МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялъул мэрлъун Муса Мусаев вищана


Хамиз къоялъ МахIачхъалаялъул депутатазул мажлисалъул сессиялда депутатаз тахшагьаралъул мэрлъун вищана Муса Мусаев. Сессиялда гIахьаллъи гьабурав 39 депутатазул киназго гьаркьал Мусаевасе кьуна.

Гьесде данде рукIана МахIачхъалаялъул администрациялъул ракьазул суалазда хурхун хIалтIи гьабулеб упралениялъул бетIер МухIамадхIажи ГIабдулаевги, Дагъистаналъул росдал магIишаталъул университеталъул доцент Галина Арнаутоваги.

Гьезие депутатаз цохIониги гьаракь кьечIо. Кинавниги тахшагьаралъул нухмалъуде кандидатура лъун букIана 13 чияс. Гьел кандидатазул халгьабулеб комиссиялъ тIаса рищун хутIана гьел лъабалго.

ГIадамазул цIакъ разигьечIолъи букIана гьел рищиязда хурхун администрациялъ баянал кьунгутIиялдаса. Рищиял тIоритIилалда цебесеб къоялъул къаси гурони лъачIо комиссиялъ тIаса рищарал кандидатазул цIарал.

Мэрлъиялде рачIине ракIалда букIаразда гьоркьой йикIун йиго лъабго чIужугIаданги, сварка гьабулел чагIи, хIатта цо ччугIихъангицин. КигIан гIемер кандидатал ругониги кигIан цIакъ гьез комиссиялда цере жалго рихьизаруниги Муса Мусаев ракIчIун рищиязда бергьунеблъи лъалеб жо бугин абулеб букIана гIемерисел экспертазги.

Дагъистаналъул бетIерас гьесул рахъккун букIин киназдаго лъалеб жо бугила, гьедин тIасан бачIараб хIукму тIубалила депутатазгийилан абулеб букIана гьез.

ТIалъиялъ абуралде данде чи вахъунгутIиялъе нугIлъи гьабунин абизе бегьула гьев мэр вищиялъе ахIараб сессиялда МахIачхъалаялъул бетIерлъуде ругел кандидатазул хал гьабулеб комиссиялъул бетIер Халилов Анварица рагьун абуна киназдаго жиндица нуж Мусавасул рахъкквезе ахIулел ругилан.

Гьесулго рахъккун кIалъазе вахъана «Единая Россия» партиялъул МахIачхъалаяда бугеб бутIаялъул нухмалъулевги, хIатта коммунистазул партиялъул вакилгицин. Мусаевги Имам Шамильги дандеги ккун гьесие рецц-бакъ гьабулелги камичIо.

МахIачхъалаялда хIалтIи кин гIуцIилебали хъвараб жидерго программаялъул бицунаго МухIамадхIажи ГIабдуллаевас къокъабго кIалъайги гьабун, лъазабуна хIалтIи гьабизе ккани цин шартIал чIезаризе кколин, профессионалалгун цадахъ лъугьун гьел чIезаризе ва хIалтIи гьабизе ракIалда бугин жиндидайилан.

Галина Арнаутровалъ цин лъикI заманалъ тахшагьаралъул географиялъул бицана, гьеб кутакалда цIакъаб шагьар бугила, гьайбатаб гьава-бакъги бугила гьанибилан абун беццана МахIачхъала.

Хадубги улкаялда бугеб захIматаб хIалги, гIодобе кколеб бугеб нартил багьаги, квешаб хIалалда бугеб улкаялъул валютаги гьоркьоб течIо гьелъ, амма гьеб киналъулгоги МахIачхъалаялда гьабизе бугеб хIалтIулги кинаб хурхен бугебали баянги гьабичIо гьелъ.

Ахиралда яхъана гьей социалияб рахъалде кIвар кьезе кколила шагьаралдайилан.

Рищияздаса хадуб журналистазулгун букIараб гара-чIвариялда живго Муса Мусаевас лъазабуна бищун цебе жиндида цебе чIараб масъала бугила МахIачхъалаялда гIадлу гьаби ва гьеб цебетIеялъе план гIуцIи.

Гьединго гьес лъазабуна жиндие аслияб жо бугила кинабго хIалтIи къануналда рекъон гьабулеб букIин, шагьаралда гIумру гьабун ругел гIадамазул интересал цIуни ва хIалтIулел бакIазда профессионалал рукIин.

Гьединго гьес лъазабуна гIадлу-низамги букIине кколедухъ хIалтIи гIуцIиги жиндица МахIачхъалаялъул администрациялъул хIалтIухъабаздасан байбихьизе бугилан.

Муса Мусаев: «Цойги нухалъ шагьаралда ругел проблемабазул бицине лъугьинаро дун. Гьел гIезегIан руго, киназдагоги гьала гьел рукIин. Киналго гьел Аллагьасда гурони кIвеларо тIуразе, амма нижецаги кIвараб хIалтIи гьабизе буго гьел дагьлъизаризе ва шагьаралда гIадамазе гIумру гьабизе санагIалъалаби чIезаризе.

Гьеб хIалтIи релълъинабизе дие къваригIун руго лъайги бажариги бугел хIалтIухъаби. Гьединав гурев чи хъулухъалдаги тезе гьечIо. ЦIакъ захIматаб заманалда ккана дун тахшагьаралъул бетIерлъун, дида лъала гьеб хъулухъ къваригIарав чанги чи квенги макьуги тун рукIараблъиги.

КигIан захIмат букIаниги, гIарац гьечIин зурзудун, квалквалал гьарулел ругин абун гIарзаххине гьечIо дунги дида цадахъ хIалтIулелги. Гьеб хIалтIул хIасилги щибаб къойил бихьизе буго гIадамазда».

Журналист Альберт Эседовас «Эркенлъи» радиоялъе кьураб баяналда лъазабулеб буго Муса Мусаевас МахIачхъалаялъе июналдаса нахъе нухмалъи гьабулеб букIаниги, гьеб заманалда жаниб гьес гьабураб хIалтIул хIасил бихьичIила гIадамаздайилан, амма гIезегIан кьварун кIалъазеги кIолев, ишги билълъинабун бажарулев гIадав чи вугила гьев, гьес шагьаралда хIалтIи гьабилин кколин жиндидайилан абуна гьес.

Гьединго Альбертица абулеб буго МахIачхъалаялъул бищун кIудиял проблемабилъун рикIкIине бегьулел гIадлу биххарал бакIал раялъул, коммуналиял хъулухъазул, нухазул суалалги гьес тIураялда кIудияб божилъи бугила жиндир, щай гурелъул гьев республикаялъул бакIал раялъул ва коммуналиял хъулухъазул министрлъун вукIарав ва гьел гьел суалал лъикI лъалев чи вугелъулила.

XS
SM
MD
LG