МагъчIваялъе рес

Путин: ЦебетIураб Россия СШАгун Европаялъе хIажат гьечIо


Россия санкциябазда гъоркь ккезабиялъе США ва Евроцолъиялъул улкабазе багьаналъун ккана Украиналда бугеб конфликтилан абуна Владимир Путиница халкъалъул суалазе жавабал кьолаго.

Путинил рагIабазда рекъон, Украиналда конфликт ккун букIичIебани западалъ цогидаб багьана балагьизе букIана. Гьес абухъе, Россия цебетIезе бокьун гьечIо Америкагун Европаялъе ва гьелдалъун гьез санкциял хIалтIизарулел руго. Гьел санкциябаздаса Россия гIагараб заманалда эркен гьаби щакаб жо бугин тIаде жубана Путиница.

Донбасалда цIилъарал тунка-гIусиязда тIаса Путиница абуна Россия гьениб гIахьаллъулеб гьечIин ва Россиялъул солдатал гьенире гьечIин.

XS
SM
MD
LG