МагъчIваялъе рес

Дагъистаналда "Платон" бергьанин кколеб буго


Дагъистаналда «Платон»алде дандечIарал шоферзабаз акция лъугIизе тана

23 декабралда Дагъистаналда юк баччун рикIкIаде хьвадулел автомобилал рачунез «Платон» системаялде данде тIобитIулеб букIараб акция чIезе тана. Низам цIунулез тIубан рахIат хвезабун букIиналъ, гьез провокациял гьариялда хIинкъиялъ чIезе танила жидеца гьеб тадбирилан лъазабулеб буго гьелъул гIахьалчагIаз. ЦIияб соналда цIидаса гьебго акция байбихьизеги бегьулин жидецайилан лъазабулеб буго гьезго.

МоцIги хадугиялъ халат бахъунеб бугеб нухаздаса пайда босиялъухъ мухь цIикIкIинабиялда хурхараб «Платон» системаялде дандечIун къайи баччулел чахIиял автомобилазул шоферзабаз Дагъистаналда тIобитIулеб букIараб протесталъулаб акция чIезе тун буго арбагI къоялдаса нахъе. ТIубан лъугIизе танин гьеб акцияйилан абизе бегьуларила 2016 соналъул авалалда цIидасан байбихьизе бегьулин жидеца гьебилан абулеб буго гьелъул гIахьалчагIаз. Аслияб къагIидаялъ гьеб тадбир гьоркьоб къотIизе теялъе гIиллалъун къуваталъул идарабазул тIадецуй букIанин бицана «Эркенлъи» радиоялъе бетIералдасанго гьеб акция багъаризабуразул цояв ГIалиев Исламица.

ГIалиев Ислам: «Заманалъ чIезе тун батила нижеца гьеб акция, тIубан гьеб лъугIизе тезе ракIалда гьечIо. Гьаб сагIат гьеб гьоркьоб къотIизе тезе ккана жанисел ишазул идарабазул хIалтIухъаби акциялъул гIахьалчагIазда хадур лъугьун рукIиналъ. Гьелали нижеца акция байбихьаралдаса нахъего рукIана нижее квалквалал гьарулел, амма гьанже тIубан рагъарун руго. Хасавюрталда аскIор чIун рукIарал ниж хутIун рукIана Дагъистаналда бищун ахиралдалъагIан. Цо заманалда 800 гIан автомобиль гIун букIараб нижер акциялъулъ ахиралда 30 гIан чи хутIун вукIана. Цоял чIалгIун нахъе ана, цойгидал Москваялде ана протесталъулал тадбиразде. ГIемерисел хIалтIизе рахъана, гьеб акциялъулги хIасилго кколеб гьечIила, хъизанал хьихьизе жидецаги кколел ругин абулеб букIана гьез.

Нижецаги ккола хъизанал хьихьизе, амма хIасил ккечIого акция лъугIизе тезе ракIалда букIинчIо дидани. Хасго гьабщинаб заманги бан, гьабщинаб ахIи-хIурги бахъинабун хадуб. Амма 22 декабралда гIаммаб данделъиялда гIемерисез гьеб заманалъгIаги лъугIизе теялъул рахъккуна. Щай гурелъул гIемерисезе низам цIунулез рагьун хIинкъалаби кьолел рукIун руго. Цере-цере цохIо гьанире рачIун акция лъугIизе тейилан тIалаб гьабулеб букIун батани гьез, гьанже щиб букIаниги къануналъ гьукъараб жо реххун, кинаб букIаниги провокация гьабиялъул хIинкъи буго гьез нижее».

Гьединго Исламица бицана гьаб сагIат Москваялда халат бахъунеб бугеб гьеб «Платоналде» дандечIараб акциялъулъ жеги 80 – 100 гIан Дагъистанияс гIахьаллъи гьабулеб бугилан. Цо-цоял гьениса гIебеде рейсал щвани хIалтIизеги рахъунел ругила, хадурги цIидасан акциялъулъе журалел ругилан.

Гьал къоязда Россиялъул президент Владимир Путинил пресс-конференциялда гьеб «Платон»алдаги гьелде дандечIааразул акциялдаги хурхун суал кьураб мехалда гьес лъазабуна жив хIадур вугила гьеб ациялъул гIахьалчагIаздаса гьезда тIадаблъун кколеб транспорталъухъ магъало тIаса бахъизейилан. Амма гьеб магъало кьечIого тунилан абун жидее кутакаб бигьалъи кколарин абулеб буго юк баччулел автомобилазул шоферзабазгун бетIергьабаз.

Масала, Гъаякенталдаса къайи баччулел чIахIиял автомобилал къачIалеб сервисалъулаб централъул ва чанго гьединаб кIудияб автомобилалъул бетIергьан Агъаев Салманица «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда баян гьабуна гьеб транспорталъул магъало бугила «Платон»алъ жидехъа бахъулелъул 15 процент. ТIадежоялъе гьеб система букIине кколеб хIалалда хIалтIулеб гьечIолъиялъ гьелда рекъон жиндица кьураб гIарацги гьоркьоб анин абун ццин бахъун вуго гьев.

Агъаев Салман: «Платон» гьеб буго гIадамазул гIарац бикъизе гьабураб система. Масала, дие бокьун буго гьеб компаниягун къотIи-къайги гьабун гьезул системаялда рекъон гIарацги кьун нухда ине. Гьа, кибха бугеб эб фирма, лъилгун дица къотIи гьабизе кколеб ? ГьечIо, гьединав чи. Гьел «Платон»алъул чагIиги руго дунго гIадал бизнесменал, амма дица гьабулеб хIалтIул жавабчилъи тIаде босулаха дица. Автомобиль къачIазе бугони гьелъул бетIергьанасулгун къотIи-къай гьабула дица, лъун гъоркь гъулбасгун. Гьезул гьеб жо гьечIо. Дица цо автомобилалъухъ кьуна 1401 гъурущ, гьеб гIарац бахъун ана, амма дица гьеб кьунин абун тадсикъ гьабулеб хасаб код битIун бачIинчIо дихъе.

Чан нухалда гьезул сервисалъул номералде ахIаниги гьезги жаваб кьечIо. ГIадада гьоркьоб ана дир гIарац. Гьадингоги гIемераб къоги бихьун щолел нижер гьел кепкал гьоркьор инарулел руго гьедин гьез. Гьебищ тIалъиялъ кидаго бицунеб гIисинал бизнесчагIазе гьез гьабулеб кумек. Гьелда релълъараб букIуна гьезул хутIарабщинабги, квалквал гьабун, нижехъа жо бахъизе гурони лъаларо гьезда. Дун гIадаз щиб гьабизе кколеб? РитIухълъи чIезабизе ккани горбода автоматги бан кьвагьи бахъинабизейищ ине кколев».

Гьединго дагъистаналдаса юк баччулел автомобилазул бетIергьаби разиял руго жалго гIадал шоферзабаз гIуцIараб тIолгороссиялъулаб ассоциациялде гъорлъе лъугьинеги. Киналго данде гьарулеб, цолъизарулеб гIуцIи хIажат бугин жидеейилан лъазабулеб буго гьез.

XS
SM
MD
LG