МагъчIваялъе рес

ЕГЭ 2015: «Прокуратураялъул хIалтIухъаби гIедегIун руго гIунгутIабазул бицине»


Пачалихъалъул цогояб экзамен унеб заманалда Дагъистаналда 1200 гIунгутIи тIатинабунин жидецаян абураб баян кьуна гьал къоязда республикаялъул прокуратураялъ. Амма гьеб баян мекъаб бугин абулеб буго «Рособрнадзор» абураб идараялъ. Дагъистаналъул лъай кьеялъул министерлъиялъги абулеб буго прокуртураялъ кьураб баян битIараб гьечIилан.

Цогояб Пачалихъалъул экзамен унеб заманалда жаниб тIатинарурал гIунгутIаби ругин хIакъикъаталдаги, амма прокуратураялъ бицунелгIан гIемерал гьечIин гьелилан абуна «Эркенлъи» радиоялъе, Дагъистаналъул лъай кьеялъул министр хисулев Ширали ГIалиевас.

Республикалъул прокуратуялъ кумек гьабулеб бугин цогояб экзамен унеб куцалда хадуб хал кквезе.

1200 гIунгути батанилан гьез тIибитIизабураб информация баян гьабулаго Ширали ГIалиевас абуна ЕГЭ кьолеб бугин 20 азарго гIанасев гIолохъанчияс ва гьезда гьоркьоса азарго гIанасев чияс пуланаб масъалаги тIубачIого кьун ругин хIалтIаби.

Экзаменалъул тIадкъаял хъвараб тIамчида, гьеб масъала хъвараб бакIалда дандбитIун хIучч цIазе кколаанин ЕГЭ кьолев цIалдохъанас, амма гьеб цIачIого хутIун бугин 1000 гIан чиясухъа.

Прокуратураялъ гьеб рикIкIун бугин гIунгутIи хIисабалда, амма хIакъикъаталдайин абуни экзаменалъул къанун хвезабураб хIужа гьеб кколарилан абулеб буго Ширали ГIалиевас, гьеб кколин цIалдохъанасулги гьесул мугIалимасулги гъалатI.

Гьединлъидал кинабго хIакъикъат рагIа-ракьанде щун лъаларел прокуратураялъул хIалтIухъабиги гIедегIун ругин 1200 гIунгутIи батун бугин баян кьезе.

Ширали ГIалиев: «ЕГЭялъул заманалда мобилиял телефоналги цогидал шпаргалкаби ратиялъул нижеца кьураб баян гурони букIонаро прокуратураялъул хIалтIухъабазухъ.

Кинал рукIаниги гIунгутIаби тIатинарун ратаниги гьеб гьезул гьунар гуро, цониги акт гьечIо прокуратурялъул хIалтIухъабазда гIунгутIи батанилан цIезабураб ялъуни гьез цIалдохъан къватIиве витIараб. Гьелда хадур хал кколел хасал чагIи руго нижеца тарал.

Гьезда гьоркьор гьезул хIалтIухъабиги руго, нижеца ракI-ракIалъ баркалаги кьола гьелъухъ гьезие, амма битIаралда битIарабилан абизе ккола, гьезда мухIканго лъалеб баян гурони гьез къватIибе кьезе бегьуларо».

ГIаммаб куцалда кинабниги нусидаса цIикIкIараб хIужа тIатинабун бугин экзаменалда хадуб халкколеб хасаб комиссиялъул къукъаялъилан абуна гьес хадубги:

«ГIунгутIаби ратана МахIачхъала шагьаралда, Сулейман-СтIал мухъалда, Бунакск шагьаралда ва мухъалда, Гъуниб мухъалда, хIасил-калам гьел тIатинарураб бакI гIемерго гIатIидаб буго, кигIанго гьеб гьукъун бугилан абуниги мобилиял телефонал ялъуни цогидалги алатал кумекалъе хIалтIизаричIого толел гьечIо гIолилаз.

Амма гьезие тамихI гIемерго къвакIараб букIине буго, киналго гьел экзамен кьолеб рокъосан нахъе къотIун руго ва тIасияб соналъ гурони кIиабизе экзамен кьезе гьезул рес букIине гьечIилан» абуна Ширали ГIалиевас

Арал соназда гIемераб ахIи-хIур бахъун букIан Дагъистаналда «ЕГЭ туризм» абураб жо сабаблъун. РикIкIадал Росиялъул шагьаразда гIумру гьарун ругел дагъистаниялцин рачIунел рукIана магIарухъ ругел школазде ЕГЭ кьезе, щайгурелъул гьениб гьеб кьезе бигьа букIун. Гьеб тIубан лъугIизабулеб бугин жидецаян абулеб буго Ширали ГIалиевас.

Гъоркьиса 75 чи вачIун вукIанин Дагъистаналде ЕГЭ кьолеб гIужалъ, исанаги 45 чи вачIун вугилан баянал ругин, амма аслияб куцалда гьел ругин рагъулаб хъулухъ тIубазабулел хъизамазул лъимал, гьединлъидал хас гьабун пачалихъалъулаб цогояб экзамен кьезе рачIун ругин гьелилан абизе жеги хекко бугилан абулеб буго министр хисулес.

XS
SM
MD
LG