Гьезги кин гьеб кьелеб, дида цIакъ лъикI ричIчIула гьел. Буйнакск мегаполис гурелъулха, гьаб буго гьитIинаб шагьар, бокьилин ккани гьанир лъелго щола бокьараб бакIалде. Шоферзабазул гьариялда рекъон нижеца 9 гъурщил бакIалда рекIадул багьа I0 ялде бахинабуна. ТIокIаб гьебги бажаруларо бахинабун, гьабуни гIадамазулги гьелдса разилъунгутIи байбихьула.

Дагъистаналъул предпринимателазул ва шоферзабазул махщалилаб союзалъул нухмалъулев ГIисалмухIамад Набиевас рикIкIунеб буго Буйнакскаллъул шоферзабазулгогIадаб разигьечIолъи цойгидазулги бугин. Гьединаб дандечIейги кида букIаниги байбихьичIого хутIулароанилан.
ГIисалмухIамад Набиев: «Гьединалго акциял гьанже киса-кирего рагъаризе руго, щай гурелъул шоферзаби къануналда рекъон хIалтIулел гьечIо. РукIине кколел идарабазда хъвай-хъвагIайги гьабун гьечIо цохIониги шоферас, гьел предпринимателаллъунги кколаро, гьез пачалихъалъе магъалабиги кьолароан. Гьедин жидеего бокьухъе хIалтIун рукIарал гьезда тIадаблъун гьабулеб буго гьанже магъалаби ракIарулеб идараялда хъвай-хъвагIайги гьабизе, гьенире кьезе кколеб гIарацги, цойгидал социалиял магъалабиги кьезе тIадлъулеб буго гьезда. Гьелдаса разигьечIолъи камилищха гIадамазул, хасго гьел магъалабиги дагьа-макъал гурелъул ругел. Гьелде тIадеги хасал хIакимзабаз жидеего шоферзабаздаса бакIарулеб букIараб магъалоги кибениги ун гьечIелъул. Гьелъ захIмалъун буго гIадамазе хIалтIизе».

Шагьаралда маршруткаби хьвадунгутIиялъул бищун кIудияб къварилъи шагьаралда гIумру гьабун ругел гIадатиял гIадамазе бугин абун бицана «Эркенлъи» радиоялъе Буйнакскалдаса Индираца.

Индира: «Дида рагIанаха гьезие рекIадухъ гIарац дагьабги бахьинабизе къваригIун бугин абун. Гьез цIатари хиралъун бугин, ижараялъул багьа цIикIкIинабун бугин абулеб рагIулаха. Амма I0 гъурущцин нижер хъатгIанасеб шагьаралъе гIемераб буго. Рилълъун инеги бегьула гьаниб бокьараб бакIалде, амма санагIалъи букIинарищха букIана маршруткабазул. Гьеб гурони тIокIаб жамгIияб транспортги гьечIелъул Буйнакскалда. Таксиялда рекIун хьвадизеги гIемерисезул рес букIунаро. Гьезги маршруткаби гьечIолъиги бихьун багьаби эхеде рахинарун руго. Гьале ункъабилеб къоялъ цохIониги маршруткаги гьечIо шагьаралда»

КидалъагIан гьеб маршруткачагIазул акция халат бахъине бугебали мухIканго лъалеб гьечIо, амма гьез жидер тIалабал тIурачIого жал хIалтIизе рахъинарин кьварун лъазабулеб буго.
XS
SM
MD
LG