МагъчIваялъе рес

Гъоркьа тIаде гурел, тIаса гъоркье гIуцIулел партиял


"Родина" партиялъул цевехъан Алексей Журавлёв
"Родина" партиялъул цевехъан Алексей Журавлёв

Дагъистаналдаса 14 чияс лъазабуна жидеца "Родина" партиялдаса инкар гьабулеб бугилан. Щаяли мухIканлъизабулеб гьечIо, гIицIго нухмалъулесулгун данде ккечIин абун гурони. Гьебго заманалда Москваялдаса Дагъистаналде рачIун руго "ветераназул" партиялдаса ваиклзабиги. Гьелъие гIиллалъун ккана дагьалъ цере рищиязда бергьарал гьеб партиялдаса вакилзабаздаги Буйнакскиялъул нухмалъиялдаги гьоркьоб лъугьараб рагIи дандеккунгутIи.

28 октябралда жал «Родина» партиялдаса нахъе унел ругин лъазабуна Дагъистаналдаса 14 чияс. ЧIванкъотIун гьелъие гIилла бихьизабулеб гьечIо, амма прессаялдасан гьез тIибитIизабураб лъазабиялда абулеб буго партиялъул нухмалъулев МухIамадрасул ГIумаровас жидедехун ритIухълъи гьечIолъи бихьизабунила.

Гьеб кагътида гъоркь гъулбас лъун буго МахIачхъалаялда аскIоб бугеб Красноармейское росдал вукIарав бетIер, гьанже «Агрария» компаниялъул гендиректор Абубакар КъурбанисмагIиловас, МахIачхъалаялъул депутатлъун вукIарав Набиюла КъурбанисмагIиловас ва цогидаз.

ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда «Родина» партиялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей Жемилят Ибрагьимовалъ бицухъе, гьел кколел рагIула исана сентябралда рукIарал рищиязда МахIачхъала шагьаралъул депутатазул гIуцIиялде рорчIичIолъиялда ракIхварал «Родинаялъул» вакилзаби. Шагьаралъул депутатлъун вахъун вуго гьезул кIиго чи.

Дагъистаналда гьеб партия гIуцIаралдаса чанго моцI гурони гьечIо. Гьединлъидал гьелъул фракция гьечIо республикаялъул парламенталда. Гьелъие нухмалъи гьабулеб буго цеве «Дагавтодор» гIуцIиялда вукIарав МухIамадрасул ГIумаровас.

Республикаялда партиял хасаб идеялъе гIоло гIуцIуларин бицунеб буго журналист ИсмагIилил МухIамадица.

ИсмагIилил МухIамад: «Дида ракIчIун лъала Дагъистаналдаги Россиялдаги халкъалъул пикруги цолъун гIуцIараб партия цониги гьечIо. Гъоркьа тIаде гурел, тIаса гъоркьехун гIуцIарал руго. Гьединлъидал тIалъиялъе хIажат букIинчIебани, тIадчагIаз рес кьолароан республикаялда гьеб гIуцIизеги».

Дагъистаналда «Родина» гIуцIаралдаса чанго моцI гурони гьечIо.

Гьединго 28 октябралда Буйнакск шагьаралде рачIун рукIана Москваялдаса «ветераназул» партиязул вакилзаби. Исана сентябралда республикаялда рищиял тIоритIаралдаса гьеб партиялъул вакилзабаздаги Буйнакскиялъул нухмалъиялдаги гьоркьоб рагIи дандеккунгутIи лъугьун буго.

Гьезул I7 чи ворчIун вуго шагьаралъул депутатазул гIуцIиялде. ХутIарав ункъо чи вуго «Единая Россиялдаса». Гьедин жидехъе хъулухъалги кьун, нахъе аян абулеб буго «ветераназ». Амма гьеб данде кколеб гьечIо шагьаралъул тIалъиялъе.

«Ветераназ» лъазабулеб буго жидеца ГIусман ГIусмановасул рахъкквезе бугин мэрасул рищиязда.

ГьабсагIаталда Буйнакск шагьаралда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ гьадин бицунеб буго ЭР-ялъе гьеб шагьаралдаса жамгIияв хIаракатчи МухIамад Гъазиевас.

МухIамад Гъазиев: «Гьазда хадуб чан гьабулеб гIадин, гьал депутатазда хадур лъугьун, гьел ругел бакIал сверун ккун, полициялъул «бобикал» рачIунел руго зама-заманалдасан. Цинги ахIулеб буго дуда тIад ГАИялъ гIакIа къотIун бугин, полициялде вачIайин. ГАИялъул гIакIабазул тIалаб гьанже полициялъищин гьабизе байбихьарабин гьикъула гьезда депутатаз.

Жибго полициялда жанисан нижехъе щвараб баяналда рекъон, щиб гьануги гьел чагIи «гIайибияллъун гьаризе» кьураб тIадкъай рагIула. Америкаялъул детективазда гурони бихьун букIинчIо гьединаб жо. Амма гьел полициялъулал жалго гIезегIан лъикIал гIолохъаби руго. ТIадегIанаб лъайги бугел, гIамалги лъикIал. Гьедизеги гьедун гьез жидецагоги баулеб буго гьел депутатаздаса жидее къваригIараб жо гьечIила, гIицIго тIасахун кьураб тIадкъай гурони.

КидалъагIан гьаб жо хIехьолеб? Кир аниги – гIарац, лъимал ясли-ахалде кьезе – гIарац, азарханаялде ине ккани – гIарац… Хъулухъал къваригIани – гIарац… Гьеле гьелъ рахъарал руго гъол гIолохъабиги къватIире. Бичулеб буго шагьар анисанги-добасанги. Шагьар жидер бугин, жакъа тIалъиялде вачIарав чиясулги гьесул тухум-кьибилалъухъгийищин гьебилан суал лъолеб буго гьел гIолохъабаз».

Гьединго 27 октябралда Гъизилюрт мухъалъул ЦIияб ЧIикIаб росулъги букIун буго митинг. Гьеб росдал бегавуллъиялде кандидатура лъурав Арсен Шейхов абурав чиясул кандидатураялда ракI рекъолеб гьечIоан гьезул. Гьединав чиясда божилъи гьабизе кIоларин жидеда, тIадежоялъе гьеб мухъалъул нухмалъиялда ругин Шейховасул гIагарлъиялъул чагIи, гьединлъидалги гьес жиндиего бокьар-бокьараб гьабизе.

XS
SM
MD
LG