МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъул "дальнобойщиказде" тIадецуй гьабулеб рагIула


ЦерегIан къояз Дагъистаналда гIуцIараб  дальнобойщиказул цолъиялъул мухъазда ругел координаторал Жанисел ишазул бутIаязде ахIун, хIинкъизарулел ругин лъазабулеб буго  цолъиялъул нухмалъиялъ. Жакъа къоялде 4 мухъалъул координатораз хIалтIи гьабизе инкар гьабун бугила.

Гъарабудахкент мухъалъул Манаскент росулъ 17январалда рикIкIада манзилалда хьвадулел юк баччулел автомашинабазул хIалтIухъаби данделъун тIобитIараб данделъиялда гIууцIун букIана гьезул Цолъи. Гьединго, гьеб данделъиялда рищун рукIана 14 батIияб мухъалъул координаторал, жидеца тIад къарал мухъазда дальнобойщикал Цолъиялде рачиналъе хIалтIизе гьабизе кколел.

Амма жакъа къоялде 4 мухъалдаса координатораз инкар гьабунин гьеб хIалтIи гьабизе. Гьел киналго Жанисел ишазул бутIаялде ахIун, цIех-рех гьабун, хIинкъизарулел ругин бицана «Эркенлъи» радиоялъе рикIкIада манзилалда хьвадулел юк баччулел автомашинабазул хIалтIухъабазул цолъиялъул нухмалъуялъул вакил Марат Цораевас.

Киналъего гIилла ккун бугила МахIачхъалаялдаса координаторас интернеталда координаторазул сияхI лъей.

Марат Цораев: «Телефоналгун сияхIал ругеб кинабго информация интернеталда лъун буго, цинги, лъил тIалабалда рекъонали лъаларо, гьел координаторал хIинкъизаризе байбихьун буго. Координаторал ахIулел руго полициялъул бутIаязде. Администрацияде, яги цогидаб бакIалде гуреб, гьенире ахIун психикияб тIадецуй гьабулеб буго. Масала, сон дихъе кIалъан вачIана Кочубеялдаса координатор. Жив нахъе хъвагIайила гьеб сияхIалдаса, жив тIокIав гьеб цолъиялда вукIине гьечIин. Гьесда жанисел ишазул бутIаялда объяснительный хъвазабун буго. Щай гьеб хъвазе кколебалиги дида бичIчIуларо. Цойги, ГIахъуша мухъалда, Гъизилюрталда ва Карамихаялда тарал координаторалги гьединго Жанисел ишазул бутIаялде ахIун, гьенир цIех-рех гьабун буго. Гьединго, Хасавюрт мухъалда тарав координаторасул анкеталъулал баянал росун ун руго полициялъулаз».

ГIадамал ургъунго хIинкъизарулел ругин, гьеб цолъи гIуцIун, Москваялде нахъеги инилан хIинкъун рукIиналъин баян гьабуна Цораевас.

Амма кигIан хIинкизаруниги, тIадецуй гьабуниги, «Платон» система нахъе бахъиялда данде къеркьей жидеца тезе гьечIила.

Хасавюрталдаса дальнобойщиказул координатор ГIайнудин Эсинбаевас полициялъулазул ишазда хурхун баян гьабуна, жиндихъа гIицIго анкетаялъулал баянал, ай, цIар, гьавураб къо-моцI босун гурого тоIокIаб кIалъай букIинчIин. Гьабулеб хIалтIул баян гьабулаго, гьес лъазабуна гIемерисел дальнобойщикал божулел гьечIин хIасил ккеялда, гьединлъидал цолъиялда гъорлъе лъугьине разилъаразул къадар кIудияб гьечIила.

Цебеккун Цолъиялъул заманаялъ тарав нухмалъулев Рустам МалламухIамадовас баян гьабун букIана республикаялъул дальнобойщиказул цолъи гIуцIун, гьеб тIолго Россиялъул дальнобойщиказул цолъиялда гъорлъе бачине бугин ва тIолго Россиялъулаб акция тIобитIизе бугин, «Платон» системаялда данде.

Кинаб хIужаялда рекъон ахIулел ругел дальнобойщикал жанисел ишазул бутIаялдеяли цIехана «Эркенлъи» радиоялъ Дагъистаналъул Жанисел ишазул министерлъиялда. Амма пресс-хъулухъалъул баяназда рекъон, гьел хIужабазул хурхун гьезда лъалеб жо гьечIо.

XS
SM
MD
LG