МагъчIваялъе рес

ТIахьазул бакI телевизораз ккуна


​2015 сон тIолго Россиялдаго лъазабун буго ГIурус литератураялъул сонлъун. Дагъистаналда гIурус литератураялъул сон кIодо гьабун гьаризе руго гIемер тадбирал. Амма тIахьал цIалиялде гIолеб гIелалъул рокьи бижиялда хурхараб жо гьезул щибго гьечIо. Кинаб лъай-хъвай бугеб гIурус литературагун цIалдохъабазул, ругищ жакъа цIалдолел лъимал?

Литератураялъул сон лъазабиялъул аслияб мурад кколила тIахьал цIалиялде рокьи цIигьабийин баян гьабулеб буго библиофил, политолог Михаил Сеславинскияс. Киназго абулеб бугила 21 гIасруялда тIахьал цIали тун бугин. ЦIалуде рокьи цебегIадаб гьечIолъиялъе аслияб гIилла кколеб буго кинематограф цебетIун букIин. Цере аслияб асар тIахьаз гьабулеб букIун батани, гьабсагIат гьеб гьабулеб буго киноялъ. Амма кин бугониги литератураялъуллъун лъазабураб соналъул ахиралде щибаб хъизамалдаса байбихьун, тIубураб улкаялде щвезегIан адабияталде кIвар буссинабизе тIадаб бугила.

ХIакъикъаталдаги, 10-20 соналъ цере щибаб рокъор бищун бихьулел бакIалда сокIкIун тIахьал рукIунел рукIун ратани, жакъа гьел рищни гIадин къватIире ран, гьезул бакIал чIахIиял телевизораз ккунин баян гьабулеб буго МахIачхъалаялъул 7 гимназиялъул китабханаялъул хIалтIухъан Маринаца. Марина китабханаялда хIалтIулей йиго 20 соналдаса цIикIкIун мехалъ. 90 соназ цIалдохъаби «Алые паруса», «Остров сокровищ» ва цогидал тIахьазда хадур рачIунел рукIун ратани, гьанже гьел къанагIат гурого рокъобе цIализе тIехь босизе раккуларила Масала, цо анцIго соналъ цебецин- Толстой, Пушкин, Гоголь гIадал хъвадарухъабазул тIахьал росулаанила чIахIиял классаз сочинениязде хIадуризе цIализе, гьанже, ЕГЭ бачIаралдаса гьебги лъугIанила.

Кинаб лъай-хъвай бугеб гIурус адабияталдасан асаралгун ва хъвадарухъабигунали цIех-рех гьабуна «Эркенлъи» радиоялъ школлъималазда гъорлъ.

Шив кколев Онегин? - абураб суалалъе цIалдохъабаз жаваб гьабуна гьев хъвадарухъан кколин.

Нужер рокъор кинал тIахьал гурел? - абураб суалалъе баян гьабулаго, гIемерисез тIахьалго гьечIин рокъорин бицана. Цоязул рокъор чанго тIехь бугин абуна. Тимурица бицана жидер балконалда ругин т гIемер тIахьал, маргьабазул, энциклопедиял, азар-батIиял.

Кинал тIахал цIализе рокьулели бицунаго, аслияб куцалъ «Гарри Поттер» ва «Сумерки» абурал асарал рехсана цIалдохъабаз.

КъватIир данде ккарал гIолилазе кьураб суал букIана: Щий кколей Анна Каренина?

ГIемерисез жаваб гьабуна гьей «Война и мир» асаралда йигилан.

«Парус» абураб кечI хъварав чиги гьединго лъалеб батичIо цо-цоязда.

Советияб заманаялъ шагьаразда гуребги, щибаб росулъ школалъул китабхана гуребги рукIана гIуцIцIун росдал китабханаял. Гьенир дагъистаналъул, гIурус ва батIиял пачалъихъвазул хъвадарухъабазул асарарал рукIана. Жакъаги руго росабалъ китабханаял, амма гьений хIалтIулей чIужуялъ цебе гIадин гIарац босулеб букIин гурого, гьеб хутIаразда кIочон буго.
XS
SM
MD
LG