МагъчIваялъе рес

Гъизляралда МуртазгIалиевасул ва Виноградовасул рахъккун 2000 чи данделъана


29 июлалъ Гъизляр мухъалъул Аверьяновка росулъ гьеб мухъалъул бетIер Андрей Виноградов ва Дагъистаналъул пенсиязул фондалъул нухмалъулев Сайгид МуртазгIалиевасул рахъ ккураб данделъи тIобитIана. Гьев кIиясдего чанго чи чIваялъул, террористияб къокъа гIуцIиялъул, экстремистазе кумек гьабиялъул ва изнугьечIого ярагъгуна наркотикал цIуниялъул гIайиб гIунтIизабулеб буго. Гьелда бан такъсирияб ишги рагьун буго.

Гьел такъсирал гьариялда щаклъи букIуна Андрей Виноградов 27 июлалъул радакь ккуна къуваталъул идарабаз, Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъ лъазабун буго цIех-рех лъугIизегIан гьевги туснахъ гьавейилан ва Сайгид МуртазгIалиевги халкъаздагьоркьосеб цIех-рехалде лъазавейилан. Гьаб сагIат, мухIканал гурел баяназда рекъон, МуртазгIалиев вуго Дубаялда.

Гьезул рахъккун тIобитIараб гьеб тадбиралда гIахьаллъана кIиазаргогIан чи. ЦохIо гъизляралъулал гурониги гьенире рачIун рукIана Дагъистаналъул батIи-батIиял бакIаздаса гIадамал. ЦIумада мухъалдаса бахъаралгицин рачIун рукIана гьенире гIахьалчагIи.

ХIалицаго, тIамунлъиялда бакIарулеб бугила гьенибе халкъилан абурал баяналги рукIана, амма "Эркенлъи" радиоялъ гара-чIвари гьабурав цониги чи гьелъие мукIурлъичIо. Жидеего бокьун, буге-бугелъуб кинабгоги тун, рачIанила жал гьанире Сайгидил ва гьесул чагIазул рахъ кквезейилан абуна гьез.

«Сайгид живго те!», «Сайгидидаса чорокал кверал нахъе росе!», « РитIухъльи тIалаб гьабулеб буго!», « ТIалъи мун кибе балагьун бугеб!»-илан абурал игIланалги кодор ккун бакIарун букIана гьенибе халкъ.

Гьеб арбагI къоялъ тIобитIараб данделъи митинг гурилан лъазабуна "Эркенлъи" радиолъе гьеб тадбир гIуцIаразул цояв ГIамирилаев АхIмадпашаца.

ГIамирилаев АхIмадпаша: "Нижеца мухъалъул администрациялде кагъат хъван букIана митинг гьабизе рес кьейилан абун. Гьеб тIобитIилалде 15 къоялъ цебе лъазабизе кколааниланги абун биччачIо гьез нижее акция гьабизе.

Гьединлъидал нижеца лъазабуна мухъалъул активалъул гIатIидаб данделъи тIобитIулеб бугилан. Гьеб гьукъун гьечIелъул къануналъ. Нижеца гьев Сайгид МуртазгIалиевасда ва Андрей Виноградовасда сверун къуваталъул идарабаз гьабулебщинаб жо къанун хвезаби бугин рикIкIуна.

Гьел нухмалъиялде рачIун хадуб нижер мухъалда цIияб рухI речIчIанин абизе бегьула. Гьезул бажариялдалъун, гьез ралагьарал спонсоразул гIарцуде бана чанго школа, медицинаялъул пунктал, спортивиял залал. Бюджеталда гIарац гьечIониги хIалтIи гьабулеб букIана гьез мухъ цебе тIеялъе. Гьеб данде кколарел чагIи ратилаха. Гьезул заказалда рекъон гьабулеб буго гьеб кинабго".

Данделъиялда кIалъазе яхъана Андрей Виноградовасул эбел Иринаги. Гьелъ, цIакъ ццин бахъун, лъазабуна журналистаз жиндир васасда ва гьесул ишалда сверун гIемер гьерсал рицунел ругилан. Гьесул рокъоб къануналде данде кколареб хIалаль цIунараб ярагъ батанин абурал баяналги мекъал ругила, гьеб ярагъ цIунизе хIажалъулел киналго документалги рукIанила гьесулилан.

Кколев мехалдаги гьес дандечIейги гьабичIила, лъицаниги гьев вухизеги вухичIилан. Гьединго гьелъул ццин бахъун бугоан Дагъистаналъул нухмалъиялдаги. Гьелъ абуна гьаб трибунаялдасан чанго нухалда жиндир вас веццулев вукIарав Рамазан ГIабдулатIипов щайила гьанже вуцIцIун чIун вугевилан.

Гьенийго кIалъазе яхъарай Сайгид МуртазгIалиевасул якьад Татьяна Мириновалъ бицана чIухь балелъул хасал идарабазул хIалтIухъабаз гIорхъолъа арал жал гьариялъул.

Татьяна: "Москваялдаса рачIарал цIех-рехчагIи берцинго хIалтIтлел рукIана. МаскачагIи рукIана гьенир гъалмагъир гьабулел. Автомобилазул нуцIби кьолболъа рахъун, гьениб жаниб батараб лъеде ва одеколоналде гIунтIун бикъана гьез. Рокъоб букIарабщинаб техника ана бахъун, богорокъоб букIунеб блендералде гIунтIун.

Рокъоб щибниги къануналъ гьукъараб жо батичIо. Рукъ цIунаралчагIазул ярагъги гуллбиги гуреб жо букIинчIо гьениб. Гьелда сверун жал хIазе лъугьун рукIана гьел, гьелъие хIажалъулел документал рихьараб мехалда чIана.

Гьеб кинабгоги тун дун Гъизляралде дирго рокъое щвараб мехалдаги чIухь балебин абун гьегибги кинабго кIалагъоркье буссинабун батана. ГIащтIи кьабун гъурун ратана раханцин рукIинчIел нуцIби, бегуниса бахъун батана къайи-свери.

Гьеб киналдасаго хадуб гьенибго квана-гьекъейги гьабун батана гьез, дир холодильникалъуса квенги босун, моздокалда гьабураб пивоялъул ящикги батана гьенибго реххун. Хасалоялде гьарурал компотал кванарал гIечIого гъурун сверухълъиго бодинабун батана.

Гьел чагIазда божун течIого, ритIухълъи чIезабизе ва гьеб ишалъул цIех-рех гьабизе сахав цIех-рехчи витIейин гьанивейилан абулеб буго дица Владимир Маркинидаги".

Гьеб тадбиралъул ахиралда гьелъул гIахьалчагIаз Андрей Виноградовасда ва Сайгид МуртазгIалиевасда сверун тIоритIулел хасал тадбирал льугIизе тейила, гьезда гIайиб гьечIолъи чIезабейила ва гьеб ишалъе заказ кьурал чагIи тамихIалде цIайилан абун хитIаб гьабуна Россиялъу президентасдеги, Дагъистаналъул бетIерасдеги, Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул нухмалъулев Александр Бастрыкинидеги. Гьединго гьел гIадамаз Владимир Путинида гьарулеб буго гьеб иш гьес жиндирго кверщаликье босейилан.

XS
SM
MD
LG