МагъчIваялъе рес

"Информациялъулаб рагъ" Дербенталда


«Дербент» сайталда экстермистиял ва халкъаздагьоркьоб кьал багъаризабулел макъалаби хъван ругин абун чанго чияс гIарза хъван буго ФСБялде. Гьеб сайталъ Дербенталдаса азербайджаналъулаздеги, жибго Азербайджаналдеги данде жал хъвалел ругила, гIарацги кьун хасгьабун гьелъие тIамурал чагIи ругила гьеб сайт гIуцIаралин лъазабулеб буго гIарзачагIаз.

Сайталъул бетIергьабаз гьел гIайибал кьучI гьечIеллъун рикIкIунел руго, Дербенталъул мэр Имам Яралиевасдаги шагьарлда кверщел къваригIарал азербайджаналъулазулги дандеккунгутIиязда бан тIибитIизабулел гьереси баянал ругин гьелилан лъазабулеб буго.

Гьал къоязда чанго чияс Москваялда Федералияб хIинкъигьечIолъиялъул идараялде «Дербент» сайталда экстремистиял ва халкъаздагьоркьоб кьал ккезабулел баянал кьолел ругин абун гIарза хъван буго. Гьел чагIаз цебехунрехсараб гьеб информсайт къайилан тIалаб гьабулеб буго. Гьединал баянал кьолел руго «Жемчужина Юга» абураб социалиял сайтазда бугеб къокъаялда. Дербенталъул ва гьениб лъугьа-бахъунелъул хIакъалъулъ хъвалеб къокъа хIисабалда лъала гьеб «Жемчужина Юга». Гьединго мухIканал гурел баяназда рекъон хас гьабун Дербенталъу мэр Имам Яралиев ва гьесул сверухълъи къватIир чIвазаризе, гьел квешаб рахъалъ рихьизаризелъун гIуцIараб къокъа буго гьеб.

ГIемерисеб нухалда Яралиев какарал баянал рукIуна гьенир. Чанго моцIица цебе гIуцIараб «Дербент» информсайт Имам Яралиевасул ва лезгиязул интересал цIунизелъун рагьун бугин абизе бегьула. ГIемерисеб нухалда гьев Дербенталъул мэр лъикIаб рахъалъ вихьизавулел гьединго лезгиязул тарихалъул, Азербайджаналъулги- Дагъистаналъулги сиясатиял гьоркьоблъабазул хIакъалъулъ макъалаби рукIуна гьенир. Имам Яралиевас гIарацги кьун биччалеб букIараб «Настоящее время» газета къан хадуб гьелъул бакIалда гьес жиндиего къваригIараб информсиясат билълъинабизе гIуцIун бугин гьеб «Дербент» сайтилан рикIкIунеб буго гIемерисез.

«Жемчужина Юга» интернет къокъа гIуцIарав блогер Вячеслав Стародубецица «Эркенлъи» радиоялъе бицана Федералияб ХIинкъигьечIолъи букIинабулеб идараялъ «Дербент» сайталда тIасан хъвараб гIарзалъе жаваб бачIинчIилан, амма гьеб гIарза хъван букIин кьучIаб жо бугилан. Гьединго гьес абулеб буго «Дербент» сайталда мекъа-мекъал баянал кьолел рукIиналъ гьездаса разигьечIел чанги ругила, гьезги гIарзал хъван ругила диваналде сайталда тIасанилан.

Вячеслав Стародубец: «Дида лъала Дербенталъул мухъалъул администрацияллъин диваналде кьун буго гьеб «Дербент» информсайт. Гьеб мухъалъул нухмалъиялъ азербайджаналъул информагентлъиялъе кьун букIараб баян гьез мекъаб къагIидаялъ, тIубан магIнаги сверизабун бахъун буго жидерго сайталда. Гьедин гьеб сайталъул хIалтIудаса разигьечIел чагIи чанги руго, республикаялъул прокуратураялдеги гьездасан чанги гIарза битIун букIин лъала дида.

Нижер къокъаялъги хъван букIана диваналде гьеб сайталда дербенталъул азербайджаналъулазул хIакъалъулъ кьучIгьечIел, гьел инжит гьарулел макъалаби рахъулел ругин абун. Жеги гьелда хурхун халгьаби байбихьун гьечIо. ЛъикI гьабун хал гьабичIониги цохIо берречIчIизабуниги бокьарав чиясда бихьула гьеб «Дербент» сайт лъиде данде хIалтIулеб бугебали. Россиялъул информалатазда щиб кканиги бищун цебе гьелъулъ кавказалъулал рукIанин абун цебе реххулеб гIадин, гьезги хъван букIуна цохIо азербайджаналъулас чIвана, азербайджаналъулас бикъанайилан».

Амма гьел церехун рехсарал гIайибал гIунтIизариялда разигьечIо гьеб «Дербент» сайталъул редактор Милрад Фатулаев. Гьес лъазабулеб буго гьеб гIарзаги ФСБядде кьун батиялда щаклъи бугила жиндир, «Жемчужина Юга» къокъаялъ ва цойгидал Имам Яралиевасда данде хIалтIулел информсурсатаз жидеего цIар гьабизе къватIибе кьураб баян бугин гьебилан.

Милрад Фатулаев: «Кьун батаниги гьеб гIарза ФСБгIаги гьениб киб букIараб? Сайтазда экстремистиял баянал кьун ругищ гьечIищали балагьулеб идара буго Роскомнадзор. Хас гьабун информалатазда хадуб халкквезе бугеб гIуцIи буго гьеб. КIиабизе босани Москваялъул ФСБ гьениб гьоркьобе кисан ккараб? Гьез гьединго хъвалеб буго нижер сайталъул лицензия гьечIила, хъвай-хъвагIай гьабун гьечIилан. Амма интернеталда гIуцIарал информсайтазеги агентлъилъеги сордо-къоялда жанир гьениве 10-20 азарго чи ваккулев ватанигицин къануналда рекъон хъвай-хъвагIай къваригIунаро. Роскомнадзоралъги гьеб тадсикъ гьабулеб буго.

Гьеб гурониги цониги къанун хвезабулеб макъалаги баянги кьун букIинчIо нижеца сайталда. Гьединлъидал гьеб буго магIна гьечIеб гIарза. Стародубецицаги гьесда нахъа ругел чагIазги жидеего цIарги рекламаги гьабизе тIиритIизарулел баянал руго гьел. Гьез ниж диваналде кьезе цохIониги багьана букIинчIо, амма гьел диваналде кьезе гIурал баянал руго нижер. Рагьун гьел «Жемчужина Юга» ва «Мой Дербент» къокъабазда гIадамал инжит гьарулел жал хъван рукIана чанги. Дербенталъул 2000 сон тIубай гьабугейин абун хъвана гьез, пачалихъалде дандежалгицин рукIана гьенир рахъун. Гьеб киналъулго скриншоталги гьарун руго дица. Гьединлъидал нижеца кьезе руго гьел диваналде».

Дагъистаналъул Роскомнадзоралъул баяназда рекъон 2012 соналдаса экстремистияллъун рикIкIине хIукму гьабун буго 14 сайт . Гьезда гьоркьор руго Шималияб Кавказалъул изнугьечIого яргъидгIуцIаразул Вилаят Кавказ ва Кавказ-Центр гIадал сайтал. Роскомназдоралъ, гьез экстремистияллъун рикIкIунел сайтал, республикаялда ругел, интернетпровайдеразда лъазабулел руго гьел сайтазде гIадамал раккун бажарулареб хIал гьабейилан. ТIубан гьединал сайтал къазе кIолел гьечIо гьезда, щай гурелъул гьезул доменал, гIемерисеб нухалда, батIиял пачалихъазда хъвай-хъвагIай гьабун рукIунелъул.

Гьанибго абизе ккола 2014 соналъ Дагъистаналъул прокуратураялъ «Кавказпресс» абулеб гIемер изнугьечIого яргъидгIуцIаразде данде хъвадарулеб сайтги экстремистияб бугин рикIкIун букIанилан. ГIемерисезда гьеб цIакъ гIадлъун букIана экстремистазде данде хъвадарулеб сайтги экстремистиябищин букIунебилан. Гьеб сайталда ругел баяназул халгьабиги Россиялдаса Британиялде чIезебакI гьарун, тIурун арай дагъистаналдаса журналист Зарема ХIасановалъул гIарзаялда рекъон байбихьун букIана прокуратураялъ. Гьеб хIукмуялда хурхун диван букIарабиищ букIинчIебищали «Эркенлъи» радиоялда лъазабизе кIвечIо, амма «Кавказпресс» сайт жеги хIалтIулеб буго.

XS
SM
MD
LG