МагъчIваялъе рес

Гъизляр мухъалъул бетIерлъун лъугьана Александр Поляков


Хамиз къоялъ Гъизляр мухъалъул депутатазул мажлисалъ гIемерисел гьаркьалги кьун гьеб мухъалъул бетIерлъун вищана Александр Поляков.

Рищиял гIодоре риччан берцинго анин, гьел тIоритIулаго кинаб букIаниги гIадлу хвезабиялъул ва къануналде данде кколарел ишал гьариялъул хIужаби рукIинчIин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Гъизляр мухъалъул бетIерасул пресс-секретарь Эльнара Алхановалъ.

Эльнара Алханова: «ТIоцевесев кандидатги вищун лъугIана рищиял. Кинавниги данделъиялда 47 депутатас гIахьаллъи гьабуна. Мухъалъул бетIерлъиялде ругел кандидатал тIаса рищулеб комиссиялъ, жидерго ихтиярги хIалтIизабун абуна, жидеца Александр Поляковасул рахъкквезе ахIулел ругин депутаталилан. Гьезул 46 чияс жидерго гьаркьал кьуна гьев Поляковасе, цо чи гьесде дандеги вукIана. Кинавниги рищиялда гIахьаллъи гьабуна щуго кандидатас.

Ахиралда лъагIан хутIун вукIана анкьгояв, амма сон кIигояс инкар гьабуна рищиязда гIахьаллъизе. Гьел кандидатазул цохIонигиясги гьел рищиял тIоритIараб куцалдаса разигьечIолъи загьир гьабичIо, рищиязул комиссиялдеги цониги гIарза бачIун гьечIо гьелда бан. Рищиял рагьун , альтернативияб къагIидаялъ гьарулел рукIана. Гьелъул магIна ккола депутас цохIо нухалда гурони гьаракь кьезе бегьуларин абун».

Гьединго Алхановалъ тIаде жубана Алесандр Поляков вугила Гъизляр мухъалда киназго адаб гьабулев, рикIкIунев чи. Гьес 2007 соналдаса нахъе Южный абулеб росдал администрациялъе нухмалъи гьабулеб букIун буго. Кидаго бищун лъикIал бегавулзабазда гьоркьов рехсолев чи вукIанила гьев, гьесдаса лъикIал хIалтIул хIасилал ругел чагIи гIемер рукIинчIин абуна гьелъ.

Гьел рищиязда хадуб гIемер чияс халккун букIанин абизе бегьула. Исана июль моцIалда терроризмалда гъорлъ вукIиналда, чанго чи чIваялда ва экстремистиял къокъабазе гIарац кьеялда щаклъиги букIун хасал идарабаз ккурав Гъизляр мухъалъул бетIерлъун вукIарав Андрей Виноградов хисун гьениве щив вачIиневали халккун рукIана гIадамал. Виноградов гьединго терроризмалъе квербакъиялъухъ ва гIадамал чIваялъухъ халкъазда гьоркьосеб цIех-рехалде лъазавун вугев Дагъистаналъул Пенсиязул фондалъул бетIерлъун вукIарав Сайгид МуртазгIалиевасул чи вукIараблъи лъала киназдаго.

Живго хисун мухъалъул бетIерлъун Виноградов тун вукIаниги, унголъун мухъалда кверщел МуртазгIалиевас гьабулеб букIин уяб жо букIана. Гьединлъидал рищиязда цере харбал тIиритIун рукIана цIидасан гьеб мухъалъул бетIерасул хъулухъалде жиндирго чи ккезавизе къваригIун вугила МуртазгIалиевасейилан. Гьесул чи гьеб бакIалде къазе тогейилан лъазабун бугин республикаялъул нухмалъиялъилан абурал баяналги рукIана.

Гьев Александр Поляков киназего данде кколев чи вугилан бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда Гъизляр мухъалъул администрациялъул жамгIияб шураялъул нухмалъулев Ахмадпаша ГIамирилаевас. Гьев гьединго Сайгид МуртазгIалиевасул рахIму-цIобалъул фондалъул бетIерги ккола.

АхIмадпаша ГIамирилаев: «Поляков вуго Дагъистаналъул тIалъиялъеги, мухъалъул гIадамазеги, администрациялъул хIалтIухъабазеги данде кколев чи. Депутатазде тIалъиялъул рахъалдасан тIадецуйги гьабулеб букIинчIо, букIарабани гьеб лъачIого хутIулароан. Киназего данде кколев бажари бугев чи вукIиналъ вищана гьев Поляковги. БитIараб бицани нижее гьанивеги вачIун гьалщинал саназ, чанги къоги бихьун Сайгид МуртазгIалиевасги Андрей Виноградовасги гьабунщинабги, гIуцIанщинабги кинабго кIала гъоркье чIвазавулев, магIна-гьечIел хиса-басиял гьарулев, репрессиял гьаризе лъугьунев чи къваригIун вукIинчIо.

Жидерго хIалтIи гьел репрессияздаса байбихьизе къваригIарал кандидаталги рукIана бетIералдаго. Цин 15 чияслъидал гьеб мухъалъул бетIерлъиялде кандидатура лъун букIараб. Гьезда гьоркьор рукIана цере-цере нижер мухъалъул нухмалъудаги, жавабиял хъулухъаздаги рукIарал чагIи. Гьел чагIи кандидатазул коркурс тIобитIулеб комиссиялъго нахъги чIван гьеб проблема тIаса ун букIана».

Гьел рищиял Андрей Виноградов хъулухъалдаса нахъе гьавиялъ гурел, гьесул болжал лъугIиялъ тIоритIулел рукIун руго. Гьев ккун ун хадуб гьесул бакIалда мухъалъул бетIерасул ишал тIуразарулев вукIана Герей ХIажимухIамадов. Гьес гьел рищиязда гIахьаллъи гьабичIо.

Андрей Виноградов гьесда хурхун рагьараб такъсиргьабиялъул ишалда бан цIех-рех лъугIизегIан жанив тIамун вуго. Москваялъул Басманный диваналъ гьев 20I6 соналъул 8 январалде щвезегIан туснахъ гьавухъего тезе хIукму къотIана. Гьесул адвокат ГIазиз Къурбановас гьеб хIукму цIакъго кьварараб бугин, Виноградовасде гIунтIизарулел гIайибалги кьучIгьечIел ругин абун Россиялъул ТIадегIанаб диваналде гIарзал хъваялъулги хIасилго ккун гьечIо. Гьединго Къурбановас лъазабуна Виноградовасе туснахъалда гIакъуба кьеялъул, гьев инжир гьавиялъул хIужаби гьечIилан, жиндие къваригIанщинахъе живги виччалила гьесухъейилан.

Гъизляр мухъалъул гуревги гьал къоязда администрациялъул бутIрул рищана ЦIумана ва Ахты мухъаздаги. 24 ноябралда ЦIумадисезул бетIерлъун вищана АнвархIажи Вечедов, 23 ноябралда Ахтыялда мухъалъул нухмалъуде вачIана ГIусман ГIабдулкаримов.

XS
SM
MD
LG