МагъчIваялъе рес

М.ХанмухIамадов: «Имам Яралиев хадуб вертолет бачIиналде тIурун ине вуго»


Дербенталъул мэр Имам Яралиев хъулухъалдаса нахъе иналъе гIиллалъун кканила Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасе Яралиев дандеккунгутIийилан абулеб буго экспертаз. Талат къоялъ жиндиего бокьун хIалтIудаса нахъе ине гIарза хъвана Дербенталъул вукIарав бетIерас.

«Дербент» информагетлъиялъул нухмалъулев Милрад Фатулаевасул рагIабазда рекъон дагьаб цебегIан ГIабдулатIиповасулги Россиялъул президент Владимир Путинилги букIараб дандчIваялда тIубан буго Яралиевасда хIалтIи тезабиялъул суал.

Гьединго журналистас абулеб буго ГIабдулатIиповасе кигIан бокьун букIаниги Дербенталъул бетIер хъулухъалдаса вахъизе кIвечIила гьесда. Гьеб иш цебе билълъинабизе гьес чанги нухалги ралагьулел рукIанила, хIинкъаби кьеялдаса бахъараб такъиргьабиялъул ишал тIад рагьиялде гIунтIун.

Гьаниб ракIалде щвезабизе ккола, исана январалда Имам Яралиевас шагьаралъул уставги хисизабун цIидасан лъагIалица живго Дербенталъул бетIерлъун вукIунеб хIал гьабун букIана.

Экспертаз гьеб мехалда абулеб букIана Яралиевас гьедин жиндиего нух батанила гьесда Дагъистаналъул тIалъиялъе жив данде кколев гьечIолъи бичIчIун букIиналъ мехалда ва гьесул мэрасул болжалги лъугIулел рукIиндал. ЦIидасан мэрлъун вахъине гьесие тIалъиялъ рес кьолареблъи лъалаанила гьесда.

Гьеб цебехун рехсараб комбинациялдаса хадуб тIубан ццин бахъанила гьесда Рамазан ГIабдулатIиповасул, гьединлъидал байбихьанила Дербенталъул администрациялда чIухьал разе, Яралиевасда ва гьесул сверухълъиялда тIад такъсиргьабиялъул ишал рагьизейилан абулеб букIана гьеб ахIвал-хIал бичIчIулез.

Шагьаралъул ракь къануналде данде кколаредухъ бича-хисиялда бан такъсиргьабиялъул иш рагьун букIана Имам Яралиевасда Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ, амма диваналъ гьеб рагьиялъе щибго кьучIгьечIин хIукму къотIидал, къана гьеб иш.

Гьедин Милрад Фатулаевас «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда абуна ГIабдулатIиповасда гьел такъсиргьабиялъул ишал тIад рагьизарун, тIадецуй гьабун Яралиев нахъе реххизе кIвечIеб мехалда, гьес Россиялъул тIалъи хIалай ахIанила.

Гьезул рагIиялда данде вахъинчIого Имам Яралиев разилъанила хIалтIудаса ине, хасго гьеб Дербенталъул бетIерлъиялдаса нахъеги ун гьесие федералияб министерлъиялда лъикIаб хIалтIиги кьолеб бугила.

Интернеталда гIемерал харбал раккун рукIана гьанже Яралиев хIалтIудаса ун хадуб Дербенталда лезгияздаги азербайджаназдаги гьоркьоб тунка-гIусиял ккезе бегьулин абун. Имам Яралиев Дербенталдаса нахъе ани гьеб шагьаралда лезгиязул цебего гIадин рагIи билълъине бугебищилан цIехараб мехалда, Милрад Фатулаевас абуна гьев нахъе унилан абун шагьаралда лезгиязул позициязе щибго лъугьине гьечIила ва гьел церего гIадин щулаго рукIине ругилан. Гьеб хъулухъалъе гIоло миллатазда гьоркьоб дандеккунгутIиги лъугьизе гьечIилан.

Милрад Фатулаев: «Цебе Дербенталъул бетIерлъун вукIарав Феликс КазиахIмадовасул заманалде данде ккун Яралиевас шагьаралъул хъулухъал бащадго рикьа-къотIун рукIана бищун гIемер гьенир гIумру гьабун ругел азербайджаназдаги лезгияздаги гьоркьоб.

Гьеб ращалъи цIунулаго гIемераб къоги бихьана гьесда, гьединго цере гIадин дора-гьаниса рачIарал хIакимзабиги рукIинчIо гьенир хIалтIизе тIамун. ГIемерисел рукIана дербенталъулал. Гьелъги хъулухъазе гIоло миллияб суал борхулев чи вукIинчIо гьенив. Гьанжеги вукIинарин ккола дида. Гьаб сагIат Яралиевасул бакIалда заманалъ вачIун вуго Дербенталъул администрациялъул бетIерлъун вукIарав азербайджанав Азади РахIимов.

Яралиев Дербенталъул депутатазул мажлисалъул бетIерги вукIиндал гьесул бакIалдаги рищиял байбихьизегIан азербайджанав Мовсум РахIимов тун вуго. Шагьаралъул аслиял хъулухъазда азербайджанал тун ругин, лезгиял нахъе цулел ругин абун харбал рагъаризарулел рукIана цо-цояз.

Лезгиязе хIинкъизе ккараб жо гьениб щибниги гьечIо, кватIичIого гьеб лезгиязул бакIалде лезгияв тIамизе вуго. Дербенталда гIодойбиччай букIине республикаялъул тIалъиялъеги къваригIун бугелъул. Шагьаралда кутакал хиса-басиялги рукIинарин ккола дида, цохIо Яралиевас хисизабун букIараб устав цебе букIараб хIалалдеги бачун, цойгидал шагьаразулалда релълъинабилин ккола».

Имам Яраиевас цIакъ цIодораб иш гьабунин жиндиего бокьун гьанже хъулухъалдаса инилан абураб пикру загьир гьабулеб букIана гIемерисел экспертаз. Гьезда разияв вуго журналист МухIамад ХанмухIамадовги. Гьес лъазабулеб буго Яралиевасулги ГIабдулатIиповасулги дандеккунгутIи дагьабги халат бахъун букIарабани гьев цойгидал мухъалъул бутIрулго гIадин хасал идарабаз кквезе вукIанилан.

МухIамад ХанмухIамадов: «Гьесда бичIчIана заман анагIан гьесда сверун ахIвал-хIал квешлъун гуреб, лъикIлъизе рес гьечIеблъи. Хасго ахираб заманалда республикаялда хIакимзабазда сверун хасал идарабаз хIалтIи гьабизе байбихьараб мехалда нахъе ине кколеблъиялда ракIчIун батула гьесул.

Гьелдаго тIаде цIакъго хашго унеб бугеб Дербенталъул юбилеялде хIадурлъиги республикаялъул тIалъиялъ ахирги гьесда тIаде баччизабулаан. КигIан Дербенталъул нухмалъиялъ гьеб хIадурлъиялъул жаваб кьезе кколарин, гьелъие гIуцIарал хасал идараби ругин абуниги гIайиб Яралиевасде бачIунан.

Гьес цIакъ сихIираб иш гьабуна гьаб сагIат,щиб кканиги гьеб байрамалде хIадурлъиялъул жавабги Азади РахIимовас кьезе тун, жиндаго хадуб вертолет бачIиналде мухъ босулеб буго гьес гьаниса. Гьев федералияб министерлъиялде хIалтIизе ине вугин абурал баяналги мекъал ругин ккола дида. Хасал идараби хадур лъугьиналде гьев гIагараб заманалда цониги бакътIерхьул хIукуматалде гIумру гьабизе инилан тола дица».

Рамазан ГIабдулатIиповас ва Дагъистаналъул нухмалъиялъ Имам Яралиев хIалтIудаса иналда хурхун кинаб букIаниги лъазаби гьабичIо ва баян кьечIо.

Гьединго цо-цояз абулеб букIана Яралиев цIакъ захIматго унтун вугин, гьедин нахъе унев вугин хъулухъалдасайилан, амма гьел баяналги гьересиял ругин лъазабуна «Эркенлъи» радиоялда гьесул сверухълъиялдаса гIадамаз.

XS
SM
MD
LG