МагъчIваялъе рес

Мухъалъул бутIрузде иргадулал гьужумал


М.Абрамкина ва С.МуртазагIалиев
М.Абрамкина ва С.МуртазагIалиев

3 августалда Дагъистаналъул цIех-рехалъул идарабаз такъсиргьабиялъул иш рагьун буго Тарумовка мухъалъул бетIер Марина Абрамкиналда тIад. Хасал идарабазул щаклъи буго гьелъ цойги бакIалъулал хIакимзабигун рекъон мухъалъулаб азарханаялъе кколеб букIараб ракь цIакъго учузаб багьаялде, жиндирго сверухълъиялъул чиясе бичун букIиналда. Гьединго гьал къоязда такъсиргьабиялъул иш рагьун буго Гъизилюрт мухъалъул администрациялъул бетIер Багьавудин Аджаматовасда тIадги. Гьес пачалихъалъул 49 рукъ, жиндидего буссинабун букIиналда щаклъи буго цIех-рехчагIазул.

Итни къоялъ Дагъистаналъул цIех-рехалъул идарабаз лъазабуна Тарумовка мухъаулъул бетIер Марина Абрамкиналда, гьей хисулесда, Тарумовка росдал нухмалъулесул ишал тIуралесда, гьебго мухъалъул азарнаялъул бетIерав тохтурасда, бакIалъул, ракьул суалалда хурхараб идараялъул кIиго хIалтIулхъанасда тIад такъсиргьабиялъул иш рагьун бугилан. ЦIех-рехчагIаз лъазабулеб буго цадахъ рекъон хIилла-рекIкI гьабун гьел хIакимзабаз мухъалъулаб азарханаялъе кколеб букIараб ракь бичун бугилан.

ЦIех-рех чагIазул баяназда рекъон 2011 соналъ Дагъистаналъул хIукуматалъул хIукмуялда рекъон Тарумовкаялъул азарханаялъул букIараб 19 000 квадратный метр ракьулги гьелда тIад рарал бакIалги республикаялъул буголъилъун рикIкIун букIана. Гъоркьисала гьеб азарханаялъул бетIерав тохтурасги, ракьул суалал тIуралеб идараялъул хIалтIухъабазги мекъи документалги гьарун, гьеб ракь пачалихъалъул буголъиялъул фондалде кьун гьечIо. Хадубккун мухъалъул бетIер Марина Абракамкиналъги гьеб ракь бичизе разилъи кьун буго. Гьедин кадастровияб къагIидаялъ рикIкIани 3 миллион багьа бугеб, эркенго бича-хисулеб бугони 7 миллионалде бахунеб гьеб ракь миллионгун I07 азарго гъурщиде бичун буго. Хасал идарабаз лъазабулеб буго гьеб ракь Абрамкиналъ жиндирго сверухълъиялъул чиясе бичун бугилан.

Интерненатла харбал раккун рукIана Абрамкина ккун йигинцин, цо-цояз хъвалеб букIана гьей тIурун батIияб пачалихъалда йигилан. Аммаа Марина Абрамкиналъул секретаралъ «Эркенлъи» радиоялда лъазабуна гьей ккунги гьечIила, хIалтIудаги йигила. Гьаб сагIат гьеб лъугьа-бахъиналда тIасан гьелъ баян кьезе гьечIилан. Амма 4 августалъ къалъудаса хадуб Абрамкиналъ фейсбукалда жиндирго гьумералда хъвана гьеб ракь дагъистаналъул буголъиялъул фондалъухъе кьезейин абун хIукму гьабун букIаниги, жий хIалтIуде ячIараб мехалда гьеб гьезухъе кьун букIинчIилан. Ва инвесторас жиндица гьениб медицинаялъулаб лъикIаб центр балин абураб мехалда, гьесухъе хIалтIизабизе кьун букIанила гьеб ракьги, гьенир рарал бакIалги. Гьеб кинабго иш Дагъистаналъул сахлъицIуниялъул министерствоялдаги лъалаанилан.

Гьединго 31 июлалда такъсиргьабиялъул иш рагьун буго Гъизилюрт мухъалул администрациялъул бетIер Багьавудин Аджаматовасдаги, ЧIикIаб росдал бегавуласдаги, ЦIияб ЧIикIаб росдал мажлисалъул депутатасдаги тIад, гьез хъулухъалдаса цIикIкIун пайда босиялда, хIилла-рекIкI гьабиялда бан такъсиргьабиялъул иш рагьун буго. ЦIех-рехчагIаз лъазабулеб буго гьел лъабазго цадахъ рекъон Гъизилюрт мухъалда басриял, риххун ине ругел минабахъа гIадамал гочинаризе хIукуматалъ бихьизабураб 48 рукъ гьез жидеего буссинабун буго. Гьел рукъзазул багьа гIаммаб къагIидаялъ 51 миллион гъурущ кколеб буго.

Марина Абрамкина
Марина Абрамкина

Ахираб заманалда Дагъистаналда республикаялъул пенсиязул фондалъул нухмалъулев Сайгид МуртазгIалиевасда сверун хасал идарабаз хIалтIи байбихьун бугелъул, гьесул къокъаялъул киналго хIакимзабиги тамихIалде цIазе ругин абурал баянал рукIана. Гьедин МуртазгIалиевасул чи вукIун ккунила Гъизляр мухъалъул бетIер Андрей Виноградовги, Буйнакск мухъалъул бетIер Даниял ШихсагIидовги гьанже ирга Марина Абрамкиналдеги щванин абулеб букIана интернеталда унел ругел бахIсазул гIахьалчагIаз.

Амма «Новое Дело» газеталъул журналист, Тарумовкаялъул ва Гъизляралъул ракьул суалазда хурхун гIемер макъалаби хъварав ва цIех-рех гьабурав МухIамад ГIабдурашидовас лъазабулеб буго Абрамкиналда тIад такъсиргьабиялъул иш рагьиялъе гIилла гьей Сайгид МуртазгIалиевасул сверухълъиялъул чIужу йикIин гурилан.

МухIамад ГIабдурашидов: «Тарумовский мухъ буго республикаялдаго захIматаб мухъазул цояб. Гьаб сагIат гьенир унел ругел лъугьа-бахъиналги нухасан гуро раккарал. Кидаго ракьазул суалалги, проблемабиги ругеб мухъ букIана гьеб. Цеве гьелъул нухмалъуда вукIарав Владимир Чепурнояс гьениб гьабичIеб хIилла-рекIкI хутIун букIинчIо, гьелъ гьеги хъулухъалдаса вахъана, гьесда тIадги такъсиргьабиялъул иш рагьун букIана, Тарумовка росдал бегавулги гьелго хIилла-рекIкIазе гIоло туснахъ гьавуна. Гьедин цунцалъ бахъизе захIматаб бакIалде ккана Абрамкина хIалтIизе. Гьей Сайгид МуртазгIалиевасул къокъаялда гъорлъе уней гIадан йикIин лъала киназдаго, амма гьесда бан гьабулеб кинабгIаги хIалтIи букIинчIо гьелъул. Гьесул ишалда бан байбихьанин Марина Абрамкиналда сверун цIех-рехин аби, дир пикруялда рекъон, мекъи буго. Гьеб ишалдеги гIемер кIвар кьезеги кколаро, щай гурелъул гIадатлъур билълъараб жо буго зама-заманалдасан мухъаздаги, идарабаздаги, контроль гьабулел гIуцIабаз халгьаби тIоритIи. Гьединабго иргадулаб халгьабиялъ тIатинабураб иш батила гьеб ракьуда хурхараб суалги. Яги цониги чияс хъвараб гIарзалда рекъон хасал идарабаз гьабулеб цIех-рехги батизе бегьула гьеб».

Ахираб заманалда республикаялда хIакимзаби кквеялда хурхун Дагъистаналъул бетIерас кьучIаб хIалалъ цониги баян кьун букIинчIин абизе бегьула гьанжелъагIан. Итни къоялъул къаси гьес телевидениялдасан кьураб официалиб баяналда абулеб буго хIукуматалъул буголъи бикъиялда ва экстремистазулгун хурхен букIиналда щаклъи бугел чагIи, щал гьел рукIаниги ва кида гьеб такъсир гьабун букIаниги, тамихIалде цIазе ругила ва гьел хIакимзабазул ишазда сверун цIех-рехги рагIалде бахъинчIого лъугIизе тезе гьечIилан. Гьединго ГIабдулатIиповас лъазабуна гьел къуваталъул идарабаз ккурал хIакимзабазул рахъккун митингалги цойгидал тадбиралги тIоритIугейилан, гьел тIоритIиялъ зарал гуреб пайда кьезе гьечIилан.

XS
SM
MD
LG