МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъул педагогаз кьуна ЕГЭ


Дагъистаналъул Гъуниб мухъалда ЕГЭ кьолел мугIалимзаби. Ноябрь 2014 сон
Дагъистаналъул Гъуниб мухъалда ЕГЭ кьолел мугIалимзаби. Ноябрь 2014 сон

Дагъистаналда ахиралде щолеб буго республикаялъул мугIалимзабаз пачалихъалъул цогояб экзамен кьеялъул тадбир. Лъай кьеялъул министерлъиялъ абулеб буго экзамен хашго кьурал мугIалимзаби лъай камил гьабизе ритIизе ругилан. ЦIалдохъабазул эбел-инсуца тIалаб гьабулеб буго гьединал мугIалимзаби хIалтIудаса эркен гьаризе кколилан.

26 октябралдаса байбихьун Дагъистаналъул мугIалимзабаз кьуна цогояб пачалихъалъулаб экзамен. ТIоцебе гьеб кьуна гIурус мацIалъул ва литератураялъул мугIалимзабазул 6621 чияс. Хадусел анкьазда экзамен кьуна хIисабалъул гIелмуялъул, биологиялъул ва тарихалъул дарсазул мугIалимзабаз. Ахирисез экзамен кьуна ичIабилеб ноябралда.

Дагъистаналъул лъай кьеялъул министерлъиялъ тIоцебесеб экзамен кьолеб мехалъго абун букIана гьезул хIасилал киназего баян гьаризе гьечIилан. Амма гьелда рази гьечIого цIалдохъабазул эбел инсуца гьелда рази гьечIолъи загьир гьабуна. Экзамен кьураб куцалъул жидедаса бахчулеб батани гьелъул магIна кколин гьезухъа экзамен кьун бажаричIилан абураб. Гьединаб гурони лъай гьечIел мугIалимзаби хIалтIудаса нахъе рахъизе кколилан абулеб буго цIалдохъабазул эбел-инсуца.

Гьелда бан «Эркенлъи» радиоялъ гара-чIвари гьабуна Дагъистаналъул лъай кьеялъул министр хисулев ГIалиев Ширалилгун. Пачалихъалъул цогояб экзаменалъул хIасилал жидеца исана ихдалги баян гьарун рукIинчIин, гьединлъидал мугIалимзабаз кьураб экзаменалъулги гьел баян гьаризе тIадаблъун гьабун букIинчIин. КIиабизе бугони, лъай гьечIел мугIалимзаби хIалтIудаса эркен гьареян ахIи балел эбел-инсуда абизе ккун бугин ЕГЭ ялъул хIасилазда рекъон гьединал мугIалимзаби хIалтIудаса нахъе ритIизе гIураб ихтияр жидер гьечIилан, гьелъие бугеб гIиллаги гьадин баян гьес «Эркенлъиялъе».

ГIалиев Ширали: «Юридикиял тIалабазда рекъон жакъа нижер ихтияр гьечIо экзамен хашго кьурав мугIалим я хIалтIудаса вахъизе, я гьесие тамихI гьабизе. Байбихьудаго министрас цебе лъураб масъала битIараб букIана, жакъасев мугIалимасул хIакъикъияб лъайги загьир гьабун, нахъеккарал мугIалимзаби лъай камил гьабизе ритIизе абун.

Амма мугIалимзабаз экзамен кьураб куц жидедаги лъазе гьабейилан эбел-инсуца цебе лъураб тIалабги битIун гьечIо. Щайгурелъул, мисалалъе пуланаб мухъалда цо гIурус мацIалъул мугIалимасе щвечIо экзаменалъе хIажатал балал, гьев чи гIужие гъезе вуго киназго, гьесда ралел рогьразулги, чIвалел гIайибазулги гIурхъи букIине гьечIо.

Лъай кьеялъул министерлъиялъ кIвар кьечIого тезе гьечIо гьеб хIужа. Экзамен кьун бажаричIев мугIалимасул жиндирго намус-яхIалда бараб букIине буго кинабго. Гьелдаса хадувги хIалтIун лъикIдай жив мугIалимлъун яги гуродайилан. ХIалтIизе ракIалдаги букIун, лъай камил гьабизе анани лъикI букIинин жиндеян гьес пикру гьаби буго аслияб жо, кинабго бараб буго чияс жиндего кьолеб къиматалда.

Амма кин букIаниги дида ккола нилъер мугIалимзабазухъа бажарун батилин жидерго бугеб лъай загьир гьабун, гьезул цогояб экзаменалъул хIасилалги кватIичIого загьир гьаризе руго, цо анкьидасан».

Гьединго жалго ЕГЭ кьезе ун рукIарал мугIалимзабазулги букIана гIарз гIолохъанал ритIичIого хIалтIул кIудияб хIалбихьи бугел жал ритIанин экзамен кьезейилан. Ай, жидерго бугеб лъай бихьизабизе дагьал церегIан университет лъугIарал чагIи ритIизе кколаанин гьенире. Гьелда банги гьадин абулеб буго ГIалиев Ширалица.

ГIалиев Ширали: «Цоцазде гIайиб чIвазе рес буго гьениб кIиябго рахъалъул. ЦIикIкIараб ригьалъул мугIалимабаз абизе рес буго жидер хIалтIул хIалбихьи цIикIкIун бугилан, гIолохъанал мугIалимзаби лъугьине бегьула нуж киналго хIатIулел ругин цебегосеб цIалул программаялда рекъон, нижин абуни хIалтIулин цIиял стандартазда рекъонилан.

Буго гьадинаб рахъги. ЦIикIкIараб ригьалъул мугIалимзабазда гьоркьор рукIине бегьула чан соналъ хIалтIаниги бокьарав гIолохъанав мугIалимасулгун бох бухьине бажарулеб лъаялъул ва къуваталъул гIадамал, гьединго гIаксалда, гьанжего гьанже тIадегIанаб цIалул идара лъугIун хIалтIизе рачIарал гIолохъанал мугIалимзабазда гьоркьорги рукIине бегьула кIудияб халбихьи бугел мугIалимзбаздасаги цIикIкIун лъайги махщелги бугел чагIи.

Гьединлъидал гьаниб цоязул рахъккун кIалъай рекъечIеб ишги буго ва гIагарде биччазе бегьулеб пикруги гуро. ГIолохъанал ритIичIого жал щайин ритIарал экзамен кьезейилан дагIба балел мугIалимзабаздаги абизе бокьун буго гьелдасан пайдаяб рес босизе лъугьайилан. Бихьизабейин гIолохъаназда нужерго лъайги хIалбихьиги бечедаб букIин. Амма дагIба базе лъугьине нухги гьениб гьечIо, щай абуни гьезие кьурал тIадкъаялги руго цогояб пачалихъалъулаб экзамен кьолеб мехалъ гьезулго цIалдохъабазеги кьун рукIарал гIадал».

Суал бачIунеб буго, гьеб цогояб пачалихъалъулаб экзамен кьун хадуб жидерго хIалтIудехун бербалагьи хисизе гьабиладай мугIалимзабазилан? Гьелда тIасан гьадинаб пикру загьир гьабулеб буго чанго соналъ гIурус мацIалъул ва литератураялъул мугIалимлъун хIалтIулей йикIарай, МахIачхъалаялдаса ГIалимирзаева Зайнабица. Гьелъ абулеб буго жинда ракIчIун абизе кIолин пачалихъалъул цогояб экзамен кьолел рукIарал мугIалимзабазул бащадаздаги гьеб кьезе кIун батулариланги.

ГIалимирзаева Зайнаб: «Чанго соналъ цебе университет лъугIарал гъозда гьеб кинабго ракIалдаги букIунеб батуларо, гьезие захIмалъун батула гьеб экзамен кьезе, гьез къватIиб бицинчIониги. Жидеегоги рекъечIеб жо гьечIишха гьеб лъималазда лъараб жо жидедаго лъачIилан рагIизе. Амма гьеб экзамен тIобитIиялъул рахъккола дица, биччанте гьезда лъан букIине кигIан захIматаб суал жидецаго лъималазда цебе лъолеб бугебали.

Дида ккола кигIан лъай бугел чIахIиял мугIалимзаби ратаниги, дагьал цере университет лъугIарал гIолохъанал мугIалимзабаз гьеб экзамен лъикI кьун батулилан. Щайгурелъул, гьанже чанго батIиял хиса-басиял руго раккун цIалул стандартазда жанир ва гIолохъаназда гьел киналго ракIалда ратула. ЕГЭ-ялъул масъалабиги захIматаб гIелмияб мацIалда хъвраб букIиналъги захIмалъун батула гьезда гьеб кьезе, дида бихьидалха дие дарс кьолел рукIарал мугIалимзабазул гIемерисезда гьеб лъалеб букIинчIо.

Гьанже 50-60 сон бугел мугIалимзабазе, лъай камил гьабизе ритIунилан гьелъ кьезе жо бугищалиги лъаларо, гьанжелъагIан борхичIеб гьезул махщалил даража цо моцIида жаниб борхизе рес гьечIелъул».

Гьаниб тIаде жубазе бегьула гьадинаб хIужаги. Абулеб букIана Дагъистаналда мугIалимзабаз ЕГЭ кьеялъул тадбир тIобитIиялъе чанго миллион гъурущ биччан букIун бугилан. Амма гьеб гIарцуде гьениб щибниги хIалтIи гьабун рагIуларин, хIатта экзаменалъул масъалаби тIад хъварал тIамчалцин цIалдохъабаз ЕГЭ кьолеб мехалъ рукIарал хIалтIизарун ругилан. Официалияб куцалъ гьеб баян кибниги тасдикъ гьабун гьечIо.

XS
SM
MD
LG