МагъчIваялъе рес

Жакъасел цIалдохъабазул авторитетал космонавтал гуро...


Рособрнадзоралъул нухмалъулев Сергей Кравцовасул рагIабазда рекъон, Россиялъул школазда лъай кьеялъул иш кин бугебали гьез хал гьабизе буго улкаялъул 80 регионалда ругел 70 азаргогIан цIалдохъабиги гIахьал гьарун.

Дагъистаналъул школазда цIакъго нахъе ккун бугин математикаялъул, гIурус мацIалъулгун литератураялъул ва тарихалъул предметазул ишин абула лъай кьеялда сверухъ иш лъалел чагIаз.

Масала, 9 маялда цебе «Черновик» газеталъ гьикъа-бакъи гьабун букIана КIудияб ВатIанияб рагъ кида байбихьарабин. ГIемерисезда къосунеб бугоан къо-моцIги соналги. Гьединго лъалел гьечIоан Совет Союзалъул БахIарзал, МахIачхъалаялъул аслияб къватIалда жиндир цIар лъурав МухIамад ХIажиевги цогидал бахIарзалги.

Гьанжеялдаса 30-40 соналъ цебе рукIарал цIалдохъабаз мисал босулел чагIи рукIанин космонавталги, Совет Союзалъул БахIарзалгиян ракIалде щвезабула дагьаб чIахIияб гIелалъул дагъистанияз. Гьанжесел цIалдохъабаз мисал босулила спортсменаздаса. Гьелъие мисаллъун рехсезе бегьула гьал къоязда фейсбукалда гьоркьоб лъун букIараб доклад. Гьеб хъван бугоан МахIачхъалаялъул 8 лицеялдаса 9 классалъул цIалдохъаналъ Дагъистаналдаса спортсмен ХIабиб НурмухIамадовасул хIакъалъулъ. Жидер школалдаги иш гьединго бугин бицана ЭР-лъе Хъумторхъала мухъалъул Учкент росулъа мугIалим Ханзада Пирбудагъовалъ.

Ханзада Пирбудагъова: «Нижер школалъул фойеялда руго рас хутIичIого БахIарзазул цIаралги хъвараб стенд. Амма гъозда лъаларо гъол щалали, лъазе къваригIунги гьечIо гьезие гьеб. 11 классалда ругел лъималазе дица «лъабилалдаса» тIаде къимат лъелароан. Гьебги цIакъго цIацIазеги гьабун лъелаан. Цере лъикI цIалулел рукIарал лъималги руго гьанже цIалдоларого. Щаяли бичIчIуларого буго. Гьелъие гIила щибин гьикъидал, гъоз абула щибизейила жидее цIалдон, гьединги кьолила жидеца гьеб ЕГЭ.

Жидеда цере рукIаразги кьунила гьеб. МугIалимзабазги кумек гьабичIого букIунарила. Гъозда рокъоб эбел-инсуцаги абулеб батилаха. Нижер гьаниб мугIалимзабазул къадур гьечIо – я гIадамазда гьоркьоб, я школалда. Дунги цIалана школалда. Амма нижер заманалда цIалудехун бербалагьи гьединаб букIинчIо. Щуго нухалъ ахIизе ккола эбел-инсухъе школалде умумузул данделъиялде рачIайин: рачIайин, къваригIун ругин».

Кинабго хвезабулеб бугин телефоназгиян абуна Ханзада Пирбудагъовалъ. ЦIалудаса цере гьарулел ругин гьез телефоналин абуна гьелъ.

ЖамгIияв хIаракатчи ва журналист ГIалисултан ГъазимухIамадовас ЭР-ялъе бицана цIалдохъабазулго гIадаб даража бугила гьезул эбел-инсулги.

ГIалисултан ГъазимухIамадов: «Цо лъагIелалъ цеве дун ун вукIана техникумалда тIобитIулеб умумузул данделъиялде (ясалъул ясалъул рахъалдасан). Дун ккола цеве педагог вукIарав чи. Гьединлъидал, битIараб бицани, дир рекIелъе хIинкъи рещтIана лъималги цере ругеб бакIалда гьезул эбел-инсуца бицунеб букIараб магIна гьечIеб хабаралдаса. Гьединаб даражаялде ккун буго лъай кьеялъул иш. Телефоназде машгъуллъун, хIаязда гъорлъ рукIун гурони, тIахьал цIалулел чагIи къанагIалъун руго. Гьединго нахъе ккун буго росабалъ ругел цIалдохъабиги. Школалда цIали нахъе ккей гуребги, гьенир дагь руго рокъоб-къватIиб магIишат бачине лъалел лъималги. Хехаб куцалда гьеб рахъалде кIвар кьезе ккола».

Лъай кьеялъул министерлъиялъул гIелмияб цIех-рех институталъул хIалтIухъан Баху МухIидиновалъ бицана росабалъго лъикIаб лъай кьолеб бугин шагьаралда дандеккун.

Баху МухIидинова: «Росдал школалда лъай лъикIаб кьолеб буго, гьелде бербалагьиги мухIканаб буго. Киса кибго гьедин букIинчIого букIинеги бегьула, щиб лъалеб, киего дун щвечIелъул. Амма шагьаралда цIали квер хьвагIун тун буго. Репетиторасде тIамун тун буго гьеб. Гьев репетитор кквечIони, нужеда ЕГЭги кьезе кIоларин, нуж гIадамалъеги рахъунарин хIинкъизарулел руго лъималги гьезул эбел-эменги. Гьедин батани, щибизе къваригIарал чагIи школаги мугIалимзабиги? Гьел репетиторалги руго жалго дол мугIалимзаби. Гьезие лъикI гьечIищха репетиторалинги абун хъат цIун гIарацги босун рукIине, мугIалимасул мукъсанаб харжги щун рукIиналдаса».

Жакъ къоялда лъай кьей кин лъикIлъизабилебали ургъулеб конференция тIобитIана 14 маялда МахIачхъалаялда.

XS
SM
MD
LG