МагъчIваялъе рес

РухI кьун тIоритIулел рищиял


АрбагI къоялъул сардилъ Гъарабудахкент мухъалъул Уллубийаул росдал бегавуласул рищиязе гIоло гIадамазда гьоркьоб ккараб кьвагьа-гIанхъиялъул хIасилалда цо чIужугIадан чIван йиго, цойги чи лъукъун вугин абурал мухIканал гурел баяналги руго. Гьединго 12 ноябралда ЦIиябкули росдал бетIерасул рищиязе гIоло, гьенив бегавуллъун вищарав Абакар Капланов цIунулел гIолохъабаца гьесде данде вукIарав кIиго чи вухун, азарханаялде ккун вуго.

Гъарабудахкент мухъалъул Уллубийаул росулъа кIиго хъизамалда гьоркьоб 11 ноябралъул сардилъ ккараб тунка-гIусиялъул хIасилалда 55 сон барай чIужугIадан чIван йиго. Гьеб лъугьа-бахъиналъе гIиллалъун ккун руго, цебехун рехсараб росдал бегавуласул рищиял. «Эркенлъи» радиоялъухъе щварал баяназда рекъон 29 октябралда Уллубийаулалъул бетIерлъун вищарав Дадашев Дадашил гIагарлъиялда ва гьесде данде вукIарав цойгидав кандидат ГIабдулманапов ГIалиханил гIагарлъиялъул чагIазда гьоркьобги гьел рищиял мекъи тIоритIанин абун даг1ба ккун буго. ГIабдулманаповасул гIагарлъи чIун букIун буго Дадашевас росдал мажлисалъул депутатазде тIадецуй гьабунила живго вищизе вукIинейилан. КIалъай ккун хадуб, цоцалъ рагъун руго гьел, хадуб гьебги кьвагьа-гIанхъиялде сверун буго. Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ гьеб лъугьа-бахъиналда бан такъсиргьабиялъул иш рагьун буго. Гьеб идараялъул вакил Егор Балашовас «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна ва гьей хварай гIаданалде лъица кьвагьарабали чIезабулеб бугила гьаб сагIат цIех-рехчагIаз ва гьеб такъсир гьабурав чи кквезе хIалтIаби гьарулел ругилан. Гьеб гъалмагъиралъул цониги гIахьалчи жеги ккун гьечIо низам цIунулез. Гьединго къуваталъул идарабаз жеги ккун гьечIо ЦIиябкули росдал бетIерцIунулелги. Гьез 12 ноябралда ЦIиябкули росдал бегавуллъун вищарав Капланов Абакариде данде рукIарал вацал Къурбанов Русланги, Къурбанов Шамильги рухун руго ва гьел гIолохъаби гьаб сагIат азарханаялде ккун ругин бицана «Эркенлъи» радиоялъе ЦIияблакалдаса жамгIияв хIаракатчи МухIамадов Рамазаница.

МухIамадов Рамазан: «Росдал администрациялъул азбаралъуб ярагъидгIуцIарал Абакар Капланов цIунулев щуго чи тIаделъана жакъа гьел Къурбановазде. Гьел рухарал гIолохъабахъ кинаб букIаниги ярагъги букIинчIо. БотIролъ автоматалъул хъундагъги кьабун бекун бетIергун вуго гьезул цояв, цойгидавги лъай-гIакълуялдаса инавун азарханаялде хъамун ана. Гьеб ахIукь рачIарал полициялъулалги тIаде ралагьун рукIана, щибниги гьабичIо гьез гьел Капланов цIунулезе, кквезеяли кир гурин гьел кколел. Капланов вуго ЦIияблак мухъалъул бетIер Айдиев ХIажил чи, гьес къазавуна гьев бегавуллъунги. ГIадамазе къваригIарав чи вукIинчIо гьев, киназдаго лъала гьев хванщинал ишазда вукIунев чи вугеблъи. Амма гIадамазухъ гIинтIамичIо лъицаниги, халкъалъул пикру цIехечIо. Сон гьел рищиязул заманалда гьанир рачIун рукIана киналниги лаказул хIакимзаби, МахIачхъалаялдасаги цойгидал мухъаздасагун шагьараздасаги. Гьел киналго Каплановасул рахъалда рукIана. Абизе бегьула гьел рищиязул заманалда гьанир Каплановасул рахъалда киналго бечедал чагIи рукIанин, гьесде данде вукIарав Султановасул рахъалда мискин халкъ букIанилан. Щиб гьабунги гьеб тIалъиялъ жидерго чи къазавичIого течIо гьенив. Рищиял тIоритIичIин гьенир, гьев Капланов восун лъунин бегавуллъиялдайилан абизе бегьула. Гьадинго ххвалие гьаруна гьел рищиял, гьев вищизе кколел рукIарал росдал депутаталги цоял хIинкъизарун цойгидазе гIарац кьун тIамуна гьесие гьаркьал кьезе».

Дагъистаналъул жанисел ишазул пресс-хъулухъалъул бетIер Фатина ГIубайдатовалъ «Эркенлъи» радиоялъе гьеб ЦIияблак мухъалда ккараб-таралда тIасан баян кьун бажаруларила жидехъа гьабсагIатилан лъазабуна. Гьеб ишалъул мухIканлъи цIехолеб бугила жидер хIалтIухъабаз, гьел вацал Къурбанова рухиялда бан жеги щивниги чи ккун гьечIинги абуна гьелъ.

Гьединго «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда МухIамадов Рамазаница лъазабуна жиндирги жидер гIадамазулги кутакалда ццин бахъун бугила иргадулаб -лъабабилеб нухалдаги ЦIияблак мухъалъул бетIерлъун Айдиев ХIажи вищун вукIиналъги. 11 ноябралда ЦIиблак мухъалъул мажлисалъул киналго депутатаз гьаракьги кьун вищун вуго гьев Айдиев. Гьес мухъалъе нухмалъи гьабулеб буго 2007 соналдаса нахъе. Чан нухалда гьесде данде ЦIияблак мухъалъул гIадамал рахъаниги, чан митингал гьез гьаруниги Айдиев хъулухъалдаса кьуричIо. МухIамадов Рамазаница абулеб буго цойгиги болжазда Айдиев бетIерлъун вукIин жидее къваригIараб иш гурила, цIидасан гьесде данде рахъине ругила жалилан. Гьединго жамагIатчияс цIакъ кIудияб гIайиб гьабулеб буго республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасдеги, гьес жинцаго чанцIулго лъазабунила нухмалъуда цого чи гIемераб мехалъ тезе бегьуларин абун, амма гьедин абуниги лъабабилеб нухалдаги халкъалда рихарав Айдиев бетIерлъун танилан. Дагъистаналъул тIалъиялъ рахъкколеб букIинчIебани кигIан цIакъ депутатазги халкъалъги вищарав нухмалъулев хъулухъалда хутIуларин абураб пикру буго гьесул.

Гьединго гьал гIагарал къоязда Дербент мухъулъул бетIерги вищана. Гьеб хъулухъалде вачIана гьеб мухъалъул бетIерасул ишал тIуразарулев вукIарав МухIамад Желилилов. Гьевги киналго депутатаз гьаркьалги кьун вищана. Гьединго киналго депутатаз гьаркьалги кьун анкьица цеве вищун вукIана Дагъогни шагьаралъул бетIер Зейдула Гьашимовги.

XS
SM
MD
LG