МагъчIваялъе рес

Р. ГIабдулатIипов: «Исана рищиял чIорого тIоритIизе руго»


Хамиз къоялъ Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас иргадулаб чIагояб эфир тIобитIана Дербенталда Нарын-Хъалаялдасан.

КватIичIого кIодо гьабизе бугеб гьеб шагьаралъул 2000 сон тIубаялда базабуна гьес эфир, амма гьеб байрамги гьелде хIадурлъиги гурониги, цойги дагъистаниязе кIвар бугел суалалги рорхана гьес, интернеталдасан ритIун рачIарал ва кIалъан рачIаразул суалазеги жавабги кьуна. Гьаб сагIат Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалалъе къимат кьолаго ГIабдулатIиповас лъазабуна чанго соналъ цебе букIаралде дандеккун гьеб гIемерго цIакъ лъикIлъун бугилан. Ахираб 20 соналъ республикаялда гьабичIеб хIалтIи гьабунин ахираб кIиго соналда жанибилан, амма жеги гьабизе жо гIезегIан бугин лъазабун гьес.

Дербенталъул 2000 сон тIубаялде хIадуриялъул бицунаго республикаялъул бетIерас абуна жакъа къоялде гьеб байрамалде шагьар къачIазе улкаялъул ва республикаялъул бюджеталдасан биччан букIараб миллиардгун 226 миллион гъурущ харж гьабун бугилан. Гьеб гIарцуде къачIан лъугIун рагIула шагьаралъул 14 къватIги, ункъго ахги, гьел гурониги цойги къватIаздаги гьарунила къачIа-кIатIаялъул хIалтIабийилан лъазабуна республикаялъул хIукуматалъул бетIер ГIабдусамад ХIамидовасги.

Гьес лъазабуна шагьар байрамалде хIадурун бугина абизе бегьулила, дагьа-макъал хIалтIаби хутIун ругила лъугIизаризе, гьелги байрамкъоялде ахиралде щвезаризе ругилан. ГIабдулатIиповас Дербенталъул вукIарав бетIер Имам Яралиевасде гIайибалги гьаруна, гьес заманалда ва букIине кколедухъ байбихьичIила байрамалде хIадурлъи гьабизе ва шагьар цебетIеялъеги щибго хIалтIи гьабичIинги абуна республикаялъул нухмалъулес.

Интернеталдасан Рамазан ГIабдулатIиповасе суал кьуна 13 сентябралъ тIоритIизе кколел депутатазул рищиязда цебе щайила цо-цо мухъазулги шагьаразулги бутIрул рищулел ругелилан, гьеб къанун хвезаби кколарищилан. Республикаялъул нухмалъулес лъазабуна гьениб щибниги къанун хвезаби гьечIилан. Гьединго гьел рищиязул бицунаго ГIабдулатIиповас лъазабуна республикаялда тIоцебе коррупция гъорлъ жубачIого тIоритIулел ругила рищиялилан.

Рамазан ГIабдулатIипов: «ГьатIан къоялъ рищизе руго 27 муниципалияб парламент, гьездаса хадур рищизе руго мухъазул ва шагьаразул 20 бетIерги.Гьел нухмалъулел цIирищарал депутатаз рищани яги цере рукIарал депутатаз гьел рищун ратаниги къануналда рекъон гьезул батIалъи гьечIо. Киназ гьел рищаниги гьебги нужеца гьаркьал кьурал чагIи ккола, щай гурелъул депутатал халкъалълъидал рищулел. Гьединлъидал, кIваркье рищиязде, хасго исана тIоцебесеб нухалъ гьел рищиял чIорого тIоритIизе руго, лъицаниги депутатасул бакIалъухъ гIарац кьезе кколаро».

Гьединго ГIабдулатIиповас абуна жиндица кидаго руччабазул рахъкколила, гьединлъидал гьел бакIалъул депутатазда гьоркьор цониги чIужугIадан гьечIолъилда жив разигьечIила. Депутатазул 20-25% гIаги руччаби рукIине ккелин гьезда гьоркьорилан лъазабуна гьес. Гьединго республикаялъул бетIерас тIаде жубана депутатазда гьоркьор 30 соналде рахинчIел гIолохъабиги рукIине ккелилан, дагь-дагьккун нухмалъиялъул аппараталда гIолохъанаб гIел бачIине къваригIун бугила жиндиейилан абуна гьес.

Аслияб къагIидаялъ чIагояб эфиралда рорхарал суалал рукIана МахIачхъалаялда хурхарал. Гьедин гIадамазул разигьечIолъи бугоан шагьар бакьулъ Шамилил къотIноб боцIи хъолеб бакI букIиналдаса, шагьаралда хьвадулел цIиял автобусазда жаниб кондиционерал гьечIолъиялдаса, Ак-Гель хIорил рагIал чорокго букIиналдаса ва шагьаралъул къватIахъ гIемераб боцIи букIиналдаса.

Гьел суалазе жавабги, гIадамаз рехсарал хIужабазеги баян кьуна МахIачхъалаялъул мэр Муса Мусаевас.

Муса Мусаев: «Исана Къурбан къо щвелалде нижеца шагьаралде рачIунеб ункъабго рахъалда хасал бакIал гьарун руго боцIи хъвезе, гьединлъидал шагьаралда жаниб боцIи хъолеб бакIги тIокIаб букIине гьечIо. Шагьаралъул къватIахъ бугеб боцIи тIагIинабизе букIинеги гIемераб хIалтIи гьабулеб буго администрациялъ. Нижеца гьеб боцIи ккун жаниб тIамизе бакIалгицин гьарун руго. ЦохIо моцIида жаниб гьениб жаниб 35 хIайван тIамун букIана, амма бетIергьаби хадур рачIинчIого жеги 15 бетIер буго гьенибго тIубараб моцIица».

ГIагарал къоязда гьеб боцIул бетIергьаби гьелда хадур рачIинчIони хъун гьезул гьан лъималазул рукъзабахъе кьезе бугинги лъазабун МахIачхъалаялъул мэрас. Тахшагьаралъул проблемабазул бицунаго ГIабдулатIиповас лъазабуна гьелъул проблемаби тIуразе букIине жиндица кIиго мэр хисанила, лъабабилев хисизе ракIалда гьечIила, гьев хIалтIизе тIамейилан абуна гьес махIачхъалаялъулазда. Мэр тIокIав хисизе гьечIин абураб жо, Мусаев мэрасул рищиязда бергьине вугин абун бичIчIизабулеб жо кколин ГIабдулатIиповасулин абун магIна бахъана гьел рагIабазул фейсбукалда хъвадарулезги.

Гьединго чIагояб эфиралъул заманалда ГIабдулатIиповас кIвар буссинабуна республикаялъул азарханабазда гIадлу ва унтараздехун берцинаб бербалагьи букIинабизе ккеялде. Гьеб букIиналъе гIоло 25 бетIерав тохтур хисанила республикаялдайиланги абуна гьес.

Гьединго школазда лъималазе тIахьал гIолел гьечIин абун бачIараб гIарзалъе жаваб кьолаго, республикаялъул бетIерас лъайкьеялъул министрасда лъазабуна гьеб суалги роцIцIинабейилан. Гьединго гьес кIвар буссинабуна гуржиялъги азербайджаналдаги ругел магIарулаз школалда рахьдал мацI малъизе тIахьал гIолел гьечIин, гьелъие кумек гьабейилан гьари бачIун бугилан. Гьеб суалги ШахгIабас Шаховасда тIад къана Рамазан ГIабдулатIиповас.

Ахиралдаги республикаялъул бетIерас лъазабуна 2013 соналде данде ккун гьанже Дагъистан тIубан батIияб республика бугин, дагьабги цIакъ гьеб лъикIаб рахъалде хисизаби нилъер мурадлъун букIине кколинги.

XS
SM
MD
LG