МагъчIваялъе рес

ДахIадаев мухъалъул бетIерасда тIад такъсиргьабиялъул иш рагьун буго


Жарула ГIумаров
Жарула ГIумаров

Бащадаб лъагIалица цебего ДахIадаев мухъалъул администрациялдаса документал рахъун рукIун руго хасал идарабазул хIалтIухъабаз. Гьеб тадбиралъул хIасиллъун ккана гьал къоязда гьеб цебехун рехсараб мухъалъул бетIер Жарула ГIумаровасдаги цойги гьесдаго цадахъ хIалтIулев чанго чиясдаги тIад тIакъсиргьабиялъул иш рагьи.

Гьедин Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул щаклъи буго ДахIадаев мухъалъул нухмалъиялъ хъулухъалдаса букIинекколелдаса цIикIкIун пайда босиялда ва гьереси документал хIадуриялда.

Гьеб идараялъ лъазабухъе 2011 соналдаго Жарула ГIумаровас гьес нухмалъи гьабулеб мухъалда риххун инел ругел, басриял, гIадамаз жаниб гIумру гьабизе хIинкъи бугелин рикIкIарал рукъзал гьечIеблъи лъаниги, гьединаб чанго мина бугин ДахIадаев мухъалда, гьениса гIадамал гочинаризе кколинги абун Дагъистаналъул бакIал раялъул минисерлъиялъулгун къотIи-къай гьабун букIун буго басриялги риххун цIиял минаби разе пачалихъалъ биччараб гIарац гьеб мухъалъеги кьезе букIине.

Гьеб къотIи-къай гьабун бахъун хадуб росабазул бутIрузул кумекалдалъун гьел риххун инел ругел рукъзал ругин абурал гьереси документалги хIадурун цIиял минаби разе, къанунги хвезабун 60 миллионги ункънусго азарго гъурущги биччан букIун буго. Гьеб гIарцуде унъго кIитIалаяб чанго хъизаналъе рукъзал жанир ругел минаби ран рукIун руго.

Гьел рукъзабахъеги унголъунги басриял минабахъ гIумру гьабун ругел гIадамал гурел, мухъалъул нухмалъиялда лъикIилан ккарал чагIи гочинарун руго. Гьедин басриял минабахъа гочинаризе кколел рукIаразул ихтиярал хвезарунин абун лъазабулеб буго хасал идарабаз.

Гьеб Жарула ГIумаровасда ва гьесда цадахъ хIалтIулезда тIад гьабураб такъсиргьабиялъул иш Дагъистаналъул прокуратуралъ хасаб бербалагьиялде гъоркьеги босун буго.

Гьев ГIумаровасда тIад такъсиргьабиялъул иш рагьун бугин абун баянал тIиритIаралго, гьев хъулухъалдаса вахъизелъун, республикаялъул тIалъиялъ, ургъунго, гьабулеб иш бугин гьебилан абулеб букIана гIемерисез.

ЦIех-рехалъул идарабазда цебе-цебеги гьес гьарулел рукIарал къанун хвезабиялъул ишал рихьичIогоайищила рукIарал, гьел ишал рагьизе чанги гIиллаби рукIанила, амма гьабщинаб мехалда щибниги ГIумаровасдехун суалго букIинчIила гьел хасал идарабазулилан.

Гьанже Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасе гьев ГIумаров гьесул чи гурелъул гьев хисун гьесул бакIалда жиндирго божарав чи тезе къваригIун букIиналъ рагъаранила хасал хъулухъалилан.

ДахIадаев мухъалде гъорлъе унеб Кубачи росдал бегавуллъун вукIарав Расул Куртаевас «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда бицана гьесда тIад гьабураб такъсиргьабиялъул ишалъулъ республикаялъул нухмалъиялъул кинаб букIаниги гIахьаллъи гьечIила.

ГIумаров данде кколарел мухъалдаго гIезегIан ругила, гьел рукIунила щиб гьабунги гьесде данде жо багъаризабулел. Гьезго бахъинабун батилин гьеб такъсиргьабиялъул ишалда сверун ахIи-хIургийилан абулеб буго Расулица.

Расул Куртаев: «Дихъе щварал баяназда рекъон гьедигIан цIакъ такъсиргьабиялъул иш рагьизе кколеб хIалго букIун гьечIо гьениб. Документал букIинекколедухъ хIадурун рукIун гьечIо мухъалъул администрациялъ, тIокIаб такъсир гьениб гьечIо.

Гьел рукъзалги унголъун ран руго, гIадамал жанире рахъине бегьулел хIалалдаги руго гьел. Дун гьев Жарула ГIумаровасул рахъкколев чиги гуро, дирги гьесулги дандеккунгутIаби рукIинги киназдаго лъала, амма гьаб нухалда гьесда сверун ахIи-хIур гьев дандекколарез бахъинабун букIин якъинаб иш буго.

Гьедин босани бокьараб мухъалъул бетIерасдаги, бегавуласдаги такъсиргьабиялъул иш рагьизе багьана камун букIунаро, щибниги бикъун-хъамун гьечIониги, документал букIине кколедухъ цIун гьечIолъиги гьеб къанунхвезабилъун рикIкIине бегьула.

Чанго нухалда митингал гьарун, акциял тIоритIун Жарула ГIумаровасде данде рахъун гьесул бакIалде рачIине къваригIарал чагIи руго, гьеб жакъа байбихьараб ишги гуро, чанго соналъ халат бахъунеб буго. Гьез цебе-цебеги гьев квешаб рахъалъ вихьизавиялъе гIемер хIаракат бахъун букIана».

«Новое Дело» газеталъул журналист ва Дагъистаналъул гIелмияб централъул тарихалъул ва археологиялъул институталъул социологиялъул бутIаялъул хIалтIухъан МухIамад ГIабдурашидовасги «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда лъазабуна Жарула ГIумаровасда тIад такъсиргьабиялъул иш рагьи гьеб Дагъистаналъул бетIерас гьев нахъе реххизе букIиналъе гьабулеб бугин аби гьеб кьучIгьечIеб хабар бугилан.

МухIамад ГIабдурашидов: «Гьеб буго къуваталъул идарабаз къойил гьабизе кколеб хIалтIи, ай гьез халгьабиял тIоритIизе ккола зама-заманалдасан. Гьел тIоритIун хадуб кинаб букIаниги къануналде данде кколареб иш батани гьелъул цIех-рехги, рагьизе кколеб бугони такъсиргьабиялъул ишги рагьиларищха.

ГьедингIан цIакъ кIвар кьезе кколеб кутакаб такъсир гьечIо гьениб гьабун. Жарула ГIумраов данде кколарел гьелъул сенсация гьабизе лъугьунин абун, кутакаб иш гуро гьеб. Гьел документазда ГIумаровас лъураб цониги гъулбасгицин гьечIо, гьезул халгьабулевги гъулбасаздалъун гьел тадсикъ гьарулевги вукIана доб заманалда Жарула ГIумаров хисулевлъун вукIарав чи.

Рамазан ГIабдулатIиповасги гьев хъулухъалдаса вахъизе къваригIун букIарабани гьелщинал ишал гьарулароан, гьелъул хIажалъиги букIунаро республикаялъул бетIерасе. Гьес, дуца божилъи, ритIухъ гьабичIинги абун цIан вахъизе бегьулаан гьев ГIумаров хIалтIудаса».

Ахираб заманалда цIех-рехалъул идарабаз такъсиргьабиялъул ишал Жарула ГIумаровасда гурониги Буйнакск, Гъизляр ва Тарумовка мухъазул бутIрузда ва Гъизилюрт шагьаралъул администрациялъул бетIерасда тIадги рагьун руго.

XS
SM
MD
LG