МагъчIваялъе рес

ГIабдулатIиповасул лъабабилеб эфир


25 февралалда Дагъистаналъул нухмалъулес чIагояб эфиралдасан жавабал кьуна дагъистаниязул суалазе.

Бащдаб лъагIалида жаниб гьабураб лъабабилеб эфир ккола гьеб. Гьединлъидал тIокIалъ чIечIого гьарулел эфирал гIадамазда чIалгIунилан, интернеталдасан ГIабдулатIиповасде гIайиб-гъвел гьабулел чагIи камун рукIинчIо.

Амма гьес жинцаго гьеб гара-чIвариялда цIар лъуна араб соналъул хIасилал гьариян.

ЧIагояб эфиралъул байбихьуда Рамазан ГIабдулатIиповас абуна ахираб 20 соналда жаниб республика букIанин чанго батIияб ахIвал-хIалалде ккун, тIалъиги букIанин загIипаб.

ГIадамалги рукIанила къватIул харбаздаги кьучI гьечIел баяназдаги хадур лъугьун. Гьединлъидал жинца нуж ракIрагьараб гара-чIвариялде ахIулел ругилан абуна президентас.

Дагъистанияздехун жиндир лъикIаб бербалагьи букIунила гьезул миллаталъухъ, динияб бербалагьиялъухъ ва цогидалъухъ балагьичIого.

Республикаялда гIоларел школазулги, нухазулги, азарханабазулги суалазда цадахъго гьениб борхана Гъизляралъул коньяк гьабулеб заводалъул суалги.
Прессаялдасан кутакалда гIайиб-гъвел гьабулеб буго ГIабдулатIиповасде
Гъизляралъул коньяк гьабулеб завод цо хасав чиясе бичизехъин бугин, гьелъие гIоло гьенив нухмалъулевги хисун вугилан.

Амма Рамазан ГIабдулатIиповас абуна 1 млрд 400 млн гъурщиде чорокаб спирт кьабулел ратанин гьел.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Дица гьеб процесс чIезабуна. Цин акционерияб гIуцIиги гьабун, приватизация гьабизе ккола гьелъие. Гьелъие гIоло дица дове тIамун вуго бищун лъикI чогърол иш лъалев СагIадулаев МухIамад.

Гьеб заводалдаса магъалабазул 300 млн гъурущ щун гьечIо республикаялъул бюджеталъе. Млрд гъурщил налъиги буго гьелда тIад. Гьениб хIалтIизабулеб букIараб чорокаб спирт хIалтIизабун бажарулеб жо гуро. Гьелъул коньяк гьабун бажаруларо.

Гьединлъидал завод цIунизе гьабураб хIукму букIана гьеб дица».
Ахираб заманалда республикаялда тIиритIун рукIана Рамазан ГIабдулатIипов Олимпиада лъугIигун нахъе унев вугилан абурал харбал.

Кинаб Олимпиадаяли мухIкан гьабулеб гьечIо гурищан махсара гьабуна гьес, «Дагестанская правда» газеталдаса кьураб суалалъе.

Гьединго гIемер бицунеб буго Рамазан ГIабдулатIипов нухмалъиялде вачIаралдаса жавабиял хъулухъазда гьесул ватIан - ЛъаратIа мухъалдаса гIадамал толел ругилан.

Гьелъие жаваб кьолаго ГIабдулатIиповас абуна ахираб 70 соналда жанир ЛъаратIа мухъалдаса цониги чи министрлъунгицин тун вукIинчIин республикаялда, гьединлъидал пуланаб хъулухъалда тезе ккани даражаги хIалбихьиги букIине кколарищин чиясул абун суал лъуна гьес.

Терроризмалъул суалги кьуна Рамазан ГIабдулатIиповасе. Хъачагъал сах гьарулел рукIанилан тохтур Марат Гунашев вуго туснахъ гьавун.

Гьединго туснахъ гьавун вуго терроралда данде къеркьеялъулъ лъикIал хIасилал рихьизарулин рикIкIунев вукIарав Гъизилюрталъул полициялъул нухмалъулев АсхIабгIали Заирбегов.

Гьелъул магIна щибин «Новое делоялдасан» кьураб суалалъе ГIабдулатIиповас чIванкъотIун жаваб кьечIо.

ЧIагояб эфиралдасан Рамазан ГIабдулатIиповас гьабураб кIалъай халатбахъана кIиго сагIаталдаса цIикIкIун мехалъ. Гьенир гIахьаллъана журналисталги, хъулухъчагIиги, жамгIиял хIаракатчагIиги.
XS
SM
MD
LG