МагъчIваялъе рес

«Единая Россия» партиялъул цогIаги кандидат бергьинчIо рищиязда


«Единая Россия» партиялъул цогIаги кандидат бергьун гьечIо Калинград областалъул Балтийск мухъалъул мажлисалъул рищиязда. Россиялъул ахирисеб тарихалда гьеб кколеб буго цIакъ къанагIатаб хIужа. Нижер программаялъе комментариял гьарурав «Голос» ассоциациялъул эксперт Василий Вайсенбергица лъазабуна, рищиязда гIемер рукIанин къанунал хвезариялъул хIужжаби, амма рехсараб партиялъул кандидатазул жидерго конкурентазде данде гьабулеб букIараб хIалтIи гIададагосеб букIанин, жубалеб буго гьес.

15 бакI бугеб Балтийск мухъалъул мажлисалде кандидатазул къадар бахун буго 75 чиясде. 12 мандат щун буго «Нилъее хирияб шагьар» абураб жамгIияб багъа-башариялда цолъарал жидецаго жидерго кандидатура лъуразе.

Рищиязда хадуб ххал кколеб лъиданиги бачIеб «Голос» абураб ассоциациялъул эксперт Василий Вайсенбергил рагIабазда, Балтийскалъул рищиязул кампаниялда цIакъ гIемер скандалал рукIана. Регистрациялъул даражаялдаго территориалияб рищиязул комиссиялъ 142 претендентасда гъорлъан 78-се инкар гьабуна регистрация гьабизе. АхIвал-хIалалде гъорлъе лъугьине ккана Центиралияб рищиязул комиссиялъул нухмалъулев хисулев Леонид Ивлев.

Василий Вайсенберг: «Кандидатаз тIаде балагьун чIечIого, жигараб хIалтIи гьабизе байбихьана. Гьез хъвана гIарзаби, максималияб къагIидаялда информация тIибитIизабуна. Пуланаб лахIазаталда, регионалиялцин гурел, бакIалъула рищиязул ишалде гъорлъе лъугьине ккана Централияб рищиязул комиссиялъул вакил.

Претендентазе регистрация гьабизе инкар гьабулеб букIана аслияб къагIиядаялда формалиял, доба тIанкI лъун гьечIин, гьаниб запятая камун бугин абурал, гьездаго релъарал кIвар гьечIел багьанабиги рехсон. Ай, байбихьудасаго нухмалъиялъ гIамал гьабулеб букIана жидее гIемер гьаркьал щвезе рес бугел, нухмалъиялъул партиялъе конкуренция гIуцIизе бегьулел кандидатазе рищиязде нух къазе.

Гьеб ахIвал-хIалалде дагьлъги гъваридго балагьани, гьеб хIакъикъаталдаги ккола регионалияб нухмалъиялдаги, ай губернаторасдаги бакIалъулаб нухмалъиялдаги, мухIкан гьабуни, Балтийск мухъалъул нухмалъиялдаги гьоркьоб загьирлъулеб конфликт».

Вайсенбергил рагIабазда, кандидатазул регистрация гьабун хадуб байбихьун буго гIуралъ жигараб рищиязда цебесеб кампания. Гьеб цIакъ чурукаб букIун буго киназулго рахъалдаса.

Василий Вайсенберг: "ХIалтIизаризе байбихьана "чегIерабин" абулеб пиарги, конкурентаз гьаруралин рахъаз рикIкIунел чурукал гьересиял лъазабиялги. Гьаркьал кьолеб къоялдаги рукIана къанунал хвезариялъул гIемер хIужжаби, киналго рахъаз жиде-жидер къагIидаялда рищарухъаби гIарац кьун жидеего гьаркьал кьеялде руссинариялъул лъазабиязулги регистрация гьабуна.

Аслияб схема букIана гьадинаб: гьаркьал кьун къватIире рачIунел рущарухъаби данчIвалел рукIана, жидеца экзит-пол, ай гьаркьал кьолезул гьикъа-бакъи тIобитIулеб бугин абулел гIадамаз. Гьез хIакъикъаталдаги гьаркьал кьуразухъ рукIарал пуланал кагътазда лъолел рукIана штампал яги печатал. Нижер пикруялда, хадур гьел штампал рихьизарун хадуб гьезие кьолеб букIун батизе бегьула гIарац.

Абизе бегьула, гьеб хIакъикъаталдаги цоцаде дандечIараб кIиго къуваталъул конкуренция букIанин. Гьел нечолел рукIинчIо киналIгаги къагIидабаздаса я гьаркьал кьолел ричун росиялъул рахъалда, я жидерго контролалда гъоркь бугеб электорат хIалтIизабиялъул, я «чIегIерабин» абулеб пиар хIалтIизабиялъул рахъалда».

Гьал соназда «Единая Россия» партиялъул кандидатал рищиязда мурадалде щвечIого хутIи, гьеб цIакъ къанагIатаб хIужжа ккола. Кинаб къимат кьезе букIараб дуца Балтийск мухъалъул рищиязе хIасилалдаги?

Василий Вайсенберг: «Рищияз бихьизабуна ахир-къадги, гьединаб хIасилалде, гьединаб дандечIеялде "Единая Россия" партия хIадур букIун гьечIеблъи. Къуна гьел гьел рищиязда. Гьезие I5 мандаталда гъорлъан хIасилалдги щвечIо цогIаги. Гьезда гьанже ракIалда буго, рищиязул хIасилалда хурхун инстанциязде гIарзаби кьезе. Щиб гьелъул ккелебали, балагьилаха.

Узухъда гьеб кинабго жоялда рищиялин абизе захIматго буго. Амма цогидаб рахъалдаса балагьани, гьебни дагьлъгIаги лъикI батила, кидаго цого-цо рахъ бергьунуб мехалда, гьезие лъицаниги конкуренция гIуцIизе ресал толареб фоналда».

XS
SM
MD
LG