МагъчIваялъе рес

Кандидатазул сияхIалда руго хIакимзабазул лъимал


Лъабго анкьидаса дагьаб заман хутIун буго МахIачхъала шагьаралъул депутатал рищизе. Амма жеги къватIибе загьирлъараб ахIи-хIур гьечIо гьелда тIасан. Гьезул сияхIалги дагьалъ церегIан загьирлъана.

Депутатлъиялде кандидатал рихьизарун руго «Трудовая партия России», «Единая Россия», «Справедливая Россия», «Правое дело», ЛДПР, КПРФ, «Патриоты России» партияздасан.

Бищун кутакаб сияхI бугин ЕР-лъулин рикIкIуна республикаялда гIемерисез. Масала, нусидаса цIикIкIун кандидат ккола комерсантазда гьоркьоса, гIицIго 35 гIанасев чи - гIадатиязда гъорлъа. Гьединго гIезегIан руго республикаялда машгьурал политиказул лъимал. Масала, Карачаев Имам – тIабигIат цIуниялъул министр Сапиюла Карачаевасул вас, гьединго гьесулго вацгIал Насир Карачаевги. Гьесул эменги Дагъистаналъул парламенталъул депутат ккола. Гъизилюрт мухъалъул нухмалъулев МухIамад Шабановасул вас – МухIамад, Центробанкалъул вукIарав нухмалъулев Сиражудин Илясовасул вас Марис.

Руго искусствоялъул чагIиги - кочIохъаби Мухсин Камалов, ГIайшат Айсаева, ГIурус театралъул актриса Нина Тушишвили. Гьединго буго машгьурав шахматист Джакай Джакаевасул цIарги. Амма гьел чагIи киданиги рихьуларо политикаялда гъорлъ гIахьаллъулел.

Гьединго рищиязул комиссиялдаса ЭР-хъе щварал баяназда рекъон, дагьалъ цере тIасан хIуччал цIан руго Дагъистаналъул парламенталъул спикер Хизри ШихсагIидовасул вас Уллубий ШихсагIидовасдаги, «Цумада» АхIмадин абулев ГъазимухIамадов АхIмадидаги, «Железка Мага» ян абулев МухIамадов Шамилидаги. Гьелъие гIиллалъун ккун буго исана августалъул байбихьуда спикерасул вас Даниял ШихсагIидов туснахъ гьавиги, гьесда цевехун Гъизляр мухъалъул нухмалъулев Андрей Виноградов туснахъ гьавиги. Гьел киналго рикIкIуна спикер Хизри ШихсагIидовасулги низам цIунулез федералияб цIех-рехалде кьурав Дагъистаналъул Пенсиязул Фондалъул нухмалъулев Сагид МуртазагIалиевасулги сверухълъиялдаса чагIилъун.

Гьел сияхIал къватIир загьирлъилалдего бицен букIана ШихсагIидовас гьенире жиндирго чагIи ккезарулел ругин, экс-мэр СагIид Амировасул чагIаз жидералго ккезарулел ругилан. Гьелда сверухъ багъарараб ахIи-хIур букIана гьанжегIагар МахIачхъалаялъул мэрасул ишал тIураялдаса нахъе арав МухIамад Сулеймановасдаги Хизри ШихсагIидовасдаги гьоркьоб ккараб дагIба. Жиндирго васги ЕдРоялъул сияхIалдасан вихьизавулев вукIун вуго Сулеймановас. Гьелда дандечIун вуго спикер ШихсагIидов. Гьеб мехалда Сулеймановас бадибчIван буго гьесда дурго вас Буйнакск мухъалда нухмалъи гьабулев тараб мехалда, жиндир вас гьеб сияхIалданигийищин вукIине бегьуларевилан.

Абухъего, 24 августалда спикер Хизри ШихсагIидовас республикаялъул хIукуматалда букIараб данделъиялда хасаб лъазабиги гьабуна. Жиндир вас Даниял ШихсагIидов туснахъ битIун гьавун вугищали хитIаб гьабунин жинца Россиялъул президент Владимир Путинихъе, гьединго гьесул ургъел гьабун, жиндир ракI-макI гьабурал чагIазе баркалаги кьуна.

13 сентябралда МахIачхъалаялдасан шагьаралъул депутатлъиялде рищизе ругел гIадамазул сияхI щибги хIисабалде босун, гьел кандидатазулъ щиб гIамал-хасиятги берцин бихьун гIуцIарабали бугин жинда бичIчIулареб жойин абуна ЭР-лъе «РИА-Дербент» агентлъиялъул аналитик Муса Мусаевас.

Муса Мусаев: «Рищиял тIаде щвезе дагьабго заман хутIараб мехалдайищ кандидатазул сияхI къватIиб загьир гьабулеб? Гьеб цо. КIиабизе бугони, дова тIалъиялда вугев чанго чиясда лъан гурони, халкъалда лъаларо кинаб къагIидаялдалъун гьел чагIи гьенир сияхIалде росаралали. Гьезул цониги кандидатас вахъун цевегун бицинчIо жиндир программа кинаб бугебали. БатIаго цебеги гьедигIан эркенго рес букIунароан кандидатура лъезе. БукIинчIониги, цо ххвелгIаги гьабулаанха – телевидениялдасан кIалъалаан, дискуссиял гьарулаан, гIадамалгун дандчIвалаан. Жал щалали бицунаан. Жидеего гьез гьаркьал кьезелъун, кандидатаз цо гIиси-бикъинал мурадалгIаги тIуралаан гIадамазул – цоязе лъим бачунаан, цогидазе канлъи кьолаан. Яги чакарниги бикьулаан. Дица абулеб гьечIо гьез битIун гьабулеб букIанин – гьеб жо ришват кьей кколелъул. Амма халкъ хIалеб ххвел гьабулаан гьез. Гьанжейин абуни зодоса росарал кинигин, росун лъун руго гьадара хIакимзабазул лъималазулги, гIагарлъиялъул чагIиги рихьизарурал сияхIал. Гьединлъидал нилъеца гьаркьал кьезе кколел руго нилъеда тIасахун рихьизарурал чагIазе. Рищиял кирха гьенир ругел, конкуренцияги киб бугеб?»

ПалхIасил, гьадаб цебехун бицине байбихьараб МахIачхъалаялъул шагьаралъул депутатлъиялде кандидатал ракIарун гIезабураб сияхIалда руго жеги Халкъияб Мажлисалъул депутаталги – МухIамад ГIарацилов, Мадер Канберов, Фикрет Ражабов, Эдуард Хидиров, гьединго бакIал раялъулгун рукIа-рахъиналъул магIишаталъул министр Ибрагьим Казибековгицин. Республикаялъул даражаялда ругел гьезие шагьаралъул депутатлъиялде ишан босун щайин гьикъулеб буго цо-цояз. Амма экспертазул пикруялда рекъон, гьел руго ургъунго гьез лъурал кандидатураби. Жидеего гьеб хъулухъ къваригIинчIониги, нагагьлъун жидерго цонигиязе щвараб гьаракьги партиялъул цониги вакиласеги кьун, гьев цевехун вехъерхъизе ургъараб къагIида. Амма гьелдаго цадахъ ракIалде щвезабизе бегьула, гьеб партиялъул вакилзабаз, «Россиялъул патриотаз» цереккунго гьарулел рукIана лъазабиял жал МахIачхъалаялъул мэрасул хъулухъалъе гIоло къеркьезе ругин абун.

Бицен гьабулел кандидатазда бараб жо гIемер буго. Масала, гьезда бараб буго (депутаталлъун рахъиндал) исана октябралда МахIачхъалаялъул мэрлъун вищулев чиясул къисмат.

XS
SM
MD
LG