МагъчIваялъе рес

ЕГЭ нахъе бахъизеги рес буго


Пачалихъалъул цогояб экзамен цIалул программаялда нахъе бахъизе кколин абураб къануналъул проект босун буго Пачалихъалъул Думаялъул халгьабиялде.

Пачалихъалъул цогояб экзамен цIалул программаялда нахъе бахъизе кколин абураб къануналъул проект босун буго Пачалихъалъул Думаялъул халгьабиялде. Гьеб проекталъул авторал ккола ЛДПР партиялъул вакилзаби. Жиндирго хIажалъи ритIухъ гьабичIин гьеб экзаменалъилан рикIкIунеб буго гьез. Дагъистаналъул лъай кьеялъул министерлъиялъги, гьединго мугIалимзабазги рикIкIунеб буго цогояб экзамен кьун бажарулеб бугин лъималазухъайилан, эбел-инсул пикру гьезулалдаса батIияб буго.

15 соналъ цебе Пачалихъалъул цогояб эказмен школалъул цIалул программаялде гьоркьобе бачунаго гьелъул масъала букIанин лъай кьеялда жаниб букIараб коррупцияги лъугIизабизе ва цIалдохъабазул лъаялъул даражаги борхизабизе, амма хIасил гьединаб ккечIин абулеб буго ЛДПР пратиялъул депутатаз. Цогояб экзамен кьезе байбихьаралдаса ТIадегIанал цIалул идарабазде лъугьунел гIолилазул къадар дагьлъиялъ бицунеб бугин Пачалихъалъул экзаменалъул жо ккечIеблъиян абулеб буго гьез. Гьединго Лъай кьеялъул министерлъиялъ щибаб соналъ хиса-басиял гьарулел ругин экзамен кьеялда жанир, школа лъугIулезе абуни захIмат букIунин гьел хиса-басиязде ругьунлъиязеян тIаде жубалеб буго гьез хадубги.

Гьеб экзамен Россиялъул школазда кьезе байбихьана 2001 соналдаса байбихьун. 11 класс лъугIулел лъималазул эбел-инсуе гьеб кIудияб гIакъубаялде сверун букIана. Лъималазе репетиторал кколел, хIадурарал экзаменалъул хIалтIаби ричун росулел, кIудияб гIала-гъажа букIана гьелда сверухъ. Амма ахираб лъабго-ункъо соналда жаниб ахIвал-хIал батIияб рахъалде сверанин рикIкIунеб буго Дагъистаналъул лъай кьеялъул министр хисулев Ширали ГIалиевас. Цебе кIолеб букIун батичIони, гьанже 11 класс лъугIулел гIолилазда жидедаго кIолин гьеб экзамен кьезеян абулеб буго гьес.

ГIалиев Ширали: «ЛъикIал рахъал гIемер руго гьелда жанир. Мисалалъе, цебе кида букIараб гьединаб рес, ресукъаб хъизамалда вугев гIолиласе Россиялъул бокьараб тIадегIанаб цIалул идараялде лъугьине кьураб? Гьединго Пачалихъалъул цогояб экзаменалъул кумекалдалъун жиндирго бугеб лъай загьир гьабураб гIолиласул рес буго цадахъго щуго-анлъго батIияб цIалул идараялде документал ритIизе. Гьелъие гьев рокъоса къватIиве вахъинецин кколаро, жиндирго электронияб адресалдаса гьел киналго цIалул идарабазде жиндирго экзаменалъул хIасилал ритIанин гIола, гьенибго гьесухъе жавабги бачIуна. Гьединлъидал гьелда хурхун тIасанкIалъаял гьарулел чагIазда дица абилаан гьеб какизе гIедегIичIого, гьелда тIасан жидерго пикраби загьир гьареян. Федаралияб министерлъиялъ хIисабалде босула цIалдохъабазул эбел-инсулги, бокьарав чиясулги гIакълу ва гьелда рекъон цогояб экзаменалда жанир хиса-басиялги гьарула».

Гьебго пикру буго Гумбет мухъалъул ТIадинхо росдал школалъул физикаялъул мугIалим СайгидахIмадов ГIабдулатIипилги. Гьанже рахъун ЕГЭ нахъе бахъизе кватIун бугилан рикIкIунеб буго гьес.

СайгидахIмадов ГIабдулатIип: «Кинавго чи, цIалдохъабазул эбел-эменги, гьел жалгоги гьелде гъорлъе ккун руго. Хасго ахирал соназда республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасги цIакъ кьваризабуна гьеб кьеялъул тадбир. Дирго пикруялда абуни гьеб хисун хадуб гьоркьобе бачIине бугеб квал-квалалъ гIемерал кIвекIенал гьаризе бегьула гIолилазе.

Щайгурелъул гьебги хисун гьелъул бакIалда цебе букIараб къагIидаяйиш хIалтIизабизе бугебали жеги лъалареб жо буго».

Амма Унсоколо мухъалъул Рихьуниб Росулъа жамагIатчи АхIмад ХIамзатовас рикIкIунеб буго цогояб экзамен кьун бажарулеб хIалалъ лъимал хIадур гьарулел гьечIин школаздаян.

ХIамзатов АхIмад: «ЕГЭ школалде бачIана жеги лъималги, эбел-эменги гьелде хIадурлъун гьечIеб мехалда. ТIоцебесеб классалдасанго билълъанхъизабизе кколаан гьеб экзамен. Гьанжеги бегьула ЕГЭ, гьеб кьолеб хIалалда лъимал хIадур гьарулел ругони. Бокьараб лъимада кIола гьеб кьезе. ЕГЭ таниги, цогиги бокьараб предметалъул экзамен таниги щиб – лъимал хIадур гьарулел гьечIо гьеб кьезе кIолеб къагIидаялда. Гъолда цIар щиб лъуниги щиб? Гьеле гьеб буго квеш ккараб жо гьаб хIукуматалда».

ВЦИОМ абураб, «Халкъалъул пикру лъазабулеб ТIологроссиялъул цIех-рехал гьарулеб централъ» кьураб баяналда рекъон, халкъалъул цIикIкIарасеб къадаралъ рахъкколеб буго Пачалихъалъул цогояб экзаменалъул. Мисалалъе цIех-рех гьабурал мугIалимзабазул 80 проценталъ рикIкIунеб буго цIалдохъабазул хIакъикъияб лъай загьир гьабулеб бугин гьелъилан.

XS
SM
MD
LG