МагъчIваялъе рес

Яралиев аниги хутIулел гьесул чагIи


Дербент
Дербент

Дербент шагьаралъул депутатазул гIуцIиялъул нухмалъулевлъун вищана цевеги гьенивго вукIарав Мовсун РахIимов. ЛъагIалил байбихьуда гьесги шагьаралъул нухмалъулев Имам Яралиевасги хисун рукIана цоцазул хъулухъал. Гьелдалъун Яралиевасда ракIалда букIана шагьаралда жиндирго божарав чиги тун, хадусеб болжалалдаги Дербенталъул мэрлъун вачIине. Амма гьел хьулал хIорлъана II августалда живго Яралиев хъулухъалдаса нахъеги ун. Гьелдаса хадувги Яралиевасул чи хъулухъалда хутIиялда бан батIи-батIиял пикраби руго бакIалъул гIадамазул.

18 августалда Дербент шагьаралъул депутатаз жидерго нухмалъулевлъун цIидасан Мовсун РахIимов вищана. Амма гьениб ахIвал-хIал жеги хисизе рес буго, исана хаслихъе республикаялда киса-кирго рукIине руго рищиял. Гьеб мехалда батIияв чи вищизе бегьула депутатазул гIуцIиялъул нухмалъиялдеги.

Азербайжаналъулгун гIорхъода бугеб Дербент шагьаралдехун буссун буго ахираб заманалад гIемерисезул кIвар. Гьеб шагьаралъ 2000 сон бай гуребги, политикияб хIалги буго гьениб къойилго хисулеб. Дербенталъул мэрлъун вукIине лъагIалица гьабураб Имам Яралиевасул къеркьей гIадада ккана гьанже, 11 августалда нахъе ине. Гьеб хIужаялъе гIоло вищарав чи вуго дов цевехун рехсарав Мовсун РахIимов шагьаралъул депутатазул гIуцIиялъул нухмалъиялдеги. ЛъагIалил байбихьуда гьесги шагьаралъул нухмалъулев Имам Яралиевасги хисун рукIана цоцазул хъулухъал. Гьелдалъун Яралиевасда ракIалда букIана шагьаралда жиндирго божарав чиги тун, хадусеб болжалалдаги Дербенталъул мэрлъун вачIине.

Гьанже Имам Яралиев жиндиего бокьун нахъе ун хадуб, рагьун бицинчIониги, лезгияздагун азербайжаназда гьоркьоб бугин къеркьейин бицуна бакIалъул гIадамаз. КIиязего къваигIун буго шагьар жидерабголъун букIине. Гьедин гъоркьанкьида раккана харбал шагьаралъул мэрлъун Москваялдаса Россияъул Пачалихъияб Думаялъул комитеталъул нухмалъулев ХIажимет СафаргIалиев вачIунев вугилан. Гьелдаго цадахъ цогидазул пикру буго Дербенталъул коньяк гьабулеб заводалъул директор Мурад ХIажиев вачIунев вугиланги. Амма лъабабилезул пикру буго живго Мурад ХIажиевасе къваригIун бугин Дербенталда СафаргIалиев вукIине.

БатIияв чи мэрлъун ккезе Дербенталда гIемер ругел лезгиязе бокьуларин рикIкIунеб журналист ХанмухIамадов МухIамадица.

ХанмухIамадов МухIамад: «Нилъеца кверкьа биччанин Дербентилан гаргазе руго лезгиял, нагьаглъун гьениве даргияв Мурад ХIажиев вачIани. Жидер чи гьениве ккечIони, ахIи-хIур бахъинабизе буго лезгиязул журналистаз, жал къварид гьарулел ругин суал лъезе буго лезгиязул депутатазги».

Жидеца батIаго чара гьечIого лезгияв гьенив вукIине кколин суал лъолеб гьечIин бицана ЭР-ялъе лезги миллаталъул жамгIияв х1аракатчи Ислам Кличхановас. Дербенталда гIумру гьабулел ругила лезгиялги азербайжаналги гурелги, табасараналги, эрмениялги, цогидалги. Амма гьезул бицунеб бакI гьечIила. Гьединго жидер миллаталъул чагIи къварид гьарулел рукIиналъул пикруялдаги тIадчIей гьабуна Кличхановас

Ислам Кличханов: «Ахираб 25 соналда жаниб нижер халкъ нахъе цун буго, кирниги хъулухъазда толел гьечIо гьел. Советияб заманалдаса нахъего билълъанхъизабулеб политика ккола лъицаялиго нилъер халкъал цоцаде гьусулел рукIин. Гьусулелги руго унго-угоял патриотал. Гьединго Азербайжаналда тIубанго хвезабун буго миллтазул хаслъи цIуниялъул пикру. Масала, дора гIумру гьабун ругел лезгиял, магIарулал, цогидал цере раккизе толел гьечIо. Гьале Дагъистаналдайин абуни азербайжаналъулазе гIезегIан эркенлъи кьолеб буго. Масала, доле Дербенталда нухмалъиялда Азади РахIимов. Юстициялъул министрлъун вугеб мехалдаго гIезегIан суалал рукIана халкъалъул гьесие

кьезе. Гьединго гьале Мовсун РахIимовги. Абула гьев вугин Дербенталда цо хасаб къапилаялъул мурадал цIунизелъун хIалтIулев чи. Амма унголъунги халкъалъе къваригIараб суалалда тIасан цониги нухалда вихьичIо гьев чи кивниги цеве вахъун кIалъалев».

БакIалъул гIадамазул цо къокъаялъул бугеб хIинкъи ккола Азербайжаналъ щиб гьабунги Дербенталда жидерго чагIиги хъулухъазда лъун, кида-къадги гьеб кодобе босизе ракIалде бугин абураб. Масала, Азербайжаналъул генерал Садикъовас бахъулеб бугила гьединаб хIаракат. Хасго дагьалъ цее Дербенталда лъай кьеялъул бутIаялъул нухмалъиялда азербайжан миллаталъул ва гьединабго фамилиялъул Садикъова абурай гIадан тедалги цIакъго унлъана гьел харбал. Амма живго азербайжан миллаталъул журналист ХанмухIамадов Мух1амадил пикру батIияб буго. Гьей гIадан гIицIго Садикъовасул яцалъул гьудул-гьалмагъ йигин баян гьабуна гьес.

ХанмухIамадов МухIамад: «Цо гIиси-бикъинал хъулухъал кквезеги бегьула гьел Садикъоваздехун хурхун бугел чагIаз. Амма кIудиял хъулухъазде ишан лъезе гьел нахъе къазеги рес буго. Щайин абуни гьадинги киназго кIалухъ рахъулел ругелъул гьел. Дида ккола Азербайжаналъул хIакимзабазда берцин рихьизелъун, Дагъистаналъул цо-цо хIакимзабаз жидецагогицин кьезе бегьула гьезул чагIазе хъулухъал. Масала, Дербенталда аслияб къватIалдаги Азербайжаналъул вукIарав нухмалъулев ХIайдар ГIалиевасул цIар кутакалда Дагъистаналъул халкъалъе къваригIун букIиналъ гурелъул кьураб. Дорасахун дагьа-макъал инвестициял рачIинин, яги цогидаб хайир бахинилан ракIалде ккун кьуна. Гурони Азербайжаналъ Дербенталда кверщел гьабулеб бугин абураб пикру гьадингосеб жо буго. ГIицIго Путиница щибин абуниги, гьес абураб жо букIуна».

ХанмухIамадов Мух1амадица абуралда бан мисалалъе бачине бегьула МахIачхъалаялда ккараб хIужаги. МахIачхъала мэриялдаса щварал баяназда рекъон, тахшагьаралъул экс-мэр Саг1ид Амировас рагIи кьун букIун буго МахIачхъалаялда Азербайжаналъул консуллъи рагьизе. Амма гьелъухъ къажараз къачIазе кколеб букIун буго ГIазиз ГIалиевасул цIар лъураб къватI. Гьев ккола 40 абилел соназда Дагъистаналъул вукIарав нухмалъулев. Къажараз къватI къачIан хадуб, экс-мэрас гьезие инкар гьабун буго консуллъи рагьизе.

XS
SM
MD
LG