МагъчIваялъе рес

Р. ГIабдулатIипов: "Бюджет пасат гьаби ккола халкъалде данде такъсир"


ЦIунтIа, Хунзахъ ва Лаваша мухъазда бюджеталъул гIарац хвезабиялда хурхун кIудияб разигьечIолъи бижун буго республикаялъул бетIерасул. Гьелъул хIакъалъулъ Рамазан ГIабдулатIиповас лъазабуна коррупциялде данде къеркьеялъул темаялъул данделъиялда. Коррупциялъул даража цIикIиналъул гIайиб гьес чIвалеб буго контролалъул идарабазда гуребги, НКОяздаги, ай коммерциялъулал гурел жамгIиял гIуцIабаздаги.

Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаница гьеб коррупциялде дандечIезе ккеялъул бицине ахIараб данделъиялда лъазабуна жив кутакалда разияв гьечIин республикаялъул коррупциялде данде къеркьезе кколел идарабазул хIалтIудасайилан. Гьесул пикруялда рекъон жанисел ишазул, къуваталъул, контроль гьабулел идарабиги коррупция дагьлъизабиялда тIад хIалтIичIого, дагьабги цIакъ гьеб тIибитIизабулел ругилан. ГIабдулатIиповас лъазабуна улкаялда гьанже гIадин захIматаб социалиябгун экономикияб ахIвал-хIал бугеб мехалда бюджеталъул цо кебек бикъигицин гьеб халкъалде ва пачалихъалде данде гьабураб такъсирлъун кколилан.

Гьес бицана ахирисел халгьабияздаса хадуб ЦIунтIа ва Хунзахъ мухъазда бюджеталъул I00 млн, Лаваша мухъалда 200 миллион гъурун букIине кколаредухъ хIалтIизабун бугилан. Гьединабго ахIвал-хIал Дагъистаналъул чанги батIиял мухъаздаги бугилан. Гьелда хурхун цIех-рех унеб бугила, республикаялда дагьалниги лъикIал хиса-басиял ккезе бищун цебе коррупция тIагIинабизе кколин лъазабуна республикаялъул бетIерас. Гьединго ГIабдулатIиповас тIадчIей гьабуна республикаялда ругел нус-нус коррупциялде данде къеркьолелин абун цIар бугел жамгIиял идарабазул цо чангояб гурони букIине кколедухъ хIалтIулел гьечIилан. Гьел хIалтIуларел идарабазул цIех-рех гьабейин лъазабуна гьес юстициялъул министерлъиялдаги.

Дагъистаналъул хIукуматалъул коррупциялде данде къеркьеялъул бутIаялъул нухмалъулев ГIалиев ГIалибегица «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда баян гьабуна гьел жал коррупциялде данде къеркьолел чагIи ругинги абун хьвадулел жамгIиял идарабазул гIахьалчагIи гIемерисел гьерсихъаби ругилан. Гьел бацIцIун жидеего гIарац гьабулел чагIи ругилан.

ГIалиев ГIалибег: «Гьеб коррупциялде данде къеркьолелин ругел чагIазул гIемерисел руго жидеего пайдаялъе хIалтIулел, гIадамазухъа гIарац бахъулел чагIи. Чанго гьединав чиясухъа дица гьесул удостоверениеги нахъе бахъана. Президентасулалдаса чIухIараб бугоан гьеб. ГIадамазда гьебги бихьизабун жал республикаялъул бетIерасул чагIи ругинги абун рукIуна гьел гьереси къеркьохъаби. Масала, Лаваша мухъалда вукIана цо гьединавго чи, гьес мухъалъул бетIерасе гьерсал рицун руго жив ГIабдулатIиповасул чи вугин, жив анкьида жанив цо чанцIулго гьевгун дандги чIвалин, гьесда аскIове бокьараб суалгун унин жив, гьанже Лаваша коррупциялде данде къеркьеялъул хIалтIи тIадкъан бугин гьес жиндайинги абун, мухъалъул нухмалъиялда жиндиего хIалтIизе рукъцин кьезабун буго гьес. Дун гьевгун данчIвараб мехалда мун щиб гьабулев чийин, дуца гьабураб хIалтIи бихьизабейин абураб мехалда гьес дихъе рачIана цо квералъ хъвараб I8 гIарза. ГIадамаз Лаваша мухъалда бугеб коррупциялъул хъван бугин гьенибилан абуна гьес. Цого чияс щайинха гьел хъваралин гьикъараб мехалда, гьев вуго вахъунев вуго гIадамазухъа хъван бажарунгутIиялъ жиндицаго хъвазе кканин гьелилан. Гьелде тIадаги гьел гIарзал къваралъухъ гIадамазухъа гIарацги босулеб букIун буго гьес. Дудасан гIарза хъван бугин гьеб къватIиб чIвазабичIого тезе ккани дие гьадингIан жо кьейилан хьвадулелги чанги рукIана. Гьединал чагIаз хвезабулеб буго кинабго нижеца гьабунщинаб хIалтIи. Гьез гIадамазул божилъи хвезабулеб буго, гIадатияв чиясда гьев щив гьерсихъанила щиб лъалеб. Гьесдаги божун, гьесде хьулгун рукIуна гьел гIадамал, гьез щибго хIалтIиги гьабуларо, гIадамазул захIмалъабазе бигьалъиги батуларо. Гьеб мехалдаги тIалъиялда гIайиб гьабизе лъугьуна».

Гьединго ГIалиев ГIалибегица абуна жидеца гьел коррупциялде данде къеркьолелин абун гIадамал махсароде кколел чагIазе къануналда рекъон тамихI гьабиялъе хIалтIаби гьарулел ругилан.

ГIемерал саназ жамгIияб ишалда вугев, Дагъистаналда тIоцебе рагьараб Табасаран мухъалъул коррупциялде данде къеркьолеб жамгIияб идараялъул гIахьалчи Къурбанов Гъазиханицаги бицана унго-унголъун гьеб иш гьабулеб 3 жамгIияб идара гурони гьечIин Дагъистаналдайилан.

«2006 соналдаса нахъе нижер Табасаран мухъалъул коррупциялде дандечIараб жамгIияб идараялъ мухъалъул бюджеталде 200ялдаса цIикIкIун миллион гъурущ тIад буссинабуна. Гьелъие нугIлъи гьабулел документал дихъги руго, бокьараб къуваталъул идараялъги тадсикъ гьабула гьеб. Нилъер гьанир гIемерисел жамагIатчагIи руго батIи=батIиял багьанабиги ратун жидего гIарац гьабулел. Гьебго цойгидал коррупциялде данде къеркьезейин абун гIуцIиял гьарурал, данделъаби тIоритIулел халкъалъ чанцIул дида абураб мунги жидер ишалде гъорлъе лъугьайин, дуеги гьениса жо камиларин. Гьел руго хIакимзабазе рекет гьабулел чагIи. Нижее гьеб жо данде кколаро. Гьаб сагIат дида лъала унго-унголъунги коррупциялде данде къеркьолеб лъабго жамгIияб идара – нижер идара, Дагестанские огни шагьаралда гIуцIараб коррупциялде данде къеркьолеб жамгIияб идара ва «Отлы-боюн» абураб лъарагIазул жамгIияб гIуцIи».

Гьединго Гъазиханица бицана гьел гьереси къеркьохъабаз хIакимзабахъа гIарац бахъараб гIечIого, республикаялъул бетIерасул гранталгицин росулилан. Гьеб грант кьелалде цебе унго-унголъун гьеб гIуцIи щиб гьабулел чагIийила халищила гьабизе бегьулареб тIалъиялъин абун гIажаиблъун вугоан гьев.

XS
SM
MD
LG