МагъчIваялъе рес

Буйнакскалъулал: "МахIачхъалаялда ниж рихьулелцин гьечIо, Москваялда - руго..."


7 сентябралда Буйнакскалдаса 45 гIан чи гIарзалъ щун вуго Москваялде Россиялъул тIалъиялъухъе гIарзалъ. Гьез тIалаб гьабулеб буго 8 сентябралда тIоритIизе ругел шагьаралъул мэрасул рищиял гьаризе риччагейин, гьеб къануналде данде кколареб иш бугин чIезабейилан.

Буйнакскалъул мэр ХIамзатов ХIусеница цойги щуго соналъ гьеб хъулухъалдаго хутIизе вукIине, ригьтIаго шагьаралъул депутатазда вищизавизехъин вуго живго. Гьел депутатазул гIемерисел руго гьесул рахъкколел. 13 сентябралда цIидасан рищизе ккола гьел шагьаралъул мажлисалъул депутатал.

БитIараб къагIидаялъ гьел цIирищарал депутатаз вищие кколаан шагьаралъул нухмалъулевги. Амма гьел депутатазда гьоркьор жиндир рахъкколезул къадар дагьбукIине бегьулеблъиги бичIчIун ХIамзатовас 8 сентябралдаго церего рукIарал депутатазда живго вищизавизехъин вугин лъазабулеб буго, гьеб киналдасаго разигьечIел Буйнакскалдаса гIадамаз.

Гьеб жидерго разигьечIолъи ва тIалабал загьир гьарун гьел гIадамаз цин Буйнакскалда тIобитIана чанго митинг, хадур МахIачхъалаялде рачIун гьенир республикаялъул прокуратураялъул кIалтIа тIобитIана акция, аслияб майданалда гьеб тIобитIизеги хIал бихьана, амма полициялъ квалквал гьабуна. Республикаялъул прокуратураялдеги, Дагъистаналъул рищиязул идараялъул нухмалъиялъухъеги, республикаялъул тIалъиялъухъеги кагъталги хъваниги хитIабал гьарун рукIана гьез.

Дагъистаналда кигIан митингалгун акциял тIоритIаниги, гIарзал хъваниги гьелъул щибго хIасил кколеб гьечIолъи бихьун анила жал Москваялде улкаялъул тIалъиялъухъейиалн бицана «Эркенлъи» радиоялъе Буйнакскалдаса ГIалиев МухIамадица.

МухIамад ГIалиев: «Ниж ун рукIана Владимир Путинил администрациялде, «Единая Россия» партиялъул нухмалъиялъухъе гьанисан ниж ине руго Россиялъул бетIераб прокуратураялдеги. Киса-кирего ниж цIакъ лъикI къабул гьаруна, нижеца бицунебщиналъухъ гIинтIамуна. Кинавниги 45-50 гIан чи вукIана нижер, гьезде тIадеги Москваялда ругел Буйнакскалдаса гIадамалги рачIун гIезегIан кIудияб къокъа лъугьана, гьевго щинав чи къабулги гьавуна президентасул администрациялда. Нижер гIарзалги, цойгидал документалги къабулги гьаруна гьез, гьаб сагIатго нижер тIалабазул ва разигьечIолъиялъул хIакъалъулъ Шималияб Кавказалъул суалал тIуралев Россиялъул хIукуматалъул вице-премьер Александр Хлопонинидаги лъазабилин абун гьез. Дагъистаналда гьедин нижехъ гIинтIамулев чиго ккечIо.

Республикаялъул прокуратураялдеги кIиго чи гурони виччачIо, аслияб майданалдасаги нахъе гъуна. Нижгун дандчIварал «Единая Россиялъул» нухмалъиялъул ва улкаялъул бетIерасул администрациялъул вакилзабаз лъазабуна Буйнакскалъул мэрасул рищиязда сверун гьарулел ругелщинал жал гьел гIорхъолъа арал ишал ругин, гьеб къануналде данде кколареб иш бугилан. Лъабго къоялда жаниб гьеб ишалъул халшал гьабизе бугин жидецайилан лъазабуна гьез нижеда».

Дагъистаналъул рищиязул идараялъул комиссиялъул гIахьалчи ГIабдулхаликъов Самирица «Эркенлъи» радиоялъе кьураб баяналда рекъон Буйнакскалъул мэр шагьаралъул мажлисалъул цIиял депутатал рищилалда цеве вищулев вукIиналъулъ щибго къанун хвезаби гьечIо.

Самир ГIабдулхаликъов: «Шагьаралъул нухмалъулев халкъалъ гуро вищулев, гьев вищула шагьаралъул мажлисалъул депутатаз, амма хасаб комиссиялъ вихьизарун рукIине ккола кандидаталги. Гьел кандидаталги рукIине ккола шагьаралъул мажлисалъул депутаталлъун. Мэрасул болжал лъугIун ругони гьеб комиссиялъ лъазабула цIияв шагьаралъул бетIер вищизе вугилан. ЦIидасан депутатал рищун рахъинегIан гьел чIезе кколаро. 13 сентябралда ине ругел рищиязда бараб жо Буйнакскалъул бетIер вищиялъул гьечIо, гьел цоцада рухьинаризеги бегьуларо. Гьел цIидасан депутатал рищилалдего мэр вищизе вугин абун гьеб хасаб комиссиялъ лъазабун бугони гьениб щибгIаги къануналде данде кколареб иш гьечIо».

Гьеб рищиязда сверун бугеб ахIвал-хIалалда тIасан ва Буйнакскалъул бетIерасда гIадамаз чIвалел ругел гIайибазда хурхун кIинаб букIаниги баян кьолеб гьечIо Буйнакскалъул администрациялъ. Гьезул пресс-хъулухъалъул вакилзабазги «Эркенлъи» радиоялда лъазабуна жидехъе тIасан буюри бачIун бугила лъиениги кинаб букIаниги баян кьогейилан абун.

Аслияб къагIидаялъ Буйнакскалъул гIадамал разигьечIого руго шагьаралъул бищун лъикIал-лъикIал хъулухъазда ХIусен ХIамзатовас жидерго чагIи гурони толел гьечIилан, гьев нухмалъуда вукIараб 10 соналда жаниб шагьаралда цониги халкъалъе пайда бугеб бакI бачIила, шагьаралъул ракьал бизнесчагIазе бичун лъугIизабулеб бугилан. ХIусенов вачIиналде мэрлъун вукIарав ГIусманов ГIусманица гьабун букIахъин бугила шагьаралъул инфраструктураялъул иш, гьебги басралъун бугила цIияб гьабичIониги басрияб къачIазецин ХIамзатовас хIалтIи гьабулеб гьечIин абун ццин буго гIадамазул. Гьев цевехун рехсарав ГIусманов цIидасан шагьаралъул бетIерлъун вачIизе къваригIун бугин абун лъазабулел буйнакскалъулалги руго гIезегIанго.

XS
SM
MD
LG