МагъчIваялъе рес

Путиние дагъистанияз хIадур гьарурал суалазул гуч буго


16 апрелалда Россиялъул президент Владимир Путиница иргадулаб нухалда халкъалъул суалазе жавал кьуна.

Исана цIикIкIун рукIана Украиналда кколел ругел лъугьа бахъиналда тIасан суалал.

Путинилгун халкъалъул чIагояб эфир байбихьилалдего цереккун суалал ритIиялъул рахъалъ цебесеб кьерда бугин Дагъистанилан хъвалеб букIана информалатаз 15 апрелалда. «Эркенлъи» радиоялъ батIи-батIиял хъулухъчагIазда гьоркьоб цIех-рех тIобитIана кинаб суал Путиние гьез кьезе букIараб абун. Гьикъа-бакъи гьабуразда гъорлъ руго тохтурзаби, мугIалимзаби, полициялъул хIалтIухъаби, гIадатиял гIадамал:

Хадижат, мугIалим: «МугIалим хIисабалда дир унтараб суал бугоха нижее щолеб харж дагьаб букIин. Гьеб цо. КIиабизе бугони лъай кьеялъул иш цохIо кагътазде сверун буго. Бищун аслияб суал буго дир лъималазе ричIчIизе захIматал тIахьал рачIунел рукIиналда тIасан. Лъай кьеялъул даража щай гьадин гIодобе ккун бугеб? Гьединал суалал кьелаан дица президентасе».

МухIамад, гIи-боцIи гIезабулев чи: «Кьезе суалални гIемер ругоан, гьелъул пайда щиб бугеб, добго хурив довго Муса хутIулеб мехалъ».

Камил, тохтур: «Кьезе суалал гIемер руго дир гьесие. Щай тохтурзабазул харж гьадигIан дагьаб бугеб. Страховыял компанияз жидедаго тIадал ишал тIуразарулел гьечIо, гьелда жаниб кида гIадлу гьабизе бугеб. Гьединго сахлъи цIуниялда жаниб бугеб рищватчилъи лъугIизе щиб хIалтIи гьабулеб бугеб абун цIехелаан дица».

Ибрагьим, полициялъул хIалтIухъан: «Украинаялда кколел ругел лъугьа-бахъиналги багьанаде ккун нилъер республикаялъул МВД-ялъул нухмалъиялъ хIалтIухъабазе кьолел премиялги рукъалъухъ кьолеб гIарацги дагь гьабуна. ГIаммаб куцалда босани гьеб ккола 60-70 азарго гъурущ. Щай гьединаб ритIухъли гьечIолъи гьабураб нижеда жанибилан абураб суал кьелаан дица президентасе».

Шагьаралда дандчIварал гIадамазда гьоркьоб цIех-рех гьабидал гьезул рукIана суалл кидайин Дагъистаналда рищватчилъиялъиялъегун, цIогьалъе ахир лъезе бугеб? Цогияз абулеб бугоан жиндица гьикъилаанин Россия гIадаб кIудияб ва гучаб пачалихъ мискинго бугеб. Украинаялда кколел лъугьа-бахъиназда хурхун Россиялъ загьир гьабураб позиция битIараб бугин, Путин мун къуркьугейилан абизе бокьун бугин жиндаян, гьара-рахьиялда релълъарал суалалги ругоан гьезул.

XS
SM
MD
LG