МагъчIваялъе рес

ЕГЭ: хIасилал ва тенденциял


Russia - Unified State examination
Russia - Unified State examination

ГIурус мацIалъул Цогояб пачалихъияб экзаменалъул хIасилал лъан руго гьал къоязда. Дагъистаналда араб соналде данде ккун гьел лъикIал ругин лъазабулеб буго Лъай кьеялъул министерлъиялъ. КIиго соналъ цебеги Дагъистан бищун цIикIкIараб къадар баллазул бугеб республика букIун батани, исана нусго балл гIицIго 8 чиясе гурого щун гьечIо. МугIалимзабазул пикруялда, ахираб кIиго соналъ экзамен тIобитIулеб бакIалда низам кьваризабиялъ лъай кьеялъул даража бахине буго.

ГIурус мацIалъул цогояб пачалихъияб экзаменалъул хIасилал 2015 соналъ кIиго баллалъ цIикIкIарал ругин 2014 соналда данде ккун, гьедин, араб соналъ гьоркьохъеб балл 43 букIун батани, исана гьеб 46 бугилан лъазабулеб буго Информациялъул халгьаби тIобитIулеб идараялъул регионалда бугеб бутIаялъул нухмалъулев МухIамад ХIажидадаевас. Амма кьезе кIвечIелги гIемер ругила. Бищун дагьаб букIине кколеб къадар баллазул хIалтIухъ щвечIел ва гьеб кьураблъун рикIкIинчIел лъабазаргоялдаса цIцIикIкун чи вугила. Бищун цIикIкIараб къадар, нусго балл босарал цIалдохъаби ккун руго гIицIго микьго чи. Амма гьел нусго балл босарал цIалдохъабазул хIасилазул жеги тIад халгьаби тIобитIизе бугила Роспотребнадзоралъин лъазабуна гьес.

Исана кIиабилеб сон бугин гIадлу-низамалтIе бачIаралдаса Цогояб пачалихъияб экзамен кьейилан абулеб буго мугIалимзабаз. Цересел соназ экзамен кьечIогон хутIуларилан, агъаз гьабичIого толаанин цIалдолезги улбузги гьеб, гьанже кIвар кьолеб бугин цIалудейин абулеб буго гIурус мацIалъул мугIалим ХIусейнова ГIайшатица. ГIаммаб куцалъ лъай кьеялъул даража борхизе бугин, гIицIго лъай бугел гурого тIадегIанаб лъай босизеги инарин бицана гьелъ «Эркенлъи» радиоялъе.

ХIусейнова ГIайшат: «Дун цIакъ йохарай йиго гьаб кIиябго соналъ ЕГЭ букIине кколеб хIалалда кьолеб букIиналдаса. Кидаго гуро лъикIал хIасилал рачIунел, амма кколеб хIалалъ дарсаздаги хIадуруле, экзамен кьезеги хIадурулел лъималазда гьеб кьезе кIолеб буго. Амма жеги цIалдохъабазда ва улбузда, тIаде жоялъе жалго мугIалимзабаздаги тIубан бичIчIулеб гьечIо гьелъул бугеб кIвар. Лъаялъул даражаги гьанже борхизе буго. Щай гурелъул кIиго соналъ цебеги экзамен кьолаан бичун босун яги мугIалимзабаз кумакги гьабун. Гьедин щварал хIасилалги росун лъай гьечIел чагIи унел рукIана тIадегIанаб лъай босизеги. Гьелъ гIодобе ккун букIана тIадегIанаб лъаялъул даражаги».

Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул мугIалим ПатIимат Рамазановалъги гьединго абуна, цересел саназ Цогояб пачалихъияб экзаменалда лъикIал хIасилалгун рачIарал студентазул цIакъ квешал хIасилал кколаанила тIоцересел къоязго гьениб гьабулеб халгьабиялъул хIалтIи хъвараб мехалъ. Гьедин, чанги нусго бал босун рачIарал гIолилазул лъаялъул даража лъабилалда бащадабцин букIинчIила.

Абизе ккола, 2014 соналъ Дагъистаналда Цогояб пачалихъияб экзаменалъул хIасилал тIолго Россиялда ругел хIасилаздаса гIодорегIанисел рукIанин гIурус мацIалъул, гьелда хурхун Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас лъазабун букIана Россиялда мугIалимзаби рачине ккезе ругин дагъистаниязда гIурус мацI малъизе. Исана гIурус мацIалъул ЕГЭ кьурал 21654 цIалдохъанасда гъорлъ 3000 цIалдохъанасда гьеб кьезе кIун гьечIо. Араб соналъ гьеб кьезе кIвечIезул къадар кIиго нухалъ цIикIкIун букIана.

XS
SM
MD
LG