МагъчIваялъе рес

ЕГЭ: Исана проблемаби дагьал рагIула


Дагъистаналда тIадбан унеб буго Пачалихъалъул цогояб экзамен кьеялъул тадбир. Цересел соназда дандеккун исана кинабго къануналда рекъон унеб бугин абулеб буго мугIалимзабаз. ГIаммаб куцалда 40 гIунгутIи тIатинабунин жидеца гьанжелъизегIанилан абулеб буго Дагъистаналъул лъай кьеялъул нухмалъулев хисулев ГIалиев Ширалица. Цогояб экзамен кин унеб бугеб республикаялдаян цIех-рех гьабуна нижеца.

Исана Пачалихъалъул цогояб экзамен кьолеб буго къоазарго гIанасев дагъистанияс. Амма гьезда гьоркьор руго араб соналъ экзамен кьезе кIвечIел чагIиги. Дагъистаналъул лъай кьеялъул министр хисулев ГIалиев Ширалица абуна «Эркенлъи» радиоялъе исанасеб ЕГЭ жидеда ракIалда букIараб куцалъ унеб бугин. 2014 соналъ Дагъистанлда цогояб экзамен араб куцалъе лъикIаб къимат кьун букIанин «Рособрнадзоралъ», амма жинда кколин исанасеб цогояб экзаменалъул хIасилал дагьалги лъикI ине ругилан. Амма кин букIаниги гIунгутIаби камун гьаб нухалъги хутIичIилан абуна гьес. Гьедин экзамен унеб заманалда мобилиял телефонал ялъуни цогидаб кумек хIалтIизабурал хIужаби тIатинарунин жидеца. ГIаммаб куцалда кинабниги 40 гьединаб хIужа тIатинабун буго экзаменалда хадуб халкколеб хасаб комиссиялъул къукъаялъ.

Ширали ГIалиев: «ГIунгутIаби ратана МахIачхъала шагьаралда, Сулейман-СтIал мухъалда, Бунакск шагьаралда ва мухъалда, Гъуниб мухъалда, хIасил-калам гьел тIатинарураб бакI гIемерго гIатIидаб буго, кигIанго гьеб гьукъун бугилан абуниги мобилиял телефонал ялъуни цогидалги алатал кумекалъе хIалтIизаричIого толел гьечIо гIолилаз. Амма гьезие тамихI гIемерго къвакIараб букIине буго, киналго гьел экзамен кьолеб рокъосан нахъе къотIун руго ва тIасиб соналъ гурони кIиабизе экзамен кьезе гьезул рес букIине гьечIо. Онлайн режималда гьезда хадуб халкколеб буго мухIканго. ФСБялъул ва прокуратураялъул хIалтIухъабаз гьеб иш рагIа-ракьанде щун тIубалеб буго. Къокъ гьабун абуни цогояб экзамен кьеялъул тадбир штаталда рекъон унеб буго».

Гьединго «ЕГЭ туризмалъул» хIакъалъулъги баян кьуна Ширали ГIалиевас. Гьеб тIубанго лъугIизабизе кIванилан абизе бегьулин. Гъоркьиса 75 чи вачIун вукIанин Дагъистаналде ЕГЭ кьолеб гIужалъ, исанаги 45 чи вачIун вугилан баянал ругин, амма аслияб куцалда гьел ругин рагъулаб хъулухъ тIубазабулел хъизамазул лъимал, гьединлъидал хас гьабун пачалихъалъулаб цогояб экзамен кьезе рачIун ругин гьелилан абизе жеги хекко бугилан абулеб буго министр хисулес.

Гумбет мухъалда исана пачалихъалъул цогояб экзамен экзамен кьолеб буго I70 чияс. Щибниги ахIи-хIур гьечIого низамалда анин 3I маялда хIисабалъул рахъалъ цогояб экзаменилан абуна ТIадинхо росдал мугIалим МухIамадов МухIамадица. Гьев ккола экзаменалда хадуб хал кколеб комиссиялъул вакилги.

МухIамад МухIамадов: «ТIоцебесеб къоялъ дагьаб хIалуцин букIаниги, сон тIобитIараб экзамен цIакъ гIодобиччан, щибго ахIи-хIур гьечIого ана. Лъималги ругьунлъун руго экзаменал жидецаго кьезе кколин абураб пикруялде. Мисалалъе Игьалиб буго нижер киналго экзаменал тIоритIулеб пункт, гьениб нижецацин кумек гьабизе ккечIо щибниги, школалда дарсаздаго кинабго лъазабун, хIадурун рачIун руго лъимал».

Дагъстаналда бугеб «ЖамгIияб пикру» абураб цIех-рехалда гьарулеб фондалъ гьабураб цIех-рехалда рекъон, 2014 соналъ цогояб экзаменалъул рахъккун буго халкъалъул 38 проценталъ, анкьго процент гьелда дандечIун буго, хутIараз цоккураб жаваб кьун гьечIо. 2015 соналъ гьединаб цIех-рех жеги.тIобитIун гьечIо.

XS
SM
MD
LG