МагъчIваялъе рес

Къеркьей гьечIел рищиял


ГьатIан къоялъ 13 сентябралда Дагъистаналда гIемерисел муниципалиял гIуцIабазда тIоритIизе руго рищиял. Гьезда жаниса къого муниципалиябазда рищизе руго бутIрул. Аслияб къагIидаялъ къеркьей ине буго МахIачхъала, Буйнакск, Дагогни, шагьаразда. Кинаб бугеб республикаялда рищиязда цебе ахIвал-хIал ва кинал хIасилал гьезул рукIине бегьулел абурал суалазда хурхун цIех-рех гьабулеб буго нижер мухбир Абакаров Рамазаница.

ГьатIан къоялъ муниципалиял рищиял тIоритIизе руго 27 мухъалда. Рищизе руго росабазул ва шагьаразул депутатал. Амма республикаялда гьечIо рищиязда цебе букIунеб багъа-башари. Экспертазул баяназда рекъон, гьелъие гIиллалъун буго рищиял кинабгIаги къеркьей гьечIого унел рукIин. Рищиязда цебе республикаялда бугеб ахIвал-хIалалда хурхун «Эркенлъи» радиоялъе къокъаб баян кьуна жамгIияв хIаракатчи Расулов Руслан.

Расулов Руслан: «ХIакъикъаталда, рищиял ругилан кколеб гьечIо республикаялда. ГьечIо букIине кколеб къеркьей рищиязулъ, гьечIо жидерго программагун цере рахъулел кандидатал, гьечIо дебатал. Цониги тIалъиялде унев чияс гьабулеб гьечIо анализ, щай Дагъистаналда гьадинаб ахIвал-хIал бугеб ва щиб гъос гьабизе бугебали. Жакъа къоялъ киналго партиял лъугьун руго тIалъиялъ рахъ кколеб «Цолъараб Россия» партиялъул филиалаллъун.

Къеркьей гьечIолъиялъ бихьизабулеб буго гьеб. Бугониги къеркьей букIине бегьула гIицIго МахIачхъалаялда, щайгурелъул халкъ гIемераб буго ва жидерго интересал ругел чагIи цIикIкIун руго. Кин бугониги, дир хIисабалда рищиял гIодориччан ине руго, щайгурелъул гьечIо цониги тIалъиялъул партиялъе мукIурлъичIого живго унев кандидат».

Бищун кIудияб къеркьей букIине буго Буйнакскиялдаян хъвалеб буго рузман къоялъ къватIибе бачIараб республикаялъул прессаялда. Лъалеб букIахъе, 4 сентябралъ гьенисан чанго чи ун рукIана республикаялъул прокуратураялде гIарзагун, болжал щвелалдего шагьаралъул бетIер вищулел рищиял нахъе рахъеян. 8 абилеб сентябралъ Буйнакскиялда нахъойги бетIерлъун вищана ХIусен ХIамзатов.

Гьеб къоялъ ракIарун рукIана оппозиялъул хIаракатчагIи агрегаталъул заводалда аскIоре ва гьениб тIобитIана «руцIцIунчIеялъул акция». Данделъаразул пикруялда рекъон, гьеб букIана тIалъиялъ жидеде кIвар буссинабизе гIуцIараб акция. 9 сентябралъ оппозициялъ рищиязул хIасилаздаса рази гьечIилан шагьаралъул диваналде гIарза кьуна. Кинаб бугеб ХIамзатов вищиялъул къанун хвезабиялъул хIужаяли «Эркенлъи» радиоялъе бицана оппозициялъ кандидат ГIусманов ГIуманил кумекчи МухIамадов Нурудиница.

МухIамадов Нурудин: «ГIарзаги кьун нахъе муниципалияб гIуцIиялъул бетIер нахъе унеб мехалда гьес иналъе гIилла бичIчIизабизе ккола. Гьедин бокьараб мехалъ рачIун, ун бегьуларелъул. Къануналда мухIканго хъван буго, жиндиего бокьун нахъе арав, ялъуни депутатлъун вищун, ялъуни республикаялъул бетIерас нахъе витIун арав бетIер, гьеб гIилла сабаблъун цIидасан лъазарурал рищиязда гIахьаллъизе бегьуларо. Гьединлъидал, нижеда батун буго къанун хвезабиялъул хIужа ва диваналда гьеб чIезабизе буго».

Рищиязда къеркьей букIине буго Дагогни шагьаралдаги. Гьениб аслияб къеркьей унеб буго Халкъияб Собраниялъул депутат Изилов АхIмадил ва гъоркь вукIарав районалъул бетIер Галимов Галимил командаязда гьоркьоб. КIиявго вуго «Цолъараб Россия» партиялъулал, амма кIиясго партиялда къазарулел руго жидерго рахъ кколел чагIи. Буйнакскиялдаго гIадин, гьенивго шагьаралъул бетIер вищулеб вукIана цевеккун.

Рищиял тIоритIизе кколан жакъа, амма сон киналго кандидатаз жидерго документал нахъе росана ва рищиязда гIахьаллъизе инкар гьабуна. БакIалъулаб муниципалияб газеталъул бетIерав редактор ХанмухIамадов МухIамадил рагIабазда рекъон, рищиял нахъе рахъиялъе гIиллалъун ккана гьезул цонигияв республикаялъул тIалъиялъе дандеккунгутIи. Июналъул ахиралда ХъахIаб рукъалъ шагьаралъул бетIерлъун ккезавуна Изилов АхIмад, августалда гьевги нахъе вачун гьесул заместитель Халилов Алахверди ккезавуна, хадуб абулеб букIана Дербенталда бугеб Ростелеком абураб компаниялъул нухмалъулев Гашимов Зейдулла ккезавулев вугилан бицунеб буго журналистас.

Рищиял жакъа нахъе рахъана Дербент шагьаралдаги. Гьенив I6 сентябралда вищизе кколев вукIана шагьаралъул бетIер. БакIалъулаб администрациялъул пресс-хъулухъалда «Эркенлъи» радиоялъе бицана, рищиял нахъе рахъизе хIукму гьабунин шагьаралъул депутатазул данделъиялъ тIаде гIунтIулеб 2000-сонил юбилей сабаблъун.

Рищиязда гIахьаллъизе конкурсалъулаб комиссиялде документал кьун руго Пачалихъияб думаялъул депутат СафаргIалиев ХIажиметица, медикияб колледжалъул нухмалъулей ХIамзатова Светланаца ва экономист Пашаев Маирица. Гьезги тасдикъ гьабуна рищиял нахъе рахъиялъе гIилла шагьаралъул юбилей бугилан. Кин шагьаралъул депутатаз цо къоялъ бетIер вищиялъ юбилеялъе квал-квал гьабизе бегьулебали жаваб кьечIо я шагьаралъул администрациялда, ялъуни депутатазул данделъиялда.

МахIачхъалаялда тIоцере рищизе руго шагьаралд жанисел мухъазул депутатал, хадуб гьездасан гIуцIизе буго шагьаралъул парламент. Гьеб парламенталъул депутатаз вищизе вуго шагьаралъул бетIер. ГьабсагIаталда бетIерасул хъулухъ тIублев Мусаев Мусае республикаялъул бетIерасул кумек щвараб къагIида. 9 сентябралда халкъалъулгун гьабулеб чIагояб эфиралда Рамазан ГIабдулатIиповас абуна жинца тIокIав тахшагьаралъул бетIер хисизе гьечIин.

ХутIарал муниципалиял гIуцIабазда гьечIо кинабгIаги къеркьей, киса-кирего бергьизе руго «Цолъараб Россия» партиялъул депутатал абун хъвалеб буго республикаялъул прессаялда.

XS
SM
MD
LG