МагъчIваялъе рес

Путинил рагIабаз "Платоналде" данде чIаразул ракIал гIодоре риччазаричIо


Халатаб манзилалъ юк баччулел Дагъиcтаналъул шоферзабаз халат бахъинабулеб буго "Платон" системаялда данде протесталъул акция.

«Платоналда» дандечIарал шоферзаби жинца транспорталъул магъалоялдаса эркен гьарилин лъазабуна 17 декабралда чIагIояб эфиралдасан Россиялъул президент Владимир Путиница. Гьелда сверухъ хIалтIи гьабизе байбихьилила цIияб соналдасан.

Хадубго улкаялъул бетIерас бадибчIвай гьабуна гьел камазчагIи жалго жидедаго чIарал даранчагIазул сияхIалда лъезе инкар гьабулеб букIунилан. Масала, хIакимзабаз даран цебетIезабизе квалквал гьабичIого букIинелъунилан, гьанжеялдаса анкьго-микьго соналъ цебе Россиялда инкар гьабунила гьел камазчагIазе лицензия кьеялдаса. Цинги щибдила гьелъул ккараб?

Гьелъул бакIалда ракканила гIадамал гьелдасан бизнес гьабулел – росун кIуди-кIудиял Камазалгун, ижараялъе гьел кьолел. Амма гьеб пишаялдаса тIири магъалаби рачIунел гьечIин улкаялъул бюджеталдеян абуна Владимир Путиница.

Жал транспорталъул магъалоялдаса эркен гьарулел рукIиналдаса кIудияб роххел гьечIо камазчагIазул, щайин абуни гьеб магъало гьадингосеб жо бугила «Платоналъ» жидедаса бахъизехъин бугеб цIокоялде дандеккун.

Гьадин бицунеб буго гьелда тIасан ЭР-ялъе Камазалъул бетIергьан Мурад ГIабдулаевас.

Мурад ГIабдулаев: «Гьеб гьедигIан кIудияб жо гуро – транспорталъул магъало. Нижеца гьеб гьединги кьолаан, балъго гьабичIого. Санкт-Петербургалда букIун дирго машина, доба гьелъухъ 40 азарго гъурущ унилан абун, гьаниб Дагъистаналда гьабун буго дица гьелъул хъвай-хъвагIай.

Амма цоги рахъалъ босани, гьеб магъалоцин кьезе кIоларелги руго шоферал. Щайин абуни хIалтIи дагьлъун букIун. Гьал санкциязги хвезабуна нижер хIалтIи. КIудиял машинаби хIалтIулел руго анцIго соналъ церего рукIарал багьабазда рекъон. Гьанже цIияб соналъул 1 май моцIалдасан байбихьун нижеца нахъа тараб км рикIкIун 3 гъурущги 60 кепекги босизехъин буго. Амма нижее кIудияб жо буго гьеб. Нижее гуребги, халкъалъего лъикI гьечIо гьеб. Гьелда рекъон багьалъулеб бугелъул кинабго жо. Доз мисалалъе бачунеб букIана рахьдила 100 км-алъ баччидал, кепекалъ гурони хиралъулеб гьечIилан.

Щай хиралъулареб? Валлагь, сон дир гьалмагъас Санкт-Петербургалдасан Владикавказалде цIуна рахьдал Камаз. КIиазарго км ккола нухлул манзил. РикIкIеха, кигIаналде гьеб бахунебали. НухалгIаги рукIаралани лъикIал. Россиялда руго гIарацги кьун унел нухал. Амма гьезул багьа зодоб бухьараб букIараб букIун, гьенисан унел гьечIо машинаби. Гьанже гундбузулги цIурал, тIутIу-хъухъурал нухаздасан хьвадулеб мехалдаги кьеха гьанже гьеб гIарац (3, 60).

Европаялдасаги учузал ругин нилъер анир ал нухалин абула аз. Европаялда гIадал нухалги, дора гIадал харжалги кьеха гIадамазе! Гьединаб даржаялде нилъ рахине ккани, жеги 50 сон къваригIуна нилъее».

Хадубго Мурад ГIабдулаевас абуна «Платон» система билълъанхъизабизе бажаризе гьечIила бокьа-бокьарал камазчагIазухъа. Интернеталда, техникаялда хадур гъурал чагIи рукIине кколила гьел.

Мурад ГIабдулаев: «Интернет хIалтIизе ккола маршруталъул карта хIалтIизе кканани. Жеги рикьун гьечIо нижеца кколеб бакIалде гIарац кьунилан бихьизабулел алаталги. Кида гьел кьезе ругелали… Гьелги руго бокьараб мехалда рекизе, хвезе рес бугел жал. Гьеб мехалда ниж нухде рахъинчIого чIезе ккола, маршртуалъул карта хъвазегIан. Гьеб хъвазеги ине ккола «Платоналъул» офисалде.

ГIодоркъоз хIалтIуларо гьелги. Гьанже, масала, жакъа дида абуни вахъайин машина цIезейилан, дица гьел чагIи чIезаризе кколел руго итни тIаде щвезегIан, щайгурелъул машинаги цIун дун нухде вахъине ккани, доб «Платоналъул» чагIи хIалтIуда рукIине кколелъул. Гьединлъидал, гIарцул рахъалъан гуребги, хIалтIизе санагIат букIиналъул рахъалъанги жеги камиллъичIеб система буго гьеб «Платон».

Гьанжеялдего руго шоферазул гIарзал жидедаса гIарац мекъи тIаса хъвалеб бугилан – 10 машинаялъе бихьизабураб гIанасеб хъвагIалеб бугила цо машинаялдаса. Дицагоги хIалбихьун букIана гьезул сайталде ваккизе. Амма хIалтIулеб батичIо. Цинги цоги бакIалде хитIаб гьабидал, 10 къоялдасан гурони жаваб бачIинчIо.

БатIаго квешаб жо гуро гьеб хIукуматалъе нухал къачIазе гIарац бакIари. Амма гьелъул руго гIезегIан гIунгутIабиги. ГьабсагIат гIадаб кризисалъул заманалда гIемерисел руго хIалицаго магIишат гьабулел. Гьале гьанже Туркиялъулгун Россиялъул гьоркьорлъабиги хун, дагьлъула баччулеб къайи.

Дагьлъизе буго нижеца къайи баччаралъухъ босулеб багьаги. ХIалтIиги гьечIого хутIизехъин ругелъулха гIезегIан камазчагIи. ХIалтIулел завод-фабрикалги гьечIого, рукIине кколелдаса цIикIкIун руго чIахIиял машинаби. ТIокIаб гьабизе жоги лъаларого, инженералги руго Камазалда хIалтIулел, ветеринариял тохтурзабиги руго, мугIалимзабиги руго, медикалги руго».

Цо-цо баяназда рекъон, Дагъистаналда хутIизегIан, Россиялъул регионазда камазчагIаз чIезе тун буго «Платоналда» данде жидерго акция.

XS
SM
MD
LG