МагъчIваялъе рес

Дагъистанияз географиягун литература тIасабищулеб гьечIо


​25 маялда Дагъистаналда байбихьана Пачалихъалъул цогояб экзамен кьеялъул тадбир. Итни къоялъ кьолеб букIана литератураялъул ва географиялъул экзамен.

Исана Пачалихъалъул Цогояб экзамен кьезе буго 725 азарго чияс, гьезда гьоркьоса 650 азаргояв ккола исана школа, хутIарал 125 азарго араб соналъ экзамен кьезе кIвечIел чагIи. Итни къоялъ тIоцебесеб экзамен кьолеб букIана георгафиягун литератураялъул предмет тIаса бищарал чагIаз. Университеталде цIализе лъугьунев чияс чара гьечIого кьезе кколел предметал руго гIурус мацI ва хIисабалъул гIелму, хутIарал предметал лъималаз жидецаго тIаса рищула. Гьедин 2015 соналъ география тIасабищун буго 30 азарго гIанасев чияс, литература 50 зарго чияс. Литературагун география цIакъго дагьав чияс тIаса бищулин ЕГЭ кьолелъулилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе гьелъул мугIалимзабаз. Мисалалъе исана жиндир цониги цIалдохъанас тIаса бищичIин гьебилан бицана Гъуниб мухъалдаса географиялъул мугIалим ГIамирхIамзаев МухIамадица.

ГIамирхIамзаев МухIамад: «ТIоцеве дун хIалтIизе лъугьараб соналъ география тIаса бищун букIана 10 чияс. Микьго чиясда кьезе кIунги букIана, тIокIаб, гьале анкьго сон ана, цониги чияс гьеб бищичIо. Щай гьеб бищулеб гьечIебилан гьикъани университеталде лъугьунелъул гьеб къваригIунеб буго гIицIго кIиго ВУЗалда, Дагъистаналъул росдал магIишаталъул институталдаги ва Дагъистаналъул Пачалихъияб Педагогикияб Университеталъул географиялъул факультеталдаги. Амма дида рагIана гьанже хIатта гьенибцин гьеб нахъе бахъун бугилан, географиялъул мугIалимлъун цIалулеб бакIалдагицин гьеб нахъе бахъун бугони лъималаз гьеб тIаса бищилищха?».

ЭР: «Аслияб куцалда кинал предметалха гьез тIаса рищулел?

ГIамирхIамзаев МухIамад: «Бищунго гIемер гьез рищулел руго химия биология, тарих, ва обществознание гIадал предметал. Гьоркьо-гьоркьов литература бищулел чагIиги рукIона».

Пачалихъалъул цогояб экзаменалда хадуб халкквезе хасаб оперативияб комиссия гIуцIун буго Дагъистаналъул лъай кьеялъул министерлъиялъ. Гьеб къукъаялда гъорлъ вукIине рагIула 40 00 чи, экзамен кьезе хIадур гьабун буго 5 700 пункт Цере гIадин цониги эбел-эмен экзамен кьолеб бакIалде аскIоре къазецин риччалел гьечIилан бицана Гъуниб мухъалъул КIогьориса гIурус мацIалъулгун литератураялъул мугIалим Расулова Хадижатица. Жалго лъималазулги цогояб экзаменалдехун бугеб бербалагьи хисун бугилан абулеб буго гьелъ.

Расулова Хадижат: «Щибаб рокъор рекъезарун руго онлайн камераби. Полициялъул, ФСБ-ялъул хIалтIухъаби, сас бахъинабулел алатал камураб жо гьечIо ЕГЭялда хадуб халккун. Лъималазул тIалабчилъи цIикIкIун буго цогояб экзаменалдехун. ТIадчIун хIадурлъулел руго гьел гьелде, жалго рачIуна жидее батIи-батIиял тIадкъаял кьеянги абун».

Пачалихъалъул цогояб экзамен кьеялъул тадбиразде хIадур ругин киналго республикаялъул школалилан абуна дагьаб цебегIан ахIараб данделъиялда лъай кьеялъул министерлъиялъул нухмалъулев ШагьгIабас Шагьовас. Гьединго «ЕГЭ Туризм» абураб жоги тIубанго лъугIизе гьабунин жидеца. Щайин абуни цересел соназ цогояб экзамен кьолелъул, рикIкIадал Росиялъул шагьаразда гIумру гьарун ругел дагъистаниялцин рачIунел рукIана магIарухъ ругел школазде ЕГЭ кьезе, щайгурелъул гьениб гьеб кьезе бигьа букIун. Гьеб сабаблъун гIемераб ахIи-хIурги бахъун букIана. Исана гьединаб жо букIине гьечIилан лъазабуна лъай кьеялъул министрас.

Пачалихъалъул цогояб экзамен кьеялъул тадбирал Дагъистаналда халат рахъине руго 18 июналда лъагIан. 28 маялда гIолилаз кьезе буго гIурус мацIалъул экзамен.

XS
SM
MD
LG