МагъчIваялъе рес

Экспертал: «Дагъистаналъул жеги чанги цевехъан вачун ине вуго тирелоялъ»


Дагъистаналда халат рахъунел руго республикаялъул пенсиязул фондалъул бетIер Сайгид МуртазгIалиевасда ва Гъизляр мухъалъул нухмалъулев Андрей Виноградовасда хурхун гьарулел хасал тадбирал.

Чанго къоялъ гьезул рокъор ралел рукIана чIухьал, 30 июлалда чIухь бана Дагъистаналъул пенсиязул фондалдаги, Виноградовасул хIалтIулеб рокъобги. Гьел тадбиразул кинал хIасилал ругелали лъазабулеб гьечIо къуваталъул идарабаз. Экспертаз рикIкIунеб буго гьел хIакимзабаздего гIадин, цойги, чанги гьелгIадал дагъистаналъул нухмалъулездехунги суалал рукIине ругила къуваталъул идарабазулилан.

30 июлалъ байбихьараб чIухь бай халат бахъунеб буго Дагъистаналъул Пенсиязул фондалда. Гьел хасал тадбирал гьеб фондалъул бетIер Сайгид МуртазгIалиевасул ишалда хурхун гьарулел ругин баян гьабулеб буго къуваталъул идарабаз.

ЦерегIан къояз гьесул рокъоб ва гIагарлъиялъул добаги бан букIана чIухь. Терроризмалъулъ гIахьаллъи гьабиялъул, гIадамал чIваялъул ва изну гьечIого ярагъ цIуниялъул щаклъи букIун халкъаздаса гьоркьосеб цIех-рехалде лъазавизе вугин гьев МуртазгIалиевилан лъазабуна гьал къоязда Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъул вакилас.

Гьелго такъсиразулъ гIахьаллъи гьабиялда щаклъи букIун Сайгид МуртазгIалиевасул яцалъул бетIергьанчи, Гъизляралъул администрациялъул бетIер Андей Виноградов жанив тIамун вуго. Гьев хIалтIулеб бакIалдаги, рокъобги, хIатта гьес бараб спортивияб залалъуцин банин хасал идарабаз чIухьалан лъазабулеб буго гъизляралъулаз. МуртазгIалиевасул ва Виноградовасул рокъоб изнугьечIого цIунараб ярагъ батанин лъазаби гуреб, тIокIаб гьел чIухь баязул хIасилал баянлъун гьечIо жеги.

МуртазгIалиевасул ва Виноградовасул рахъккураз байбихьун буго Россиялъул тIалъиялъухъе кагътал хъвазе. ЦохIо 30 абилеб июлалъ гьел хIакимзабазда гьечIеб гIайиб гIунтIизабулеб бугин, гьел хасал тадбирал къотIизе тейин абун тIалаб гьабун, 24 кагъат битIун буго Россияъул президентасухъе.

Дагъистаналъул пенсиязул фондалъул 200гIан чияс гъоркь гъулбасараб кагъатги букIана гьезда гьоркьоб. Гьединго МуртазгIалиевасда ва Виноградовасда нахъасан вахъун Россиялъул бетIерав прокурорасухъе кагъат хъван буго пачалихъияб Думаялъул депутат Ризван Къурбановасги.

Депутатас гьениб хъвалеб буго бюджеталдаса гIемераб гIарацги хвезабун, терроризмалде дандечIараб низамги лъазабун, Виноградовасул ва МуртазгIалиевасул минабахъ хасал тадбирал тIоритIи гьеб гIадада гIарац хвезаби бугила.

ЦохIо гIадатияв мухъалъул бетIер кквезеялъе гIоло хасаб рагъулаб техникаги, цойгидал аскариязул сурсаталги хIалтIизарун, хасал тадбирал тIоритIи гьеб пачалихъалъул гIарац пасат гьаби бугилан. Гьев кквезе къвригIун вукIарав батани берцинго рокъоса вачине бегьулаанила, гьев кивниги вахчун вукIинчIилан.

Гьединго Къурбановас лъазабулеб буго жиндир ццин бахъун бугила дунялалдаго цIар рагIарав, чанги пачалихъиял шапакъатазе мустахIикъав, бажари бугев нухмалъулев Сайгид МуртазгIалиев захIматаб операцияги гьабун батIияб пачалихъалда вугевгIан мехалъ щайила гьесул рокъор хасал тадбирал тIоритIаралилан.

Гьединго депутатасул разигьечIолъи буго тIолгодунялалда рагIизабун гьел чагIазул террористазулгун хурхен бугин абурал баянал тIиритIизариялдаса. Киназдаго лъалила кин Виноградовги МуртазгIалиевги экстремизмгун къеркьелел рукIарал, гьелъие нугIлъи гьабулила интернеталдасан рохьилаз гьел чIвазе хIинкъалаби кьолел рукIиналъги.

Виноградовасда ва МуртазгIалиевасда сверун хасал тадбирал байбихьун чанго къо аниги, Дагъистаналъул тIалъиялъ гьел лъугьа-бахъиназда хурхун жеги цониги баян кьун букIинчIо. 30 июлалда республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас Инстаграмм абулеб социалияб сайталда бугеб жиндирго гьумералда хъвана Сайгид МуртазгIалиевасул ва Андрей Виноградовасул хIалтIуда тIадкIалъазе бакI гьечIила жиндир, жиде-жидер бакIалда гьез лъикIал хIасилал рихьизарулел рукIанила.

Гьезде гIунтIизарулел ругел такъсиралги жив хъулухъалде вачIиналде цебего рукIун ругила, гьеб суалалда тIасан жинца кинабгIаги баян кьун бажаруларила, жиндир ракIчIолила къуваталъул идарабаз букIине кколеб къимат кьелин гьеб ишалъейилан.

Халкъаздаса гьоркьосеб кризисалъул къокъаялъул эксперт Варвара Пахоменкоца «Экренлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда абуна Сайгид МуртазгIалиевасда ва Андрей Виноградовасда сверун хасал идарабаз гьел тадбирал тIоритIиялъе гIилла бугила Россиялъул тIалъиялъул сиясаталъе гьел дандеккунгутIи.

Варвара Пахоменко: «Гьеб буго чанго соналъ цебе Кремлялъ жидеего данде кколарел чагIи Дагъистаналдаса тIагIинаризегIолон билълъинабулеб сиястат. Гьелъие байбихьи МахIачхъалаялъул мэрлъун вукIарав СагIид Амировасдасан лъун букIана. Москваялъе къваригIун гьечIо гьанир машгьурал, къо-асс бугел, халкъалде тIадецуй гьабун бажарулел, жидер тIалъиялде кинаб букIаниги дандечIей гьабун бажарулел чагIи гьанир рукIине. Гьезие къваригIун буго Дагъистан тIубан жидер кверщаликь букIине, гьединлъидал цо-цоккун тIагIинарулел руго гьединаб бажари бугел церехъаби.

Гьебго сияхIалде цойги Дагъистаналъул хIакимзаби ккелин кколаро дида. Амиров ккун хадуб гьезул гIемерисел рукIана жидерго вертолеталъухъ балагьун. ХIакимзабаздасаги кремлялъе данде кколарезда гьоркьоре гьев МуртазгIалиевги Амировги гIадал ресги, гIарацги бугел, жидеда хадур рахъине гIемерал гIадамалги ругел церехъаби ккелин ккола дида».

МГИМОялъул Кавказалъул централъул эксперт АхIмад Ярлыкаповги Варвара Пахоменкол пикруялда разияв вуго. Гьес «Эркенлъи» радиоялъе кьураб баяналда лъазабуна жинда ракIчIун лъалила жеги чанги Дагъистаналъул церехъабазда хадуб бачIине бугила вертолетилан.

XS
SM
MD
LG