МагъчIваялъе рес

Кьавуца кварал маршруткабиги депутатасул тахбакIил багьаги


КIиабилеб апрелалда хIукуматалъул хIакимзабиги, министралги, цо-цо мухъазул ва шагьаралъул нухмалъиги бакIарун, чIагояб эфиралда халкъалъул суалазе жаваб кьолев вукIана республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIипов.

Амма цебесеб нухалда гIадин гьаб нухалъ гIемерал журналистал ахIун рукIинчIо гьенире. Бицунеб буго нижер мухбир Юсупов Ашаханица

Гьаб нухалъ гара-чIвари гьабулеб букIана росдал магIишаталда тIасан. Эфир тIобитIана Ленинкенталда бугеб тепличный комплексалда. КIиго моцI ун рагIула гьеб хIалтIизе биччаралдаса. Гьеб заманалда жаниб гьеб комплексалъ гьабураб хIалтIул баян кьезе тIамуна гьес гьелъул нухмалъулев Шамил ГIисаев. КъватIир хIукуматазда ругездаса къураб къайи-цIа гьечIин жидер гьаниб, лъабкъоялда анцIго чиги вугин хIалтIилев, чамалиго азарго тонна овощазулги хIадур гьабунилан бицана гьес.

ТIоцере кьурал суалазда гьоркьоб букIана МахIачхъалаялда хурхараб суал: «ХIурматияв Рамазан ХIажимурадович, шагьаралъул гьумер хисиялъе хIалтIаби гьаризе байбихьун буго дуца, цIиял автобусалги рачIана, гIадамалги разиго руго. Амма гьагъал кьавуца кварал маршруткаби тIуранго кида яризаризе ругел?» - абун

«Автобусал роси цIакъ лъикIаб, киналго разияб иш буго, амма гьелъул магIна кколарин тIуранго маршруткабиги лъугIизаризе ругилан абураб. ХIалтIун бажарулел маршруткаби гьанжеялдаса хадурги хьвадизе руго. Амма гьеб бачунел гIадамазул рагIа-ракьанде щун сахлъиялъул хал гьабизе бугилан, - ян абуна ГIабдулатIиповас.

Ямало-Ненецкиялдаса чи вачIана студиялде кIалъан, жив кколин Табасаран районалдаса. Дуцайин гьалмагъ президент, крахоборалги, цIогьалги, хъачагъалги тун ругин районазе нухмалъи гьабизе. Кидайин жиндир гIагараб районалда сахав нухмалъулев вукIине вугев абун?

ВачIинахъего вихьулев вугин дагъистанияв вукIинилан махсаро гьабуна ГIабдулатIиповас. Гьесул бакIалда Ямало-Ненецкиялдаса жив кIалъалев вукIаравани, жиндица батIайиса кьелаланин суал. ГIагараб Дагъистаналъул ургъалида вукIанин дун, гьеб нилъеца цадахъ цебетIезабизе кколилан абун. Гьесда лъан букIине абулеб бугин, Табасаран районалда цIияв чи танин жиндица бетIерлъун, гьев лъай бугев чиги вугилан. Студиялда вукIарав журналистас кьуна суал Россиялъул хIукуматалъ биччан рагIулин Дагъистаналда гIиси-бикъинаб даран базар цебетIеялъе 350 миллион гъурущ, кинаб куцалда гьеб гIарац предпринимателазда гьоркьоб бикьизе бугебилан

Гьеб суалалъе жаваб кьезе даран-базаралъулгун инвестициязул ва предпринимательствоялъул министр Юсуп ГIумавов тIамуна ГIабдулатIиповас. Гьеб гIарац бикьизе бугин гIисинал бизнесазул рахъалъ гIуцIараб кинабалиго фондалъилан, халат бахъинабун жаваб кьолев вукIарав министрги чIезавун, «Юсуп Джанбекович, рокъор телевизоралда цере кIусун ругел гIадамазда дуца бицунеб жоялдаса щибниги бичIчIичIо, чIванкъотIун бице кинаб районалда щив предепринимателасе щвезе бугеб гьеб гIарац» илан бадибчIвай гьабуна Рамазан ГIабдулатIиповас. Намуслъарав гIадинги лъугьун жаваб кьезе байбихьун букIарав гьесдаса нахъойги, фамилия, фамилия абун тIалаб гьабуна бетIерас. 725 предпринимателасе щвезе бугилан абуна ахирги Юсуп ГIумавовас. «Аллагьасе рецц, 725 абураб жониги рагIизе кIвана», - ян абуна республикаялъул нухмалъулес.

Интернеталде битIун бачIараб суалалда цIехолеб букIана тIасияб соналъ рукIине ругин Халкъияб Собраниялде рищиял, Депутатасул креслоялъул багьаб щибин букIине бугеб абун. «КIигIаналде бугеб Юрий Андреевич (Левицкий -авт), депутатасул хъулухъалъул багьа, мун вугелъулин гьеб хъулухъ бичун босичIев чи»,-ян вице-спикерасе кьуна ГIабдулатIиповас велъулаго гьеб суал. Намуслъун гьимгьиделев вице-спикерги вукIана.

Къокъ гьабун абуни цониги депутатасул бакIалъухъ гIарац босизе гьечIилан божизаруна ГIабдулатIиповас дагъистаниял. ГIелин, чIалгIанин гIарцухъ тIоритIулел рукIарал рищиял, гьеб замана тарихалде ине заман щванин.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Дица официалияб куцалъ лъазе гьабулеб буго тIокIаб цониги депутатасул бакIалъухъ гIарац босизе гьечIилан. Дица кьураб тIадкъаялда рекъон Хизри ГIисаевичас хIалтIи гьабулеб буго гьанже ругел депутатазул хIалтIул даража борциналъе. Кинаб пайда гьес гьабураб депутатлъун вукIаго, кинаб къанун къабул гьабиялъулъ гьес жигараб гIахьаллъи гьабураб ва гьел гурел цогидал мисалазда рекъон борцине бего гьес гьабураб хIалтIи. ТIокIаб цебе букIараб системаялда рекъон вищизе гьечIо депутат. ЦIияб къагIидаялда рищарал халкалъул вакилзабаз кьучIдасанго лъикIаб рахъалдехун хисизе ккола депутатазул корпус. Киналниги жамгIиял идарабазе, жамгIиял гIуцIабазе, халкъалъулгун хIалтIи гьабулел чагIазе тIадкъай кьун буго ярагьунев, бажари бугев чиясда гьез цIар чIвазе депутатлъун вищилалде цеве. Амма бищунго аслияб жолъун гьениб букIине буго рищиял тIоритIулаго халкъалъ жиндирго гьаракь кьеялда».

Нижеца цIех-рех гьабуна гIадатиял гIадамазда гьоркьоб, чанго нухалъ тIобитIараб ГIабдулатIиповасул чIагояб эфиралдаса халкъалъе пайда бугиш, ялъуни гьечIищилан абураб суалгун?

- Дица гьесие цониги суалги кьечIо. Лъаларо лъилниги гьес мурад тIубарабиш тIубачIищалиги. Дида рагIичIоха гьес цониги чиясе хъулухъ кьунин, яги цогидаб кумек гьабунилан. Амма кинабго халкъалъул мурад тIубанги цохIо чиясухъа бажарилищха, гIебеде регун нилъги ругони? Гьедин руго мисалалъе дун йигеб росулъ, чипсалги, роллтоналги кванан. Я бекьулеб хур гуро, я хъвалеб хер гуро. КIалдибе борта багIаргIечилан чIун руго. ВачIинеги вачIун ГIабдулатIиповас кисинибе гIарац рехизейищ гьезие бокьун бугеб?

- Мисалалъе дун йигоха гIадатияй мугIалим. Нижер киназулго унтараб суал ккола харж дагьаб букIин. Гьеб цIикIкIинабизе бугилан хабар букIана, гьабичIо. Гьеб рахъалъ ГIабдулатIиповасе суал кьезе бокьарал чагIиги рукIана, лъаларо кьурабищали. Нижер гьеб суал жеги тIубазабичIоха гьес, чIагоял эфирал чан тIоритIаниги.

- Пайда букIонеб батила. Щайгурелъул чанги рукIуна ГIабдулатIиповасухъе пуланаб суалалда тIасан ине бокьарав чи. Амма гьесухъе тIаде ине щвезе бигьаяб масъала гуроха. Гьединлъидал тIубанго къваригIел гьес тIубачIониги, жиндирго рекIеда къараб, гIемераб заманаялъ рахIат толеб букIинчIеб суал гьесда рагIизабизе кIвеялдалъунги бигьалъи щолеб батилин чиясеян ккола дида.

КIиабилеб апрелалалда букIараб чIагояб эфир букIана ГIабдулатIиповас щуабилеб нухалда халкъалъулгун гьабураб гара-чIвари.

XS
SM
MD
LG