МагъчIваялъе рес

«Зар гуреб, квер данде бачIине гьечIо гьезда»


«Платон» системаялда данде рахъарал Москваялда гIагар бугеб Химки абураб бакIалдда чадирал чIван чIун руго. Гьез лъазабулеб буго гьединго жидер церехъаби рищун рукIиналъул. «Платон» абураб системаялда данде лъазабураб акциялъул хIасил кинаб букIине рес бугеб; ГIенеккизе рес бугищ тIалъи гIадамазухъ, яги гьеб акциялъул щибго хIасил ккечIогон, гIадамал мукIурлъизейищ ккезе ругел?

«Платон» системаялда данде рахъарал рикIкIада манзилазда хьвадулел чIахIиял, юк баччулел автомашинаязда хIалтIулел гIадамаз жидерго церехъаби рищун руго. Гьеллъун тун руго кIиго камазалда хIалтIулев чи: Андрей Бажутин ва Алексей Ульянов.

Гьел руго цоял «Химки шагьаралда ракIараразул цевехъан, цогидав Каширское шоссеялда ракIараразул цевехъан. Гьенибго, Каширское шоссеялда, 8 декабрялда, акциялда гIахьаллъулел ракIарун, тIобитIун буго хадубккунисел ишал дандбалеб мажлисги.

«Дождь» абураб телеканалалъ баян гьабухъе, гьеб мажлисалда гIахьаллъи гьабун буго акциялде рачIарал 44 регионалъул гIахьалчагIаз, амма мухIканго хадусел галаби кинал рукIинелали лъалел гьечIо.

Гьединго лъазабулеб буго «Платон» системаялда данде рахъаразул церехъабилъун лъугьине хIал бихьулел букIанин чанго полтиказ, масала гьевго, Россиялъул автомобилистазул махщалилаб цолъиялъул нухмалъулев Александр Котовас хIаракат бахъулеб букIун буго цевехъанлъи гьабизе, амма гьес акция лъазабуразул информация тIалъиялъухъе щвезабулеб батун, гьев рикIкIад чIезавун вугила.

Химкиялда ракIарараз чадирал чIван ругин ва ракIалда бугин гьедин рукIине жидер тIалабал тIуразегIанин лъазабулеб буго гIадамаз. Гьезие ретIел, хинаб квен ва цIараки тIолго Москваялъул областалдасан бачIунеб буго гIадатиял гIадамаца.

Дагъистаналдаса акциялда гIахьаллъулезул мухIканго кигIан къадар бугеб гьенибали лъалеб гьечIо, амма Москваялдаса рикIкIад гьечIеб бакIалда чIун, хIадурун ругин 150 чийин лъазабулеб буго. Гьел цере риччалел гьечIила полициялъулаз. Гьедино рукIана лъазариял, Москваялда гIагар ракIарулел ругин рагъулалиланги.

Кинаб букIине бугеб хIасил «Платон» абураб системаялде данде рахъарал гIадамазул акциялъулал, рес бугищ гьеб кIиабилеб майданалде сверизе, яги рагIизе бугищ тIалъиялда гIадамазул тIалабалали цIехана «Эркенлъи» радиоялъ Дагъистаналдаса журналист ва жамгIияв хIаракатчи ГIалисултан ГъазимухIамадовасда.

«Платон» системаялда данде рахъарал жидерго хайир тIагIине бокьичIел ругин, гьел гIадамазул ургъел ккун рахъарал кколарин баян гьабуна гьес.

ГIалисултан ГъазимухIамадов: «ТIоцебесеб иргаялда, гьеб акция буго жидерго хасал мурадал ругел чагIазул хIаракатчилъиялда байбихьараб иш. Гьел гьалмагъзаби ругьунлъун руго пачалихъалъе магъалаби кьечIогон, берцинго, хайиралда магIишат гьабизе. Дида бичIчIулеб бакIалдаса гIебеде, пачалихъалъе хIажат буго гIарац нухал гьаризе, гьел къачIазе.

Гьел чIахIиял юк баччулел автомашинаяз нухал хвезарулел руго. Гьез цIикIкIун къайи лъун хвезарулел руго нухал. Цере, нартги цогидаги багьаго букIаго пачалихъалъ тун рукIана гьел. Гьанже, улкаялда захIматаб хIал буго, гьелъ пачалихъалъе хIажат буго гIарац. Гьел батIаго къуват хIалтIизабун рачахъизе ратиларо, амма цо моцIица чIела, кIиго чIела, гьезда жидедаго чIалгIине буго гьеб».

Блогер Мурад МухIамадовасул пикруялда гьеб акция буго хадубрагIи лъидаго бичIчIулареб «Платон» системалъ бижизабураб . Гьеб системаги ургъунго къабул гьабураб гIадинаб жо бугила улкаялъул президентасул рейтинг борхизе.

Мурадил пикруялда система нахъе бахъизе рес буго улкаялъул президентас цIияб соналда цебе. Гьединго блогерас баян гьабуна, гьабсагIат акция лъазабураз кинабгIаги политикияб къасд гьечIолъиялъул бицунеб бугин, амма гьезда гъорлъе оппозициялъул чагIи, яги цогидал политикиял къуваталъул вакилзаби журанани, гьеб акция политикиял къасдал ругелде сверизеги рес бугилан.

Жакъа хасаб кIвар кьолеб бугин гьел «Платоналда» данде рахъаразда гъорлъ дагъистаниязде, жалго гьокочагIазцин, гьелдаса чIухIизецин бачIунила, щай абуни Дагъистаналдаги гражданияб жамагIат цIунун букIиналъин абулеб буго жамгIияв хIаракатчи ГIабдурашид СагIидовас.

Лъиениги балъголъи кколарила нухал гьаризе биччалеб гIарац гьадинги гIемер букIин, амма гьел хасал чунтбузухъе унеб букIинги. Гьединлъидал «Платон» система чIахIиял, юк баччулел машинабаз нухал хвезарулин абураб жоялъ ритIухъгьаби мекъаб бугила.

ГIабдурашид СагIидов: «Гьел рикIкIада сапаразде унел юк баччулел гьакилазда гурхIизе ккараб хIал буго. Цин гьезие цIатариялъул багьа борхана, гьебги ритIухъ гьабуна магъалаби дагь гьаризе бугилан абун, амма гьанже тIамураб галиялъухъаги гIарац бахъизецин буго. Пачалихъалда гьел хIакимчагIазул буго кIудияб армия.

Гьеб пачалихъада гIадамазул унти бичIчIилин хьул гьечIо дир. 20 соналъ цебе шахтерал рахъун рукIана, гьез рухана хьагал, чайникал, гьел рагIулел рукIана, амма нилъер гьел вацазда бичIчIулеб гьечIо заман батIияб букIин. Жакъа зар гуреб, квер данде бачIине гьечIо гьезда».

Жакъа Москваялда сверухъ ракIараразе бухIилаго квен босун, ретIел босун рачIунел ругила гьезда ракI унтарал, амма гьелги ругила тIасияб тIалаялде рахъине рес гьечIел гIадамал. ЩибгIаги жо хисизабизе рес бугезда акциялде рахъарал гIадамазул гьеб унти бичIчIуларила.

Дагъистаналда «Платон» системаялда данде акция халатбахъунеб буго Хасавюрт шагьаралда. Гьениб 30 цIикIкIун чIахиял юк баччулел автомашинаби чIун руго.

XS
SM
MD
LG