МагъчIваялъе рес

Путин "чIагояб" эфиралда: магIнаял суалал, "лъамиял" жавабал


Исана 11  нухалда тIобитIулеб рагьараб журналистазулгун пресс-конференциялда ракIарун руго бищунго цIикIкIараб къадар журналистазул, 1400 чи.

ЧIагояб эфиралда тIасан пикру цIехарал цо бутIа экспертаз баян гьабуна гьелъухъ ралагьичIин, гьениб цIияб жо рагIунгутIилъалеб букIиналъ, гьедин жамгIияв хIаракатчи ГIабдурашид СагIидовас бицана гьеб чIагояб эфиралда кьураб цониги суалалъе кьучIаб жаваб кьоларелъе мухIканаб иш бугин.

Кидаго рикIкIунин гьеб данделъиялда кьезе ругел суалал цереккун лъалел рукIунин, амма гьаб нухалда тIобитIараб чIагояб эфирлда кьурал суалазулъ цензура бихьичIин жиндайин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе аналитик Ханжан Къурбановас. Аслияб жо гьениб кканила нухазда ва магъалабазда хурхараб суал тIубанго мухIканлъичIолъи.

Ханжан Къурбанов: «Живго Навальныясцин хъвана жиндирго социалияб гьиналда бугеб гьумералда, Чайкада хурхараб суал гьениб борхилин ракIалдецин ккун букIинчIилан. Гьединлъидал, аслияб къагIидаялда журналистаз кьолел суалазулъ букIинчIо цензура. Аслияб кIвар кьун гьелъухъ гIенеккун рукIана рикIкIада манзилалда юк баччулел гьокочагIи, амма тIубараб къагIидаялда гьеб суал мухIканлъичIо. ГIицIго баян гьабуна гьеб бакIарараб магъало регионазул бюджетазде ине букIин.

Цогидаб рахъалъ, гьес тIубан жаваб гьабичIо цо-цо суалазе, масала гьелдго Ротенбергазда хурхараб. Гьединго цIияб хабарлъун ккана гьел гьокьочагIаз босизе кколеб букIараб хасаб аппаратура чIобого кьезе кколеб букIин, гьокочагIаз гIарз гьабулеб букIана гьелъухъ гIемерго гIарац унеб бугилан. Гьедино гьеб «Платон» гIуцIиялъул чагIазе щолел харжалги цогидал гIадамазе щолел харжащдаса тIокIрорчIарал рукIине бегьиларо. Гьединаб асар гьабуна гьеб чIагояб эфиралъ».

Путиние кьолел суалазулъ букIана цо бутIа жамгIият багъаризабурал суалазул: Чайкада, Ротенбергида, президентасул ясазда хурхараб. Президентас гьел суалазе жавабал тIуран мухIкан гьаричIо, гьединго кIалъана Россиялъул Спорталъул министр Виталий Муткол рахъ ккун, гьесда ингилис мацI лъангутIи министрасул гIайиб гурилан абун.

Гьеб пресс-конференциялда гIахьаллъи гьабунин Дагъистаналдсаса журналистазги. Масала, РИА «Дагестан» суртасалъул бетIерав редакторас ва цогидаз, амма цониги Шималияб Кавказалъул журналистазул рахъалъ суал букIинчIин, суал кьезе хIаракатги бахъичIин баян гьабуна блогер МахIач МухIамадовас. Гьесул пикруялда лъикIаб гьечIеб хIалалда бугеб республикаялъул гIунгутIаби цIан битIун президентасда рагIизаризе лъикIаб рес букIана гьеб чIагояб эфир.

МахIач МухIамадов: «ГIемерго суалал, федералияб прессаялда рахъичIел, блогосфераяда ва бакIалъул СМИязда рукIарал рагIана гьенир, масала, гьевго курсантасул, яс чIинтIун, сакъатай лъугьинаюниги, автотранспорт бачине изну кьолел документалцин нахъе росичIел.

Гьединал суалал рагIизаризе лъикIаб рес букIана гьеб нилъер республикаялъул журналистазеги, амма цо-цо журналистал кодор ккун игIланалгун, рорхун квералгун ругеб мехалъ, нилъерал гIодор рукIун рукIана сихI тун Нилъер гьанир гьечIогон гьечIогури гIунгутIаби. ЛъикIаб гьечIеб хIал буго республикаялда, гьел гIунгутIабазул рагIизабизе рес букIана гьениб, амма дунялалъул гIарацги хвезабун, гьениреги ун нахъе рачIин гурого щиб пайда гьениб ккараб».

Социалиял гьиназда цо тайпа Россиялъул президентасул кIалъай кици-биценалде сверизабулеб буго, цогидаб гьелъухъ балагьунго гьечIо. Амма цересел саназда данде ккун, гьаб соналъ журналистаз кьолел суалазулъ унгоги жамгIияталалъе кIвар бугел суалаги рагIанин, гьезие жаваб щвечIогон хутIанигийин рикIкIунеб буго социалиял гьиназул гIахьалчагIаз.

XS
SM
MD
LG