Хасго данделъи байбихьигун данделъараб президиумалда гьев вихьичIеб мехалъги шур-шур баккана журналистазда гьоркьоб – унголъунги вахъулеб къагIида бугин Сулеймановилан. Гьедин фейсбукалдаги раккана Сулейманов политсоветалдаса нахъе гьавиялдалъун цIикIкIине ругин Олимпиялъул хIаязул чемпион ва Пенсиязул Фондалъул нухмалъулев Сагид МуртазагIалиев МахIачхъалаялъул мэрлъун ккезе бугеб ресилан абурал хъвай-хъвагIаял.
Амма дагь-дагьккун шур-шур гIодоцана – политсоветалдаса нахъе рехаразда гьоркьоб МухIамад Сулеймановасул цIар рагIичIеб мехалъ. Гьедин гьесул бакIалда политсоветалдаса нахъе рехана Дербент мухъалъул вукIарав нухмалъулев Къурбан Къурбанов (абухъего, гьев гьабсагIаталда полициялъ валагьулев вуго – цIех-рех лъугIизегIан рукъалъул туснахъалда тарав гьев тIагIун рагIула). Нахъе рехана гьединго Дербент шагьаралъул экс-мэр Имам Яралиев, Тарумовка мухъалъул нухмалъулей Марина Абрамкина, Южносухокумскалъул нухмалъулев Къурбан Къурбанчиев. Абрамкина нахъе рехараб параялъго ана къватIие.
Республикаялъул информациялъулгун басмаялъул министрасул гIакълучи МухIамад Цези рикIкIуна Сагид МуртазагIалиевасде гIагарав чилъун. Гьединлъидал зама-заманалдасан Сагид МуртазагIалиевасе МухIамад Сулимановасул тахбакI къваригIун бугин абурал харбал раккиялъе гIилла гьесда цIехезе ракIалде ккана ЭР-ялда. МухIамад Цезица жаваб кьуна хас гьабун МуртазагIалиевасда ракIалда щиб бугебали абизе кIоларин жинда, амма мэрасул батаниги, цогидаб батаниги тIадегIанаб хъулухъалъе мустахIикъав вугин Сагид МуртазагIалиев.
МухIамад Цези: «Къануназулъ хиса-басиял ккезе бегьула. Губернаторалги цогидал нухмалъулелги тIасахун тIамизе ратила. Гьеб мехалъ букIинароан хъулухъазда хурхун гьадинаб ахIи-хIур. ГьабсагIаталда бугеб гьаб ажиотажги лъикIаб жо гуро. Сулейманов вукIа, цогидал рукIа, хехаб куцалда хIукмуги къотIун чи течIони, хIалуцин лъугIизе гьечIо. ГIадамазда чIалгIунги буго гьеб ахIи-хIур. Щив вачIаниги, гIадлу-низам гьабизе кIолев чи къваригIун буго. Сагидие хIажат бугищ гьеб хъулухъ, гьечIищали дида лъаларо. Амма жого гьечIого хабарги баккуларелъулха. Батизе бегьула гьесул гьединаб ният. Шагьар низамалде бачине къваригIун буго. ГIадамазе комфорт дагь буго гьениб. ХIалтIудасаги гIемер руго харбал. Кьварарав магIишатчи хIажат вуго гьанив: абунищ – гьабулев. Сагидихъа яги цогидасухъа гьеб бажарани, лъикI букIине буго республикаялъеги, гьелъул бетIерасеги, гIадамазеги».
МахIачхъалаялъул мэрасул рищиял исана сентябралда тIоритIизе руго. Гьенир аслиял кандидатал хIисабалда гьабсагIаталда шагьаралъул кIудиявлъун кколев МухIамад Сулеймановги Пенсиязул фондалъул нухмалъулев Сагид МуртазагIалиевги рехсолел рукIана гьанжелъагIан. Амма гьанжегIагар раккана батIиял цIаралги – масала, Хунзахъ мухъалъул нухмалъулев СагIид Юсупов, хIукуматалъул вице-премьер Раюдин Юсупов, дармилгун промышленносталъул министр Юсуп ГIумавов.
Байбихьуда республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас рагьун абун букIана жинца рищиязда МухIамад Сулеймановасул рахъкквезе бугин, амма гьанже нахъа тIобитIараб цо данделъиялда гьес абуна балагьилин Сулеймановасухъа хIалтIун бажарулищали.