МагъчIваялъе рес

Платоналъукьа къуркьулел гьечIо Дагъистаналъул шоферал


Платоналъ жал къуркьизарунин аби гьереси бугин ва кIигIан тIалъиялъ тIадецуй гьабуниги жал гьелде данде чIезе ругин лъазабулеб буго Дагъистаналъул шоферзабаз.

4 февралалда МахIачхъалаяда «Платон» системаялъул хасаб офис. Гьелъул нухмалъиялъ лъазабулеб буго гьелде дандечIун рукIарал дагъистаниялде гьелде гъорлъе лъугьунел ругин ва гьединазул къадар щибаб къойил цIикIкIунебги бугин. Гьел баянал гьересиял ругин бицана Дагъистаналъул юк бачIчIулел автомобилал рачунезул цолъиялъул нухалъулев МалламухIамадов Рустамица.

Россиялда «Платон» система хIалтIизе лъугьаралдаса нахъе гьелъ лъабго миллиард гъурущ бакIарун бугин ва гьеб нухал гьариялъе ва гьел къачIаялъе хIалтIизабизехъин бугин, гьаб сагIат Дагъистаналда 500 гIан шофер «Платон»-алда рекъон хIалтIулев вугин лъазабулеб буго, гьеб система республикаялда тIибитIизабулеб бугеб, «РТ-Инвест Транспортные Системы» компаниялъул вакилзабаз.

4 февралалда МахIачхъалаялда гьеб «Платон»-алъул хасаб офис-вакиллъи рагьана. Гьеб тадбиралда платоналъулаз беццун лъугIулеб букIинчIин гьеб системайилан абизе бегьула. Гьез бицухъе платоналда гъорлъе лъугьарав чияс гьеб системаялъ кьолел киналго ресаздаса пайда босизе бегьулин, гьелъул цIакъ кIудияб квегIенлъи букIине бугин бицунеб букIана гьез. Гьедин гьеб «РТ-Инвест Транспортные Системы» компаниялъул вакил Олег Кириловас лъазабуна гьеб системаялда регистрация гьабурал шоферзабазе рес щвезе бугила киналниги нухазул лъикIаб карта хIалтIизабизе, гьез жидецаго хадуб халкквезе бегьулила автомобилалъ тараб манзил кин гьеб системаялъ рикIкIунеб бугебали, нагагь кинал рукIаниги суалал раккани гьеб сагIатго бокьараб ригьалъ хIалтIулел хасал гьеб системаялъул операторазухъе ахIизе бегьулила гьез кинабго рекъезабулилан. Гьеб киналъулго хIисабги гьабун цере жидеда дандечIчIун рукIарал гIемер къайибаччун рикIкIаде хьвадулел автомобилазул бетIергьаби «Платон» -алде гъорлъе лъугьунел ругилан. Дагъистаналдаги щибаб къо бахъанагIан, гьеб цебехун бицен гьабураб системаялъул рахъкколел цIикIкIунел ругилан бицана гьев чияс.

Олег Кирилов:«Гьаб сагIат «Платон» системаялъ лъабго миллиард гъурущ бакIарун буго. Гьеб кинабго гIарац нухал къачIаялъе ва гьел гьариялъе хIалтIизабизе буго. Кибе кигIан гIарац кьелеб, хас гьабун сунда гьеб хвезабилебали абураб суалалда тIад хIалтIулел руго гьаб сагIат. Амма гьеб системаялда хъвай-хъвагIай гьабурав чиясул рес буго гьеб гIарац кибе унеб бугебали гьелда хадуб халкввезе. Гьеб система баккун хадуб гIемер харбал рукIана гьеб гIарац нухазе ине гьечIила, хасал гIадамазул чунтбузухъе ине бугилан. Гьанже щибаб гьеб гъурущ сунда тIад хвезабизе бугебали гьезда жидедаго бихьизе буго. Жеги-жеги нижерги гьел чIахIиял юкбаччулел автомобилазул шоферзабазулги рагIи дандеккун бугин абиларо дица. Амма ниж гьелде рачIине руго. Дагь-дагьккун гьеб системаялде гъорлъе лъугьунел руго Дагъистаниялги. Жакъа къоялде республикаялда гьединазул 500 чи гIун вуго. Хадубги гьел хутIарал шоферзабиги платоналде гъорлъе лъугьинилан ккола дида. Гьедин букIинчIого рес гьечIо щай гурелъул гьеб буго Россиялъул тIалъиялъул хIукму, къануналъги гьебго жо тIалаб гьабулеб буго, гьедин гурониги гьеб системаялде гъорлъе лъугьине инкар гьаби гьеб яхIгьечIолъи буго».

Жидер яхIалъул бицунел рукIинчIого яхIги-ничги, намусги гьечIого шоферзаби хIулулел ругел жидехъго щайила гьел платоналъулал балагьуларелилан абун ццин бахъун вуго Дагъистаналъул рикIкIаде хьвадулел чIахIиял автомобилал рачунезул гIуцIиялъул нухмалъулев МаламухIамадов Рустам. Гьес «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда платоналъулаз дагъистаниял жидеего бокьун гьеб системаялде гъорлъе лъугьунел ругин аби гьеб гьереси бугилан лъазабуна.

МаламухIамадов Рустам :«Дагъистаналда ругел чанго чIахIиял фирмаби тIамун руго гьеб «Платон» системагун хIалтIизе. ТIалъиялъ тIадецуй гьабулеб буго гьездеги. Жалго бетIергьанал автомобилал ругел шоферзаби гьеб системаялде данде чIун руго. Цо-цониги гьезда гьоркьорги ратила хIалтIичIого рокъор рукIинегIан, бокьараб системаялда рекъон хIалтIун лъикIинги абун «Платон» - алде гьоркьоре лъугьун. Амма гьел цIакъ къанагIат гурони гьечIеблъи ракIкIчIун лъала дида. Дагъистаналдаса 500 чи гьелда гъорлъе лъугьун ругин аби гьеб жо гьереси буго. Унголъунги гьезул гьевщинав чи вукIараванигицин гьелъ щибниги хисизабулароан щай гурелъул республикаялда буго 39 000 гIан юк баччун, рикIкIаде хьвадулел автомобилал гьезда гьоркьоса 500 чи «Платон» алде унин абун щибниги хисизе гьечIо».

Гьединго Рустамица лъазабуна жалги тIолго россиялъул «Платон»-алде данде цIидасан 20 февралалда байбихьизе бугеб акциялда гъорлъ гIахьаллъизе ругилан.

ТIоцебе «Платон» системаялъ цо километр таралъухъ автомобилазухъа 3,73 кепекги тIалаб гьабулеб букIана. Гьелдаса разигьечIолъи гIемерлъидал гьеб 2016 соналъул 29 февралалдалъагIан цо гъурущги, 53 кепкидеги ккезабун букIана. Гьелдаса хадуб 2018 соналъул декабралдалъагIан гьеб лъабго гъурущги анлъго кепекалдеги бахинабулеб буго.

XS
SM
MD
LG