МагъчIваялъе рес

Щай дагъистанизул цоязе гьедигIан хирияв вугев Сталин?


КIудияб ВатIанияб рагъда бергьенлъи босун 70 сон тIубаялде Россиялъул шагьаразда Иосиф Сталиние монументал лъезе кколин рахъ-рахъалде кагътал хъвалел руго коммунистаз. Гьединал энтузиастал руго Дагъситаналдаги. Амма Дагогни шагьаралъул нухмалъиялъ инкар гьабун буго гьединаб монумент лъезе.

Гьал къоязда Дагъистаналъул коммунистазда ракIалда букIана Дагогни шагьаралда Сталиние монумент лъезе. Амма гьеб шагьаралъул мэр Галим Галимовас абуна жидеца гьелдаса инкар гьабулеб бугин, щайгурелъул Сталинил тIадкъаялдалъун гIезегIан дагъистаниял рукIанин репрессиязде ккун. Гьединлъидал гьезда квеш букIине бугин гьесие монумент лъей.

Унголъунги хIажат бугищ жакъа Дагъистаналда гьединаб монументин абураб суалалда бан кIийиде рикьула дагъистаниязул пикраби.

Узухъда, гьеб лъезе кколин абулеб буго Гъизилюрталъул коммунистазул цевехъан ГIабдулвахIид Лабазановас.

ГIабдулвахIид Лабазанов: «Щайин абуни, жакъасеб гIумруялде нилъ кин рачIун ругелали бихьулеб буго нилъеда. Гьев Сталинги какулаго, гьес гьабунщинаб хIалтIиги биххизабулаго ахирги киб бакIалде щварал? Компартиялъги нижер цевехъан Зюгановасги абунщинаб цониги жо лъугьинчIого хутIанищ? Дунялалъулго дармилаб гIуцIиялда гъорлъе лъугьунгейила, щибниги ккани, гьез санкциял лъечIого толарилан абун букIинчIищ? Сердюков, Скрынник гIадал чагIи тахида тезе бегьуларила, гьез пачалихъ талавур гьабулин абун букIинчIищ? Вьетнамалда, Кубаялда, Азербайжаналда рукIарал нилъер РЛС (станциял) къазе бегьуларин абун букIинчIищ? Щайха гIенеккичIел?

Гьанже Путин живго ине ккана Кубаялде, дозул налъабиги тIаса хъвагIана. ИчIго млрд долларги дозул доба жанибго хIалтIизе тун, цIидасан гьабизе кканищ доб мехалда биххизе танщинаб жо? Крым, Украина … Россиялъул чахьалда гъоркье хъурщун рачIине ругила НАТО, биччазе бегьуларила гьеб аскIобе гIагарлъизе, гьезулгун гьудуллъиги гьабугейила, Россия къваригIун бугила гьезие загIипаб, Россия къуватаблъун бихьизе лъиениги къваригIун гьечIилан абичIищ?»

Сталинил чакмаби. Венгрия. Будапешталда аскIоб бугеб Szoborpark шагьаралъул монументазул паркалда.
Сталинил чакмаби. Венгрия. Будапешталда аскIоб бугеб Szoborpark шагьаралъул монументазул паркалда.

Сталиница нухмалъи гьабулеб букIараб пачалихъалъе гьединаб хIинкъи киданиги букIинчIин, гьединлъидал, гьединаб къуватаб пачалихъ гIуцIарав чи хIисабалда, Сталиние лъун рукIарал монументал риххизаризего кколароанин, гьеб букIанин гьесдаса хадув тIалъиялде вачIарав Хрущевасул «цIоросаролъалъул политикайин» тIаде жубана ГIабдулвахIид Лабазановас.

ГIабдулвахIид Лабазанов: «Гьеб буго нилъер тарих, нилъ чIухIизе кколеб тарих. Гьединлъидал Сталиние монументалги лъезе бегьула».

Амма коммунист ГIабдулвахIид Лабазановасулалдаса гIаксаб пикру буго МахIачхъахъалаялда гIумру гьабулев тохтур ва «Сугъралъ» газеталъул бетIерав редактор ГIумар МахIадовасул.

ГIумар МахIадов: «Гьев чиясул (Сталинил – ЭР) цIарали киб гурин лъезе бегьулеб, гьесул цIарго кIочон тезабизе ккола. Гьесул цIар къваригIарал чагIи рукIунел ругоха лагъмахIал чагIи. Гьезие кидаго къваригIуна Аллагьасде данде рагъ гьабулел рукIарал «пиргIавнал». Тарихчи Чигирица «Молодежь Дагестана» газеталда хъван букIана КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьизегIан бан букIанила МахIачхъалаялда «Дагъистан» гостиницаялда цебе Сталинилги Гитлерилги цадахъ чIун бахъараб сурат. Гьел кIиялго цадахъ рукIана дунялги бикьун, рагъ гьабулел. Гьезул кIиязулго идеологияги букIана Аллагьасда данде чIараб.

Дагъистаналда цIодорал чагIаз абулеб буго 300 сон къваригIине бугила Сталиница лъугIизабураб интеллигенция (диниял гIалимзаби) цIилъизе ккани. Жеги абизе бегьула, Новолакалъул бакIалда гьанже рахъун ГIавухъ мухъ гьабиги ккола Сталиница нилъее тараб «баракат». Цойги гьесул «баракат» ккола берцинго Къуръаналъул магIнаги гьабун, «рохьореги» къваригIел гьечIел цойги бакIаздеги унгеян гIолилазда кIалъазе лъалев чи жакъа Дагъистаналъул Харабазул Щураялда гьечIолъиги».

Репрессиязул заманалъе гIайибиял Сталин гуревги цойгидал рукIинги бичIчIизабулеб буго коммунист ГIабдулвахIид Лабазановас.

ГIабдулвахIид Лабазанов: «Репрессиялги рукIана, цогидабги букIана… Амма политика цо чияс гьабулеб жо букIунаро. РукIун ратила гьелда гьоркьор цогидалги – довго Берияги цогидалги. Амма досул (Сталинил – ЭР) гIайибаздасаги дос гьарурал лъикIал ишал, цIадирабазда лъедал, бергьунел рукIин жакъа бихьулеб буго».

ГIумар МахIадовасул пикруялда, Сталинил тIадкъаялдалъун жидер умумулги гIагарлъиги Сибиралде ритIарал гIадамал бищун цере кIанцIолел Сталинги веццун.

ГIумар МахIадов: «30 абилел соназда гьарурал чагIи нилъеда лъалелъул Аллагь гьечIилан атеистаз кинан эбел-инсуда данде тIамулел рукIаралани. Гьанжесел херал чагIаздацин Сталин вихьулев вугоха «ритIухълъи» гIадин. РитIухълъи кин букIунеб Аллагьасда данде гьабулеб рагъул? Ислам-диналдасан балагьизе кколаха дунялалъухъ – гьаб бегьула, гьаб бегьулароян. Гьеб гьезего гьечIин абулел рукIарал чагIаздасан ритIухълъи кин балагьулебали дида лъаларо. Дагъистаналде кIудияб балагь бачIинабурал чагIи руго гьел. Ункъабго къоно тIад чIвайдал гурони ритIизе рес гьечIоха гIадамал. Цо талихI буго гьанже гьединал гIадамал дагьлъулел рукIин, гIолохъабаздагIаги гьеб бичIчIулеб букIин. Гурони цIилъизе кин цIилъулеб «пиргIавнзабазул» заман? «ПиргIавнзаби» ана… Гьесул яс кин хварай? Америкаялда херазул рокъой йикIана гьей ахиралда. Васасул къисмат кинан ккараб? Къисматцин гьечIо гьезул».

МахIачхъалаялъул коммунистал анцIго соналъ балагьун чIун руго халкъалъухъа гIарацги бакIарун Санкт-Петербургалда гьабизабураб Сталинил монумент Дагъистаналъул тахшагьаралда лъезе изну къваригIун.

XS
SM
MD
LG