МагъчIваялъе рес

Хъазал риччалеб лъайкьей ва «цеесей квешай йиго»


Вас вуссана тIоцебесеб цIалул къоги лъугIун школалдаса. Цеве гьев цIалулев вукIана МахIачхъалаялъул 40 абилеб школалда. Исана тIоцебесеб сентябралдаса нахъе унев уго тIоцебесеб школалде. Рокъов жаниве лъугьаравго цо бокIнибе сумкаги реххун компьютералда нахъа кIусана. Асул гьурмахъ балагьун я разилъиялъул, я разилъунгутIиялъул гIаламатал рихьуларого байбихьана дица накъит.

- Кинха бугеб цIияб школалда?

- Доба квеш букIана гьанибалдаса…

- Киб доба? Щиб доба квеш букIараб?

- ЦIияй учитель Кисаранидаса квешай гьечIо…

Кисаран МухIамадовна абун йикIана кIикъоабилеб школалда къадруялда йигей лъикIай байбихьул классазул мугIалим. Азул тункун хулиганаз цIураб класс Кисараница, гIурусаз абухъе «гIужрукъил квертIаххелаца» ккун чIезабун букIана. Гьелда лъалаан лъималазда асар гьабулеб къагIида ва жиндир авторитеталъ цIализарулаан. ЦIияй, тIоцебесеб школалда асулгун лъай-хъвай ккарай гIадан йиго классалъул руководитель.

Щуабилеб классалда гьел щибаб дарсиде батIи-батIиял мугIалимазухъе кколелъул. Гьединлъидал, цIияй учителалъе (классалъул руководителалъе) щун буго «не хуже чем Кисаран» абураб «тIадегIанаб» цIар. Гьелъ жеги асие «зарал» гьабичIогоха. Лъималазе лъайкьей ва лъайкьеялъул система буго цIакъ кIудияб ва захIматаб суал.

Дир васасул мисалалдалъун босани дида бихьулеб буго гьес кутакалда лъикI лъазарулел руго ва гъираялда цIалулел руго жиндиего рокьулел дарсал. Рокьуларел дарсал сабаблъун бижараб буго гьесул гьел къиматалги мугIалимазе «цеесей квешай йикIана» абураал цIаралги.

Дир эмен вуго 40 сон педагогикияб стаж бугев мугIалим. ЛъикIав филологлъунги рикIкIуна. Васасул дарсазулгун нижер рокъоб бугеб вала-рахас бихьун гьес абуна нужеца гьев жиндиего рокьулел дарсал цIализеги виччай, гьел тIадеги гъваридго лъазеги гьаре, хутIаразе базовияб, гьев цевехун виччазе гIураб лъай бугони гIолин.

Гьеб гIакълуялда нахъ рилълъинаан жакъасеб Россиялъул лъайкьеялъул тIалабазда тIубанго данде кколеб букIарабани. Инсуца малъухъе, гъваридго цо рахъ лъалев чи вугони гьесул лъикIав махщелчи къачIазе бегьилаан. Гьелъие рес кьолеб гьечIо ахIмакъал тIалабаз. Масала, школа лъугIанин аттестат щвезе кколев чиясе чара гьечIого хIажалъула гIурус мацIалъул ва математикаялъул ЕГЭ кьезе.

ХIасил кинабха кколеб бугеб? Пачалихъалъул лъайкьеялъул системаялъ Аллагьас жиндие гьунар кьураб рахъ лъазабизе букIараб ресалдаса махIрум гьавулев цIалдохъан. Киналго дарсаздаса дагьа-дагьаб лъазабизе тIамун. ХIасил калам, риччалел руго хъазал. Щал гьел хъазал? Кинабго рахъалдаса дагьа-дагьаб жо лъалел чагIиха. Цо дагьал роржулел, дагьал лъедолел, дагьал рекерулел.

Я ччугIа гIадин лъедоларел, я цIум гIадин роржуларел, я ритIучI гIадин рекеруларел. Лъица ва кида алъие ахир лъелеб? Заман щвечIищ цIалдохъан Аллагьас кьураб гьунаралда рекъон виччазе цеве тIезе, гIаммал гIурхъабазда жанир къачIого ва цо коцонир киналго тIечIого?

XS
SM
MD
LG