МагъчIваялъе рес

Хадусев щив?


2 августалда хIилла-рекIкI гьабун гIемер гIарац бикъиялъул щаклъи букIун, къуваталъул идарабаз ккун вуго Буйнакск мухъалъул бетIер Даниял ШихсагIидов. Официалиял гурел баяназда рекъон, хасал идарабазул гьединго щаклъи буго гьес террористазе кумек гьабулеб букIиналдаги. Экспертаз гьеб лъугьа-бахъин сентябралъ Дагъистаналда рукIине ругел муниципалиял рищиязда базабулеб буго. Гьезул пикруялда рекъон республикаялъул бетIерас гьел рищиязда жиндирго чагIазде дандечIей гьабун бажарулел чагIи тIагIинарулел руго.

ГьатIан къоялъ Буйнакск мухъалъул администарциялъул бетIер Даниял ШихсагIидов ккуна къуваталъул идарабаз. Гьезул щаклъи буго гьев хIакимчияс, республикаялъул пачалихъиял бакIал раялъул системаялъул, чанго хIалтIухъангун рекъон, бюджеталдаса 46 миллион гъурущ бикъун букIиналда. Документазда рекъон Буйнакск мухъалъул Халимбекаул росулъ 50 чиясе бакI бугеб лъималазул ах базе биччараб гIарац букIун буго гьеб. Гьединаб официалияб баян кьуна, ШихсагIидовасда хурхун, лъабабилеб августалда Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъ.

Дагъистаналъул къуваталъул идарабазул цохIонигиялъ гьеб лъугьа-бахъин ккараб тIубараб къоялъ кинабгIаги информация кьолеб букIинчIо. Жидеда лъалеб жо гьечIила гьелъул щибнигийилан чIун рукIана гьел. Амма федералияб хIинкъигьечIолъиялъ хIалтIизе биччараблъун рикIкIунеб, экстремистал ва цо-цо хIакимзаби къватIирчIвазарурал баянал кьолеб, Кавказперсс сайталда, гьев хIакимчиясда хурхун хасал тадбирал байбихьарабго мухIканго гьеб киналъулго хъван бугоан. Гьенирго кьурал баяназда рекъон Даниял ШихсагIидовасул Буйнакскалда бугеб минаялъуб чIухь бан хадуб батун буго гIемераб изну гьечIого цIунараб ярагъ, наркотикал, цIикIкIараб къадаралда валюта. Гьенибго хъвалеб букIана гьесул терроризмалъулгун хурхен бугила, гьес экстремистиял къокъабазе гIарцудалъун кумек гьабулеб букIанилан. Официалиял баназда гьелъул бицун хъвараб жо гьечIо щибниги.

Гьединго Даниялил эмен, Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалъул бетIер, Хизри ШихсагIидовасул МахIачхъалаялда бугеб минаялъубги бан буго чIухь, амма гьелъул щиб хIасил ккарабали жеги лъалеб гьечIо.

ГIемерисел экспертаз Даниял ШихсагIидов кквей базабулеб буго Андрей Виноградовасул ва Сайгид МуртазгIалиевасул ишалда. Терроризмалъулгун хурхен букIиналда, чанго чи чIваялда, такъсирчагIазул къокъа гIуцIиялда щаклъи букIун 27 июлалъ ккуна Гъизляр мухъалъул бетIер Андрей Виноградов ва халкъазда гьоркьосеб цIех-рехалде лъазавизехъин вугр Дагъистаналъул пенсиязул фондалъул нухмалъулев Сайгид МуртазгIалиев. Гьезулгун лъикIал гьоркьолъаби рукIун руго ШихсагIидовазул.

Дагъистаналъул тахшагьаралъул мэрасул хъулухъалде вачIине вукIарав аслияв кандидат Сайгид МуртазгIалиевги «Единая Россиялъул» Дагъистаналда бугеб бутIаялъул кIудияв Хизри ШихсагIидовги цадахъ рекъон, сентябралда рищиязда бергьенлъи босизе ракIалда букIанин абураб пикру загьир гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе «Черновик» газеталъул бетIерав редактор Маирбег Агъаевас.

Маирбег Агъаев: «КватIичIого рукIине ругел рищиязда бергьине бищун ресги, бажариги бугел чагIи лъугIизаризелъун гьабулеб бугин сагIат республикаялда лъугьа-бахъунебилан абизе кIола дида. Лъица щиб бицаниги, гIарац бикъиги, коррупцияги Даниял ШихсагIидов кквеялъе аслияб гIилла гуро. МуртазгIалиевгун Виноградовасда сверунги хасал тадбирал байбихьиялъеги гIилла батIияб букIана. Хизри ШихсагIидов вуго Дагъистаналда рагIи билълъараб, ресги, гIарацги бугеб къокъаялъул бетIер. Гьесул васасда сверун къуваталъул идарабаз гьелщинал жал хIазе байбихьараб мехалда, Хизрил кIалъазе бакI хутIичIо.

Гьанже гьевги къуватал сиясатчагIаздаса гьоркьоса нахъе реххун хадуб, Рамазан ГIабдулатIиповасе бокьараб гьабизе, гьесие къваригIарал чагIи рищиязда бергьинаризе квалквал гьабизе гьечIо лъицаго. Республикаялда кIиабилев чилъун рикIкIунев Хизри ШихсагIидов кинаб букIаниги рагIи билълъинабун бажарулеб хIалалда течIо гьаб сагIат. Гьединго гьесул васги официалияб къагIидаялъ цохIо гIарац бихъиялъул, хIилла-рекIкI гьабиялъул ишги тIад хъван тезе гьечIо. Байбихьараб жо рагIалде бахъинабун, гьез гIагараб заманалда терроризмалъулгун хурхен букIанила, такъсирчагIазе гIарац кьолеб букIанин абун официалияб къагIидаялъги лъазабизе буго».

Гьединго Маирбегица абуна Дагъистаналда къуваталъул идарабаз жеги чанги чи кквезе вугила гIагараб заманалда. Кутакал хIакимзаби гьеб сияхIалде гьоркьоре ккечIониги, ШихсагIидовасул ва МуртазгIалиев..

МуртазгIалиевасул сверухълъиялъул хъулухъ-ишалда вугев чанги чи ккезе бегьулила гьел кьеразулъейилан.

Журналист Эдуард Уразаевас ахираб заманалда Дагъистаналда хIакимзаби кквей рищиязда базаби мекъи бугин рикIкIунеб буго. Гьесул пикруялда рекъон Рамазан ГIабдулатIиповасул магIна гьечIеб сиясат чIалгIун, Кремлялъ байбихьун буго республикаялда гIадлу гьабизе.

Эдуард Уразаев: «Цо-цо экспертазги журналистазги кватичIого Дагъистаналда рукIине ругел рищиязде цIакъ кIудияб кIвар буссинабулеб буго. Гьезие гIоло байбихьанила ШихсагIидовсдаги МуртазгIалиевадагун, Виноградовасдаги сверун хасал тадбиралин абулеб буго гьез. Дун тIубан гьезда разияв гьечIо, дир пикруялда рекъон Москваялъул божилъи хун буго ГIабдулатIиповасда. Гьес хъулухъалде вачIун хадуб цIакъ кутакал кIалъаял гьарун, рагIаби кьун, гIадамал роххизарун божизарун рукIана, амма гьесул гьабулебги бицунебги данде ккечIо. Дагъистан жинца коррупциялдасаги тухумчилъиялдасаги бацIцIад гьабизе бугинги лъазабун гьес церего рукIарал коррупционералги тухумчилъи билълъанхъизабулеб халкъги кьун хъулухъалгун хIалтIуда тана. Кремлялъул сабру лъугIун батила, ГIабдулатIипов гьезие дандекколев гьечIолъи цебего бихьулеб букIана.

Гьез гьев рикIкIуневцин гьечIо, гьелъие чанги мисалалги руго. Дагьаб цебегIан чачаналъ авариги ккун Дагъистаналдаса 11 чи хвараб мехалда, Владимир Путиница хварал чагIи нишлъер рукIаниги зигара Рамзан Къадировасда гурони бачIо. нилъер бетIерасухъе теллеграммагицин бачIинчIо. Гьединал хIужаби гIезегIан руго. Гьединлъидал гьел рищязде кIвар кьечIого гьел хIакимзаби ккун хадуб, кватIичIого республикаялда рукIине ругел чIахIиял сиясатиял хиса – басиязде кьезе ккола кIвар».

Гъизляралда рукIарал ахирал лъугьа-бахъиназдаса хадубги чанго къоялдаса гурони ГIабдулатIиповас тIадкIалъай гьабичIо, ШихсагIидов ккураб мехалдаги щибго абичIо республикаялъул бетIерас. Итни къоялъ гьесул пресс-хъулухъалъ лъазабуна гьев Сочиялда хIухьбахъиялда вугила, гьениса вуссун хадуб гьеб ишалъулъ ритIухълъи чIезабиялде кIвар кьезе бугила гьесилан.

XS
SM
MD
LG