МагъчIваялъе рес

Э.Уразаев: «СафаргIалиевас жиндиего тамахаб бакI балагьулеб буго»


65 сон барав Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат ХIажимет СафаргIалиевас нухмалъи гьабизехъин буго Дербент шагьаралъе.

Цин СафаргIалиевас гьеб жинцаго бицун бугоан «Новое дело» газеталъул журналистасе, амма хадуб гьес нахъасан къан буго гьеб хабар.

Гьелда тIасан ЭР-ялъе гьадин бицунеб буго цебехун рехсараб газеталъул мухбир Рамазан Ражабовас.

Рамазан Ражабов: «Дихъе цояс фейсбукалдасан хъван бачIана гьединаб хабар бугилан (СафаргIалиев Дербенталде витIулев вугилан – ЭР). Цинги дица гьесухъе ахIун гьикъана, дос гьеб ритIухъ гьабуна. Жинда республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас гьикъанила мун разияв вугищин гьеб хъулухъалда, вугин абунила жинцаги.

Амма гьес тIадежубана гьабсагIаталда жеги лъаларинха кинаб процедураялда рекъон жив дове тIамилевали. Цо-цоязул пикруялда рекъон, СафаргIалиев вачIине ккола Азади Рагимовасул бакIалде Дербенталъул администрациялъул бетIерлъун.

Цогидазул хIисабалда рекъон, гьев вачIине ккола Имам Яралиевасул бакIалде. Амма гьедин лъугьине ккани, гьев вахъине ккола шагьаралъул депутатлъун. Гьанже гьел рищиязул къанунги хисун бугелъул. Гьединлъидал цин лъазабизе ккола конкурс, хадуб гIуцIула конкурсазул комиссия.

Гьелгощинал жалаздаса хадув гурони, Яралиевасул букIараб хъулухъалде гьев вачIине рес гьечIо. Азади РахIимовасул бакIалдейин абуни бигьаго вачIине рес буго – гьес дов жив хисулев чилъунги тIамун».

ХIажимет СафаргIалиев Дербенталъул нухмалъулевлъун толев вугин баккараб хабаралда тIасан ЭР-ялъе пикру загьир гьабуна гIезегIан мехалъ Дагъистаналъул нухмалъиялда вукIарав МухIамадгIали МухIамадовасул пресс-секретарьлъун вукIарав Эдуард Уразаевас.

НекIсияб тарих бугеб Дербенталъе нухмалъи гьабизе СафаргIалиевасухъа бажариялда щаклъулев вугила жив. БатIаго гьадин рикIкIине лъугьани, гIезегIан къадруялин ккарал хъулухъалги рукIанила гьесухъ – университеталда кафедраялъул нухмалъулесдаса байбихьун Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул миллияб комитеталъул нухмалъулесде щвезегIан.

Амма гьес гьабулеб кутакаб хIалтIи яги кIалъаял рагIичIила. ГIицIго байбихьуда рукIунаанила СафаргIалиевас лъайкьеялда тIасан къануназул проектал гьоркьор лъедал, Думаялда загьир гьарулел дагьа-макъалго щулиял пикраби. Амма хадуб бакIалъул нухмалъиялъул комитеталда гьединаб чIаголъи бихьулароанила ХIажимет СафаргIалиевасул.

Эдуард Уразаев: «Гьеб мехалда дида рагIичIо гьес гьениб цо кутакалда жамгIияталда ахIи-хIур бахъинабурал, яги асар гьабулел гIадал пикраби загьир гьарулеб. ГIаксалда, дир цо разилъи гьечIолъи букIунаан гьесдаса. Гьале гьанжеги – миллиял ишазул комитеталда вуго гьев.

Гьенибги бихьулеб гьечIо СафаргIалиевасда кьолболъе ваккун гьеб суал лъалеб букIин. ТIаса-масагоял жал рицунел руго – халкъазда гьоркьоб вацлъи-гьудуллъи букIине кколилан.

Гьел руго гIицIго гьес нухмалъи гьабулеб комитеталъул нухмалъулес рицине рекъарал гIадал гIаммал пикраби, штампал. Амма гьелдаго цадахъ гьадинаб лъикIлъиги буго гьесл. СафаргIалиев вуго гIадамазулгун хабар бицине лъалев, гIемераб жо лъалев чи.

ГIолохъанлъуда КВН-алда хIалевги вукIана гьев. Гьеб рахъалъ тIакIалъазе бакI гьечIо гьесда. Амма шагьаралъе нухмалъи гьабизе гIураб бажари гьечIо гьесулъ, дир хIисабалда.

Гьелда бан дир гьадинаб щаклъиги бижулеб буго. Дербенталъул бетIерлъун тезе гьес жинцаго кьураб пикругицин батизе бегьула тIадехун ругезе. Щайин абуни Россиялъул Пачалихъияб Думаялде рищиял тIаде щолел руго.

2016 соналда рукIуна гьел. Цо-цо депутатазда бичIчIулеб буго жал гьенире тIадруссине гьечIолъи, жал цойги нухалъ рищулареблъи. Гьединго нух гIолохъаназе кьезе ккеялъулги бугелъулха бицен. Гьединлъидал Дербенталъул нухмалъулесул хъулухъ батула живго вихьизавизе СафаргIалиевасда берцин бихьараб бакIлъун».

«Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиевасин абуни ХIажимет СафаргIалиев ракIалде щвезавулев вуго чанго соналъ цеве Россиялда хъахIбалъи тIатун гьабизе кколин абураб инициативагун цеве вахъарав чи хIисабалда. Гьелда тIасан макъалабиги бахIсалги рукIана республикаялда.

Гьеб практика Дербенталда гьабизе теларин хьул загьир гьабулеб буго БисавгIалиевас. Кинав мэр вукIинев СафаргIалиевасул абурабго, тIоцебе бачIунеб жаваб бугила кигIан кIваниги ГIабдулатIиповасе мутIигIав мэр вукIинин абураб.

Гьеб мутIигIлъиялъул хIасилалъ улкаялда бищунго некIсияб ва бечедаб шагьар гIуцIизегун цIунизейищ бугеб, тIадеги чIунтизейищ бугеб абураб суал гьоркьоб лъезе бегьулила цо заманалдасан.

Дербенталъул нухмалъиялда вукIарав Имам Яралиев хъулухъалдаса гIодов чIана 11 августалда. Щай жив гьениса нахъе унев вугевалиги баян гьабичIо гьес. Цо-цоязул пикру буго гьесда гьединаб хIукму республикаялъул тIалъиялъ гьабизабунин абураб.

XS
SM
MD
LG